Гьединго школазда классикиял бакъанал риччазе ругила переменабазда, цIалдохъабазул культураялъул даража борхизабиялъул мурадалда. РухIияб тарбия бижизабиялъул програмаялда тIад хIалтIулев экспертасул пикруялда, гьеб лъазаби релълъунеб буго тIоцересеб тIалабиги рачIогон, анкьабилеб тIала базе хIажатав къадахъанасда. РухIияб тарбия кьезе кканани, гьеб щибали бичIчIи букIине кколин цин, амма жакъасеб гIелалъул гьеб гьечIин рикIкIунеб буго экспертас.
Лъай кьеялъул хIалтIухъабигун тIобитIулеб санайилаб августалъул совещаниялда Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас Цогояб пачалихъияб экзаменалъул цIакъго квешал хIасилал ккарал муниципалитетазул лъай кьеялъул бутIаязул нухмалъулез хIалтIи тезе ккезе бугин, тIасинаб соналда квешал хIасилал такрарлъанийин лъазабуна.
ГIолеб гIелалъе рухIияб тарбия кьеялъул программа гIуцIизе хIажат ккун букIиналда бан, школлъималазе рухIияб тарбия кьеяялъул мурадалда Лъай кьеялъул министерлъиялда ва Культураялъул министерлъиялда, республикаялъул парламентгун цадахъ, лъавукълъигун къеркьеялъул ва культурияб лъай борхиялъул программа гIуцIизе тIадкъай кьун буго Дагъистаналъул нухмалъулес. Школалъул директоразе тIадкъай кьун буго махщалил цолъабигун цадахъ хIалтIи гьабизе ва цIалдохъаби, рухIияб лъай борхиялъул мурадалда, улкаялдаго цо бугеб Поэзиялъул театралде рачине. Гьединго Рамазан ГIабдулатIиповасул буюрухъалда рекъон, переменаялъул заманаялъ школазда классикиял бакъанал риччазе руго. Дагъистаналъул ва дуниялъул композиторазул асарал дандеросарал дискал хIадуризе тIадкъай кьун буго Культураялъул министерлъиялъе. Гьел дискал тIиритIизаризе ругила республикаялъул школазда
ХIакъикъаталдаги рухIияб лъай борхи хIажатаб бугин, гьеб суал гIорхъабалъа ун бичча-бихъан тунги бугин нилъер республикаялдайин абулеб буго гIалимчи, педагог Зулумханов Давудица. Гьев кколев вуго рухIиябгун намусалъулаб тарбия кьеялда тIасан гIелмияб хIалтIи ва программаби хъвалев чи.
ГIалимчияс баян гьабухъе, цин чигун рухIияб тарби кьеялъул бициналде, гьев чи гьеб бицунеб жоялъул бичIчIи бугев вувкIине кколев вуго, амма гьеб лъай жакъасеб гIолеб гIелалъул гьечIила. Гьеб ишги релълъунин тIоцебесеб тIалаги бачIогон, анкьабилеб тIала базе хIаракат бахъулев чиясдайилан баян гьабуна Зулумхановас «Эркенлъи» радиоялъе.
Давуд Зулумханов: « РухIиял ва жакъа къоялъул проблемабазул бицине кканани, гьелъул бичIчIи букIине ккола цин. Цин тIасиял тIалаби ралелде гъоркьа бакI къачIазе ккола. Гьелда тIад хIалтIизе ккола цин. Жакъа гIолилазе гьоркьор ричIчIунгутIиял кколел ругонани, гьезие рагъун суал тIубазе бигьаяб батулеб буго, дандбан гьеб гIунгутIи тIагIинабиялдаса. Гьезия тарбия кьезе лъугьиндал тIатунеб буго рухIияб тарбия, культурияб лъай гьечIолъи гуребги, цIализе, хIисаб суал гьабизеги лъалеб гьечIолъи гьезда. Цин лъай кьеялъул даража борхизабизе хIажат буго гIолеб гIелалъул. ЧIахIиял классазда ва тIадегIанаб лъай кьеялъул идарабазда гуреб, тIоцебесеб классалдаса бахъун гIаммаб лъай кьеялъул системаго хIалтIизабизе ккун буго,гьеб мехалъ жибго бачIуна рухIияб тарбияги , борхула культураялъул даражаги».
ГIалимчияс мисалалъе босана 30 соналъ цебе Нобелил премия Алферовасе щун букIинчIебани, жакъа айфонал ва цогидал телефонал рукIине рукIинчIилан. Гьедин, щибаб практикияб гIунгутIи тIагIинабизе хIажалъулила гIаммаб теория, гьеб ишги гьелъул бичIчIи бугеб чияс гьабураб ва хIалтIизабураб букIине кколила.
ГIемерисеб заманалда рухIияб тарбия кьей бичIчIулила динияб тарбия кьейгун, амма гьеб кколила цо рахъалъ модаяла хадур ин, цогидаб рахъалъ гьеб бугила лъавукълъиялъул хIасил.
Давуд Зулумханов: «Лъавукълъиялъ тIамула чи щибаб абурараб жоялда божизе ва гьеб системаялда хадув вилълъине. Амма гьес жинцаго тIаса бищараб до кколаро гьеб, щай гурелъул жинцаго тIаса бищизе кканани бичIчIи букIине ккола цин. Арифметика лъимада лъалеб гьечIони, дин кин лъимада бичIчIулеб, гьеб ккола цогидаз гьабулеб бихьараб гьаби. Нилъер хуриб жо бижулеб гьечIолъиялъул гIайиб мадугьаласул къед борхатго бан букIиналда гIайиб гьабун тIубазабулеб буго нилъеца. Нилъеда бихьулеб гьечIо нилъерго ругел хIакъикъиял гIунгутIаби. Жакъа ругел гIолилазда абулеб буго цо чанго хасал шартIал гьарунани мун кинабго тIубарав чи вугилан, гьеб гьезиеги гIолеб буго, амма нахъеги абила, цин кьучI гьечIогон тIох бан бажаруларо. РухIияб тарбия ва культура инсанасулъ лъавукълъи букIаго букIне рес гьечIо. Цин лъайкьеялъул даража борхизабизе хIажат буго».
Жакъа къоялда лъай- кьеялъул системаялда бугеб ахIвал-хIал гьедин букIаго гьеб ишалъулъ цебетIей букIинарин абураб пикру загьир гьабулеб буго мугIалимзабазги.