Кинал ресал ругел гьеб гIарац Дагъистаналъе щвезе ва щиб хисизабизе кколеб республикаялъул гIумруялда жаниб инвестициязе пайдаяб регион гьеб букIиналъе гIоло абураб суалалда тIасан батIи-батIиял эксперталгун гара-чIвари гьабуна нижеца.
ГьабсагIат бугелдаса лъикIаб рахъалдехун дагъистаналъул социалиябгун экономикияб ахIвал-хIал хисизе ккани нижее хIажалъулин 200 миллиард гъуруш инвестициязулилан абуна гьал къоязда Москваялда букIараб данделъиялда Дагъистаналъул нухмалъулес. Шималияб Кавказалъул федералияб округалъул нухмалъулел данделъун рукIана улкаялъул тахшагьаралда «Итар ТАСС» агентлъиялъ тIобитIараб пресс-конференциялде. Гьединаб къадар гIарцул гьечIони экономикаялъул рахъалъ гьоркьохъеб куцалъ Россиялда церетIурал регионазда ниж ращалъуларин. Бюджеталдалъун хьезариялъул рахъалъ улкаялъул киналго регионазда гьоркьоб ахирисеб бакIалда бугин Дагъистанилан бицана гьениб Дагъистаналъул нухмалъулес.
Улкаялъул бюджеталдаса гьедигIан гIемераб гIарац Дагъистаналъе циндаго биччалареблъи гIизагIан лъикI бичIчIулин ГIабдулатIиповасда. Гьениб бицен гьабулеб бугеб жо цогидаб кколин рикIкIунеб буго Андрей Меламедовас. Гьев ккола «Новое дело» газеталъул эконмикиял суалазул рахъалъ эксперт. ГIабудалтIиповас бицунеб бугеб гIарцул суалалда тIасан гьадинаб пикру буго гьесул.
Меламедов Андрей: «Гьениб бицунеб буго Дагъистан цебетIеялъул рахъалъ корпорация хIадур гьабиялъул. Гьеб корпорациялда рекъон Дагъистаналъе 50 миллиард кьезе буго бюджеталдаса 10 миллиард инвестораз ва чанго миллиард «АгроЛизинг» абураб гIуцIиялъ. Гьелъул хIакъалъулъ бицунеб букIана ГIабдулатIипвас кIиго къоялъ цебе росадал магIишат цебетIеялъул программаялъул бицунеб данделъиялда. ЦIодорав политик хIисабалад бичIчIулеб буго жинца 50 миллиардалъул бицен гьабуни жинде 20 гурони кьолареблъи, гьединлъидал 200 миллиард гъурущалда гьоркьоса гьелъул бащадабгIаги щвезе хьулад бицунеб хабар батула гьесул гьеб».
200 миллиард гъурущ гьаризе кканин цин инвестициял Дагъистаналда хIалтIизаризе инвесторал разилъулеб ахIвал-хIал букIине кколин Дагъистаналдаян рикIкIунеб буго жамгIияв хIаракатчи ГIисалмухIамад Набиевас. Къого соналъ бикъулебги хъамулебги ришватал рикьулелги чагIаз нахъеккезабураб Дагъистаналде инвестициял кьолев чи щивин вукIуневан гьикъулеб буго жамгIияв хIаракатчияс.
Набиев ГIисалмухIамад: «ГIадамалги гъобго хIалтIуда ругони хIукуматалъул хIалтIул къагIидаги хисун гьечIони кинаб инвестициязде хьул лъезе бегьулеб. Инвестициял щвезе ккани кьучIдасанго хисизабизе ккола. Гьеб цо. КIиабизе босани социалиял масъалаби церетIеялъул программаби руго масала школа, ясли-ахал цогидалги халкъалъе хIажатал идараби разе риччалеб Гьелъие биччалеб гIарац бугони гьеб батIияб суал буго, гурого инвестициял лъица гьанире кьолел?».
Москваялда букIараб данделъиялда ГIабдулатIиповас гьединго абуна хIажат бугин регионал цIеретIеялъул рахъалъ регионалияб политика хисизабизе. Гурого гьабсагIат бугеб къагIидаялъ кигIан хIаракат бахъаниги ахиралде жив рачIчIалда хутIулев вугин.
Набиев ГIисалмухIамад: «ХIалтIи гьабулеб буго гьес, дагIба гьечIо хIалтIулев вуго, къеркьолев вуго щибниги хисизабизе гIоло. Амма кигIан гьес хIаракат бахъаниги щиб цогидаз гьесие кумек гьабулеб гьечIелъул. Къого соналда жаниб нахъеккараб экономика бахъинабизеги гьедигIанго заман къваригIунелъул. Амма кигIан заман къваригIунебали лъидаха кIолеб абизе. Гьеб буго захIматаб масъала».