Ссылки для упрощенного доступа

Тарбия кьолел жамгIиятазул тIабигIатги бацIадаб букIуна


Исана Россиялъул регионазда гьоркьоб экологиялъул рахъалъ гьабулеб рейтингалда шималияб Кавказалъул республикабаз цIакъго нахъегIанасел бакIал ккун руго. 83 бакI бугеб рейтингалъул 70 бакIалда буго Дагъистан, гьелдасаги нахъе ккун буго Шималияб Осетия.

Щибаб санайилго гIадин исанаги «ГIурччинаб патруль» абураб тIолгороссиялъул жамгIияб идараялъ гIуцIана Россиялъул мухъазда гьоркьоб экологиялъулаб рейтинг. Гьеб рейтинг гIуцIизе байбихьаралдаса исана 5 сон ине буго. Гьелъулъ гIахьаллъи гьабула пачалихъалъул щибаб регионалъ. 2014 соналъ гIуцIараб гьеб рейтингалъул 83 бакIалда гьоркьоб 70 бакIалде бачIун буго Дагъистан. Нилъер республикаялдаса дагьалъ цебегIан 77 бакIалда буго Шималияб Осетия. Шималияб Кавказалъул республикабазда гьоркьоб экологиялъул рахъалъ бищунго лъикIаб хIал буго Гъабардиназулгун-Балкаразул республикаялъул, гьезда хадуб 18 бакIалда буго Карачазулгун-Черкесазул республика, Чачанал руго 44 бакIалда ва Ингушазе щун буго 54 бакI.
Европаялъул улкабазда батIа гьабун ришни бакIариялъул проблема гьечIо цебего
Европаялъул улкабазда батIа гьабун ришни бакIариялъул проблема гьечIо цебего


Бищунго бацIцIадаб гьава-бакъги, лъикIаб экологияги букIиналъе киналго тIабигIиял шартIал, рохьал, ралъад, мугIрул ругел Кавказалъул республикабазда гьеб экологиялъул рахъ нахъе ккеялъе бищун цебе гIиллалъун бугила кьищни-къул балеб бакIазул гIадлу гьечIолъи ва кинабго чороклъи-хъублъи лъелъе биччалеб букIин бугилан рикIкIунеб буго гIалимзабаз.

Биологиял гIелмабазул доктор, академик Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул экологиялъул факультеталъул нухмалъулев МухIамадов Гъайирбегил гIелмиял хIалтIабазда гьес хъвалеб буго цо-цояз абулила нилъер мухъазда кьищни-къул цойгидаб жоялде буссинабулеб хасаб завод рагьани гьеб суал тIубалин. Амма жив гьелда разигьечIин абулеб буго академикас.
Гьесул рагIабазда рекъон нилъер кьищни къулалде гьоркьоб букIунеб буго тракторалъул кескал, турараб пихъ-мичI, хъарщи-цIул, макъар, ххан, цойги чанго батIи-батIияб магъакь-кIачаралъул тайпа. Дунялалда жеги цониги бакIалда ургъун гьечIила гьединаб кьищни цадахъ босун цойгидаб жоялде буссинабулеб заводилан абулеб буго Гъайирбегица. Гьел заводал ралалде бищун цебе нилъер гIадамазе тарбия кьезе кколила, гьезда малъизе кколила кьищни-къулги батIа-батIаго бакIарун цоцаде ккезабизе ва гьеб хасаб бакIалде гурони реххунгутIизеги, гурони кинал заводал раниги, кигIан цIакъ къватI-къоно бакIарулел чагIаз гьеб кьищни бакIараниги пайда кколарилан хъвалеб буго академик МухIамадов Гъайирбегица.

«Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда Дагъистаналъул пачалихъияб педагогикияб университеталда экологиялъул дарсал кьолей ГIалибегова Заираца гьеб экологияб рейтингалъул хIакъалъулъ, гьениб Дагъистан гIодобегIанаб бакIалда букIиналъе гIиллабазул хIакъалъулъ ва республикаялда гьеб экологияб суал лъикIаб рахъалде тIубаялъул хIакъалъулъ бицана.

ГIалибегова Заира: «Бищун цебе Дагъистаналда экология хвеялъе гIиллалъун буго гьаниб кьищни-къулалъе гIадлу гьабун гьечIолъи. Бокьа-бокьараб бакIалде реххун букIуна гьеб. Гьелъие гIадлуги гьабуни, рацIцI-ракъалъи чIезабиялъе ресалги гьаруни, пачалихъалъ гьеб суалалде кIварги кьуни, гIадамал гьез малъарабги гьабун хьвадиаланха. Гьелдалъул кьищни –къулалъул суалги роцIцIинаан, амма гьаб сагIат я пачалихъалъ я гIадамаз гьелде кIвар кьолеб гьечIо. КIиабизеб иргаялда экология квешлъиялъе гIилла буго Дагъистаналде цIакъ гIемерал басриял автомобилал рачIунел рукIин, гьез къватIибе биччалеб кIкIуйдуцаги цIакъ кIудияб зарал гьабула экологиялъе. Туризм тIибитIизабизе кинал рокьаниги ресал ругеб, берцинаб тIабигIатги бугеб республика буго нилъер, гьеб рейтингалда гьедигIан гIодобегIанаб бакIалдаги букIине кколароан гьеб, нилъерго кIваргьечIолъиялъ ккун буго Дагъистан гьеб хIалалде.

Гьединго Заираца бицана экологияб ахIвал-хIал лъикIлъизабиялъулъ цIакъ кIудияб кIвар бугин лъималазулъ тIабигIаталдехун берцинаб бербалагьи бижизабиялъулъ, гьезие экологияб лъай кьеялъулилан. Гьелъие гIоло Дагъистаналъул экологал чанго соналъ школазда цIияб экологиялъул дарс кьезе байбихьизе кколин абун хъвадаранила республикаялъулги Россиялъулги тIалъиялдейин, амма цохIонигияз гьеб пикруялъул рахъ ккун гьечIо.
XS
SM
MD
LG