Гьал къоязда МахIачхъалаялъул Этноцентралда унеб буго "Дудлинг зентангл" абулеб къагIидаялъ рахъарал суратазул экспозиция.
Гьелъул куратор, художник ХIусенова ПатIиматица бицухъе гелалъул ручкаялъ рахъулел гьел суратазул аслияб хаслъи буго гьел бокьараб бакIалда рахъарал суратал рукIине бегьулеблъи. ГIадамаз гаргадулаго, сундул букIаниги пикру гьабулаго, ургъулаго кагътида рахъарал суратал унел руго "Дудлинг Зентангл" къагIидаялде гъорлъе. Кидаго гурила гьел гьадингоял мухъалги, горалги, кIечIе-мечIерабиги рукIунел, гьезухъ гIинтIамичIогоги тезе бегьуларила, гIадамас гьедин жидерго пикраби рахъулел рукIунила, рекIел хIал къватIибе кьолеб букIунилан абуна художникалъ. Европаялда гьанже цIакъ цебетIолеб рагIула гьединал суратал рахъи, щайгурелъул психологаз чIезабун буго гьеб арт-терапия кколилан. Экспозициялда рихьизарурал авторазул цоясул рагIабазда рекъон, цIияб модаялда бугеб къагIидаялъ суратал рахъулев чилъун жив Санкт-Петербургалъул метро сабаблъун лъугьанила, гьениб поезд бачIинегIан валагьун чIарав жив, гIадада вукIинчIого, суратал рахъулев вукIунаанила. Расги лъачIого телефоналъ кIалъалаго тIанчида ручка тенкезабулаго бокьарав чиясул художник вахъине бегьулила))