МахIачхъалаялда бугеб миллияб маданияталъул централда тIобитIулеб бугеб ясикIабазул экспозициялда бихьизабун буго 40 гIан расанкIо. Гьел гьарулаго художниказ гIадатияб макъарги цIулги гуреб, махх, бетон, пихъ-мичI, чIахI, хIалтIизабун буго. ХIатта, гьенир руго гунзаридул гьарурал ясикIабигицин. Амма экспозициялде рачIаразул гIемерисезе цIакъ йокьун йигоан квасул кунал гьаюрай ясикIо. Жеги киданиги бихьичIила гьединаб къагIидаялъ гьабураб расанкIойилан абулеб букIана гIадамаз. Гьелъул бетIергьан дизайнер Екатерина Дидковскаялъ экспозиция рагьулаго бицана гьеб расанкIоялъул тарих.
Гьей йикIун йиго Екатерина гьитIинго йигеб меххалдаго кIодоэбелалъ жинцаго гьелъие гьаюн йикIарай ясикIо. Щибниги батIияб жоги гьоркьоб жубазабичIого цохIо кунаца жем-жемун, хьухьун гьаюн йиго гьей. Жинда жеги киданиги гьедин гьабураб тIагIел бихьун букIинчIила, гьеб гьабулеб къагIидаги лъалеб гьечIила, гьединлъадал цойгидаздаги гьеб бихьун букIине босанила экспозициялдейилан абуна Екатеринаца.
Миллияб маданияталъул централъул нухмалъулей, искусство лъазабулей Манасова Мадинаца экспозициялде рачIаразе бицана Дагъистаналъул халкъазул ясикIабазул тарих. Кин ва сундул гьел гьарулел рукIаралали. Гьелъ бицана кутакалда махщалида гьарурал, рукIунаанила гьел цере-цере. Гьанже гIадал хIукуматалъул хIадурарал ва бокьараб ххамги, цойгидал сурсатал гьечIеб меххалда бугеб-бугеб жоялъул гьарулаанила гьел. Чанги гьел гIажаиблъи гьабизе ккарал гIадал рукIунанилан. Гьединлъидал халкъияб искусствоялъул гьеб рахъ кIоченчIого букIиналъе гIуцIанила жидеца гьаб тадбирилан бицана гьелъ.
Маххул, ганчIил, цIулал бакIа-бакIал, чIахIиял дагьал хъачIал ва гьелдаго цадахъ кIарчамал хIалтIабаздалъун лъалев Дагъистаналъул художник ва дизайнер Закарьяев Закарьяца «Эркенлъи» радиоялъе бицана жиндица гьеб экспозициялъулъ гIахьаллъи гьабиялъе гIоло кIиго анкьица тIаса вахъинчIого гьабунила бетоналъул расанкIойилан. Жиндие щиб бугониги цо батIияб, лъиданиги релълъинчIеб расанкIо гьабизе бокьун букIанилан.
Закарья Закарьяев: «Рихьизе берцинал, хIеренал гьайбатал ругин кканиги дагьал хъачIал лъугьана дир гьел расанкIаби. Амма битIараб бицани унго-унголъунги расанкIабазда релълъарал жал гьарулевин вукIаравха дун. Гьел гьарулелъул дун лъимадул бераздалъун валагьизе хIалбихьулеб букIана. Лъаларо бажаррабищали, цойгидал гIощтIоцаги, лълъиниялъги квартIицаги гьарулел дир хIалтIабазда гьоркьор гьел расанкIаби дагьал батIаго, гьайбатго руго. Амма кин букIаниги цо бихьинал, чахIиял чагIазе гIадал лъугьанин ккола дида гьел».
Закарьяца экспозициялда рихьизарун руго бетоналъул гьабураб таращги, бухун маххул гьабураб цидул тIинчIги, цIулал гьабураб гьанкIолеб цIулал чуги. Экспозициялда рукIарал киналго лъималазе рекIее гIун бугоан гьеб чу, гьелда рекIине ирга щоларого рукIана гьел.
Художник ва радиоведущая Полина Дибировалъ экспозициялда йихьизаюн йиго ботIродаса хIатIиде щвезегIан чIегIераб хIижабги ретIарай, « Тренд сезона» илан абун цIарги лъурай ясикIо. Гьелъул авторалъ абулеб буго жакъа къоялда гьеб гIолилазда гьоркьоб Дагъистаналда тIибитIулеб бугеб ретIа-къаялъул къагIидаялда сверун гIемерал бахIсал ругила, гьелъул рахъккуралги ругила, гьелде дандечIаралги ругила, амма гьелъул ругъел-сан гьабичIого лъицаниги толеб гьечIила. Гьединлъидал гIадамазул гьелде кинаб бербалагьи букIунебали бихьизе гьаюнила жиндица гьединай ясикIойилан бицана Дибирова Полинаца.
Дибирова Полина: «Гьаб ясикIоялъулъги гьелъул партал руго гIемер дандеккунгутIаби. Гьалъул буго гIемер косметика бахун къачIараб куцги, хутIараб кинабго къаркъала бахчун буго исламияб къагIидаялъ. Гьеб парталги косметикаги дандекколареб жо бугелъул гьедин хьвадулел ясалги нилъер гIемер рукIунелъул гьелда сверун чанги чи вакIарун вукIана. Гьедин хьвадул ясал рихьараб меалда гьезул гордида гъоркь щиб бугебали балагьизе бокьун букIунин ккола дида гIадамазе. Гьединлъидал гьай дир ясикIоги гордеялда гъоркь щиб бугебали бихьизе йосилин ккола дида».
Экзспозициялда рихьазарун руго кагътил , ролълъул гьарурал жалго художниказ ургъун рахъун гьарурал ясикIабиги. Хъабхъида тIад рахъарал гIурусазул матрешкабиги, матрешкабазухъего гьарурал дагъистаналъул миллияб партал ретIерал Марьяшабийилан цIар лъуразухъ ва цойгидал ясикIабазухъ чIобого балагьизе ине бегьула бокьарав чи. Экспозиция халат бахъине буго 15 январалде щвезегIан.