Ссылки для упрощенного доступа

Дербенталъулазе ХI. ГIалиевасул къватI къваригIун гьечIо


Лезгиязул жамгIиял церехъабазда ракIалда буго 29 июналда Дагъистаналъул чанго шагьаразда гьединго Москваялда кIудияб митинг тIобитIизе. Гьеб ккола Дербенталъул аслияб къватIалда Азербайжаналъул вукIарав нухмалъулев ХIайдар ГIалиевасул цIар кьеялда дандечIей лъазаби. МитингчагIаз загьир гьарулел ругел аслиял пикрабазул ва Азербайжаналъул рахъалдаса Дагъистаналъул халкъалъе гьарулел цогидалги кIвекIеназул бицунеб буго «Эркенлъи» радиоялъ хIадур гьабураб баяналда.

МитингчагIазда ракIалда буго цохIо Дагъистаналда гIумру гьабун ругел гурелги Россиялъул цогидал шагьараздасаги миллаталъул вакилзабиги гьоркьоре ахIизе. Гьедин гьанжеялдего жидерго разилъи загьир гьабун буго Тюменалдаса, Сургуталдаса, Рязаналдаса, Красноярск, Краснодар шагьараздаса ва жегиги анлъго шагьаралда гIумру гьабун ругел дагъистаниязги.

Дербенталъул аслияб къватIалда Азербайжаналъул вукIарав нухмалъулев ХIайдар ГIалиевасул цIар лъеялде гьабураб дандечIей жидер акциялъул аслиял масъалабазул цояб кколин бицана «Эркенлъи» радиоялъе Эседов Альбертица. Гьев ккола «Садвал» абураб лезгиязул жамгIияб гIуцIиялъул нухмалъулев. Жидер хIаракаталъул бищунго кIудияб мурад бугин заманаялъ Дагъистаналъе нухмалъулевлъун тарав ГIабдулатIипов Рамазанил политикияб курсалъул рахъкквей. БатIи-батIиял кланазда, бакIалъул нухмалъиялъ гьарулел къанун хвезабиялъул хIужабазде данде гьес лъазабураб рагъалъул рахъкколин нижецаги.

Пуланаб къватIалда цIар хисизе бегьулин мисалалъе чанго гIасруялъ цебеккунги гьелда гьебго цIарги букIун гьеб нахъбуссинабизе гIололъун мурадалда гьабураб хIукму гьеб бугони. Гьенибги чара гьечIого хIисабалде босизе кколеб хIужа бугин гьеб цIар кьолев чиясул халкъалъе тарихияб кIваралъул яги кIдияб даражаялъул мисал бихьизабураб лъалкI гьес нахъе тун батани. Амма хас гьабун Азербайжаналъул вукIарав нухмалъулес Дагъистаналъул халкъ чIухIизе бегьулеб даражаялъул лъалкI течIин тарихалдаян абулеб буго Альберт Эседовас.

Киназдаго бичIчIулеб бугин гьеб мисалалдалъун Азребайжаналъ кверщел гьабулеб бугин Жанубияб Дагъистаналъулги Дербент шагьаралъул гIумру гьабун ругезулги ва тIолабго улкаялъулго интересазда тIад, гьелде гьеб гIиллаялдалъун бугин жидеца митинг Москваялдаги тIобитIулеб бугебилан бицана Эседов Альбертица.

Эседов Альберт: «Телевизоралдасан ва цогидалги информ.алатаздасан цо-цо Азербайжаналъул хIакимзабаз рагьун абулеб буго Дербент гьеб цебеги жидер букIараб шагьар кколин ва гьеб нахъбуссинабизе бугин жидецаян. Амма гьелда цадахъго гьез тIаде жубалебги буго ракьул гьоркьорлъабазул рахъалъ жидеца россиялдехун дагIба балеб гьечIин. ГьечIебищха гьез дагIба балеб?! Гьадин хадубккунги иш унеб бугони гьеб сундеха бачIине бугеб, тIолабго жанубияб Дагъистан Азербайжаналде сверизе буго. Гьеб буго хIукуматалъуго масштабалъулаб кIвар кьезе кколеб суал, гьелда данде хехал тадбирал гьаричIого гIоларо. КIочон тезе бегьуларо гьединго Азербайжаналъул ракьалд рикь рикьун ругел Дагъистналъул халкъазул бугеб ахIвал-хIалалъулги. Гьезде гьениб гьалбулеб бугеб тIадецуй, тIалъиялъул нухмалъуде гьел риччангутIизе гьезда цебе хIетIе лъураб гIечIого, Азербайжаналъул церехъабазул цIарги лъезе кколеб рагIула гьанже Дагъистаналъул некIсиял шагьаралъул къватIалда»

ХIайдар ГIалиевасул цIар жиндие кьезехъан бугеб Дербенталъул цохIо Советская къотIноб гIумру гьабун ругел гIадамаз 275 чияс гъулбасун буго гьеб хIукмуялде данде.Москваялда митингалда гIахьаллъи гьабизе рагIула гIага-шагарго 1000 чияс, Дербент шагьаралдаса 500 чияс. Амма митингал гьариялдалъун гьелъул гIахьалчагIи мурадалде щвезе гьечIилан рикIкIунеб буго «Настоящее время» газеталъул бетIерав редактор Фатулллаев Милрадица. Щайгурелъул Дербенталъул къватIалъе ХIайдар ГIалиевасул цIар кьезе хIукму тIоцебе Москваялъ гьабун бугин, гьенисан гьеб бачIанин Дагъистаналдеги, Дагъистаналъул нухмалъиялъ кьураб тIадкъай тIубазабулеб бугин Дербент щагьаралъул нухмалъиялъги.

Фатулаев Милрад: «Дида бичIчIула жидерго разилъи гьечIолъи загьир гьабизе бокьун букIин халкъалъе, амма митингазул кумекалдалъун гьеб суал роцIцIунаро. Щай гурелъул гьел рази гьечIеб хIукму тIоцебе Москваялъ къабул гьабуна, гьенисан Дагъистаналдеги бачIана. Дида лъикIаблъун бихьула кIиябго рахъалдаса вакилзабиги данелъун гургинал столал тIоритIани гьелъго пайда кьелилан. Щай, щиб гIиллаялдалъун гьединаб хIукуму Мосваялъ гьабурабалиги бичIчIулеб буго Москваялъ киданиги гIадахъ босичIо регионазда гIумру гьабун ругел халкъалъул вакилзабазул мурадал, гьалдаса хадурги росилин кколаро».

ЦохIо Дербенталъул къватIалъе Азербайжаналъул нухмалъулесул цIар кьей гуребги Жанубияб Дагъистналъулго унтараб суаллъун ккола Азербайжаналъул республикаялъе дагъистналъул къайимлъиялад ругел ракьал кьей. Гьедина дагьабги цебегIанги интернеталда хъван букIана Догъузпара мухъалда гъорлъе унел рукIарал гIи-боцIи хьихьулел мучIдузул лъикIаланго бутIа Азребайжаналъе кьеялъул. Гьеб суалалда банги Милрад Фатулаевас абуна гьелъул жавабги тIалаб гьабизе кколин Россиялъул нухмалъиялъухъа. БичIчIуларин кинал интересазде мугъчIвайги гьабун россиялъул къватисел бухьеназул рахъалъ министерлъиялъ Азербайжаналъулгун гьединал къотIи-къаял гьаруралали.

Лезгиязул федералиб миллияб автономиялъул вице-президент Къурбанов Русланги данедчIун вуго ХIайдар ГIалиевасул цIар Дербенталъул къватIалъе кьеялда. Тарихалде жанире раккун ралагьани жидеца талавур гьарурал ракьазда яги шагьаразда жидерго хIаракатачагIазул яги машгьурал гIадамазул цIарал кьолел рукIанин чанго гIасруялъ цебеги. Гьедин Кавказалъул рагъалда хадуб Чачаназул доба банин генерал Ермолов ракIалде щвеялъе монумент, Каспиялде Россиялъул пача Петрица гьабураб сапаралъул хIасилалда бижанин «Порт Петровск» шагьарги. Дербенталъул къватIалъе Азербайжананлъул цевехъанасул цIар кьеялъулъги гьебго мисал бихьулеб буго политологасда.
XS
SM
MD
LG