Ссылки для упрощенного доступа

Заразул кумекалдалъун балагьулеб "хIакъикъат"


Дербенталъул полициялъул нухмалъулев ГIабдулахат МухIамадовасдаги гьесул хIалтIухъан ГIисабег Рамазановасдаги гьоркьоб ккараб дагIба-рагIиялъе къимат кьезе буго Москваялдаса рачIарал полициялъул хIакимзабаз. Гьел рачIун руго Рамазановаз прессаялдасанги кагътал хъванги ахIи-хIур бахъинабидал.

Полициялъул нухмалъулес кьабун ГIисабег Рамазанов, гIадалнахуе жагъаллъи ккун, чохьода ругъун лъун, азарханаялде хъамун вукIун вуго. Гьеб хIужа ккун буго гъоркьисала 7 декабралда. Амма жакъа къоялде щвезегIанги гьелъул цIех-рех гьабулеб гьечIо. ЦIех-рех гьабиялъе гIилла гьечIин абулеб буго низам цIунулез.

Дагъистаналъул полициялъул хасаб БутIа буго гьедин жидерго хIалтIухъабазда гьоркьоб ккараб дагIба-къецалъул цIех-рех гьабулеб. Полициялъул нухмалъулесдехун хъачIго кIалъалев вукIанин абун, аттестациялъул комиссиялъ нахъе рехулев вукIун вуго гьев. Гьединал комиссиял тIоритIулел руго 5 соналда жаниб цо нухалда, батIи-батIиял гIиллабазда бан. Гьаб нухалда данделъараб гьелъул мурад букIун буго Рамазанов хъулухъалдаса нахъе рехизе. Живго полициялълу нухмалъулесул гьединаб ихтияр рагIуларо.

Дербенталъул полициялъул хIалтIухъабаз бицухъе, гьеб къоялъ Дербенталде полициялъул хIалтIул хал гьабизе вачIун вукIун вуго Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялдаса хIакимчи. Гьеб дандчIваялдаса рази вукIун гьечIо полициялъул нухмалъулев. ЭР-ялъе гьеб тасдикъ гьабулеб буго Дербенталдаса журналист МухIамад ХанмухIамадовасги.

ХанмахIамадов МахIамад, "Площадь свободы" газеталъул бетIерав редактор
ХанмахIамадов МахIамад, "Площадь свободы" газеталъул бетIерав редактор
МухIамад ХанмухIамадов: "Гьеб дандч1ваялдаса хадув х1алт1уде т1адвуссарав полициялъул нухмалъулесда гьенив Г1исабег Рамазанов ватун вуго. Ццим бахъукье гьесги лъун бугоха досда. Гьеле гьениб ккараб жо, дир х1исабалда».

Цо-цо баяназда рекъон, полициялъул нухмалъулес инкар гьабулеб буго гьеб хIужаялда тIасан баян кьезе. Журналист ХанмухIамадов гIажаиблъулев вуго цIех-рех лъугIизегIан полициялъул нухмалъулев ГI. МухIамадов хIалтIудаса эркен гьавулеб гьечIолъиялдасаги.

МухIамад ХанмухIамадов: "Бищунго к1вар кьезе ккараб жо буго гьев жеги х1алт1уде хьвадулев вук1ин. Ц1ех-рех раг1алде бахъинег1анги гьев полициялъул нухмалъиялда тун вуго».

ГIисабег Рамазановасул адвокат Мурад Велихановас абулеб буго полициялъул нухмалъулесул тIадкъаялда рекъон тIагIинарун ругин цIех-рехалъе хIажатал цо-цо хIужабиги. Маспла, ГIабдулахат МухIамадовас Рамазанов вухулеб бахъараб видео. Гьанже гьезул хьул Москваялдаса рачIарал хIакимзабазде буго. Гьанже Дербенталде гьел рачIингун жидерго хIукмуялдаса инкар гьабулеб бугин Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул аттестациялъул комиссиялъги. ТIадехун бицухъе, гьез хIукму гьабулеб букIана полициялъул нухмалъулес кьабулеб мехалда хъачIго кIалъанилан ГIисабег Рамазанов ххъулухъалдаса нахъе рехизе.
XS
SM
MD
LG