«Каспийскалда полициялъулав чIвана», «Хасавюрталда хасаб операция унеб буго», «МахIачхъалаялда кIиго чи викъана» - инфорамциялъул алатазда Дагъистаналда хурхурал лъазабиял гьединал рукIуна ва ракIалде ккезе бегьула терроралда хъинтIарал такъсирал бищун цIикIарлъун кколилан. Амма цIех-рехалъул комитеталъул лъазабиязда рекъон, 125 проценталъ цIикIун руго ришватчилъиялда хурхарал такъсирал. Мисалалъе, гъоркьиса тIоцебесеб лъагIалида ришватчилъиялъул рахъалдасан 124 такъсир букIун батани, исана 280 такъсир гьабун буго.
Щиб абуниги, терроралъулал такъсиралги цIикIунел руго. Низам цIунулел идарабазул хIалтIухъаби чIвазе къасд гьабиялъул нусго такъсир ккун буго, цIех-рех чагIи чIвазе къасд гьабиялъул – 6, 1 террактги ккана. Гьел лъугьа-бахъиназулъ зарал ккана 287 чиясе, хвана 69 низам цIунулев, 5 гражданияв. Изну гьечIого яргъид гIуцIаразде гъорлъе унезул 99-яв чIвана.
Изну гьечIого яргъид гIуцIаразул бицунаго, ЦIех-рехалъул комитеталъул нухмалъулев Алексей Саврулиница абулеб буго, гьел гьаризесел такъсиразда лъикIаланго хIадурлъулел ругин.
Алексей Саврулин: «Гьезул рукIа-рахъингун багъа-бачари профессионалияблъун лъугьунеб буго. ГIадатиял гурел лъугьа-бахъиназда низам цIунулезул хIалтIуда хадуб хал-кколеб буго гьез ва гьеб кинабго хIисабалде босулеб буго. Гьединаб информацияги бакIарун, низам цIунулезда тIаде речIулел руго изну гьечIого яргъид гIуцIаразде гъорлъе унел ва ургъунго лъутулел руго. Гьезда хадур рортарал низам цIунулел гъоркьчIелалде кколел руго».
Полициялъулазул хIалтIуда ЦIех-рехалъул комитеталъул нухмалъулев хъинтIичIо. Амма гьеб рахъалъан кинабдай хIал бугеб? Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул цояб данделъиялда республикаялъул нухмалъулев МухIамадсалам МухIамадов жувана низам цIунулезда гьикъардизе щай хIалтIуларелян. Гьесул рагIабазда рекъон, Жанисел ишазул министерлъиялул системаялда хIалтIулев вуго 20 азарго чи, изну гьечIого яргъид гIуцIаразде гъорлъе вуго лъабнусго чи. Дагъистаналъул нухмалъулесда бичIулеб букIинчIо терроралъулал рахъалъан щай суал тIубалеб гьечIеб.
Журналистазги, экспертазги, инсанасул ихтиярал цIунулезги гьеб бичIизабулеб буго низам цIунулезул махщелгьечIолъиялъ, махщел гIодобккеялъ. Къуваталъулазул хIалтIиялъ толел руго чанги суалал. Мисалалъе, гIемер суалал хутIана, цодагьаб мехалъ цебе Ленинкент поселокалда лъугьа-бахъин ккаралдаса хадуб.
Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул лъазабиязда рекъон, къуваталъулаз автомобиль чIезабеян ишан гьабуна. Автомобилалдаса кьвагьдезе байбихьана. Данде кьвагьдон низам цIунулез чIвана салоналда жанир рукIарал. Гьеб лъугьа-бахъин бихьаразни цогидаб бицунеб буго. «Черновик» газеталъ хъваралда рекъон, гьез абулеб буго автомобилалдаса лъицаниги кьвагьдечIин, цохIо къуваталъулазул рахъалдасан гурони гуллби рорчIичIин.
Низам цIунулезул хIалтIудал бицунаго, инсанасул ихтиярал цIунулел хъинтIулаан гIадамал рикъиялда. 2011 соналда Дагъистаналда 29 чи викъана. Гьаб соналъул бащдаб лъагIелалда жанив 46 чи викъиялъул хIужжа бугин лъазабулеб буго инсанасул ихтиярал цIунулез.
Инсанасул ихтиярал цIунулеб «Мемориал» централъул Дагъистаналда йигей вакил Елена Денисенкоца абуралда рекъон, гIемерисел рикъарал хадур ратулел руго заманаялъ жанир тIамулел бакIазда ай ИВСзда. Гьезда гIунтIизабулеб гIайиблъун ккола «изну гьечIого яргъид гIуцIаралгун бухьен букIиналда щаклъи», «къануналда рекъечIого ярагъ цIуни» ва гь.ц.
«Дагъистаналъул улбул абулеб» инсанасул ихтиярал цIунулеб гIуцIиялъул нухмалъулей Светлана ГIисаевалъ рикIкIунеб буго низам цIунулезда хIалтIи жидеего пайда босизе бегьулеблъун бихьулин:
Светлана ГIисаева: «Дида кколеб буго гьел чагIи низам цIунулеллъун хIалтIизе лъугьулин бечелъиялъе гIоло, карьералъе гIоло. Ккола чи – рехула гьесухъе ярагъ. Ккурас, нахъе виччазе бокьани, яги гIарац кьола, яги къануналда рекъон къеркьезе ккола. КIиабилеб нухдасан унел чагIи къанагIатгурони ратуларо.Полициялъулал хIалтIулел руго погоназе гIоло, статистикаялъе гIоло. Нижеца рикъараллъун рикIунел гIадамазда гьез абулаан ккуралилан. Гьедин ккурал гIемерисел гьез нахъеги ричала. Амма низам цIунулез «экстремизмалъул профилактикаян» гьабулеб хIалтIул статисткаялда процентал цIикIуна. Щиб лъугьараб, щиб ккараб – полициялъулазе сундулнуги ургъел букIунаро. Халкъалъул гIузрабазул гьезие ургъел гьечIо».
Официалиял лъазабиязда рекъон, цодагьалъ цебе терроралде данде къеркьезеян чачаналъа Дагъистаналде рехана рагъулазул кIиазаргояв. Гьезул къадар цIикIизабизе бугилан хъвалеб буго информациялъул цо-цо алатаз. Мисалалъе, Опен-спейс.ру сайталда хъвалеб буго, рагъулазул микьнусгояв рехизе вугин Дагъистаналде добго Чечнялядаса. Багьана – терроралде данде къеркьей.