Гьеб буго Москваялъул тIадкъай. Щайин абуни бицен гьабулеб идараялда тIасан Къурбановалъ гIарз бахъун букIана исана 13 августалда РФялъул хIукуматалъул нухмалъулев Дмитрий Медведевасде, гьединго улкаялъул жанисел ишазул министрасде.
Юстициялъул подполковник Къурбанова ГIарафат рази гьечIо жанисел ишазул министерлъиялда цебе бугеб ЦIех-рехалъул бутIаялда къанун хвезабулел хIужаби гIемерлъулел рукIиналдаса. Мисалалъе, гьелъ рехсолеб буго ришватчилъиги, бикъа-хъамиги, цIогьги. Гьединго тIадчIей гьабулеб буго Дагъистаналда хутIарал гIурус миллаталъул чагIазухъа хIинкъизеги гьарун рукъзал рахъулел рукIиналда. ГI. Къурбановалъ рикIкIунеб буго гьелъие квербакъи ЦIех-рехалъул бутIаялъ гьабулеб бугилан. Жинца бицунелъе нугIлъи гьабизелъун гьелъ мисалалъе вачунев вуго Стойков Вадим абулев чи. Гьесул хIакъалъулъ исана апрелалда Къурбановалъ хъван букIун буго улкаялъул жанисел ишазул министрасдеги. Амма гьелъул хIасил ккун гьечIо. гьел киналго гIарзаздаса хадуй ГIарафат Къурбанова хъулухъалдаса эркен гьаюн йиго. Багьанадуй бачун буго гьелъ хIалтIул къоял риччанин, гьей унтун йигин абурал гIиллаби.
БатIи-батIиял гIиллабаздалъун жидер ихтиярал хвезарурал низам цIунулел идарабазул хIалтIухъабазул рахъ ккола Шамилов МухIамадица нухмалъи гьабулеб жамгIияб гIуцIиялъ. Гьедин ГIарафат Къурбановалъул ишги лъикI лъалеб бугоан гьесда.
МухIамад Шамилов: «ХIакъикъаталдаги 140 иш бахчун буго гьез, гьел руго магъалаби ракIариялъул къанун хвезабиялда хурхарал ишал. ГIабдулатIиповасул (Дагъистаналъул нухмалъулев – авт.) анцIабго проект «кваназе» хIадурарал гIадамал элъги рихьизарулел руго. Москваялде Колокольцевасухъе (Россиялъул жанисел ишазул министр – авт. ) гIарзалъ унеб мехалда цадахъ йилълъайин абун букIана элда (ГIарафат Къурбановалда – авт.) нижеца. Амма кутакалда хIукуматалдаги божун чIана гьей, жиндирго министрасухъеги хъвадарун. Дица абулеб букIана гьеб кинабго цохIо хъизан бугин, нижеда хадуй йилълъайин. Ришватчилъи къватIиб чIвазабизе лъугьараб заманалда гьей жидерго «хъизаналдаса» батIа гьаюна гьез. ХIалтIудаса нахъеги рехун йиго гьей 12 гIунгутIиги рехсон, гьел руго гIадамал хIалтIудаса рахъиялъул къанун хвезабулел хIужаби».
Бищун квешаб жо бугин Дагъистаналъул хIакимзабазда тIасан Москваялде бахъараб гIарз халгьабизе нахъбуссун Дагъистаналдего бачIунеб букIинилан рази гьечIолъи букIуна республикаялда. Гьебго разилъи гьечIолъи буго Шамиловасулги.
МухIамад Шамилов: «Бищун тату хвараб жо буго Дагъистаналда – жанисел ишазул министрас ахIулеб буго ТIадегIанаб диваналъул нухмалъулесухъе, гьес ахIулеб буго диванчагIазухъе. Гьедин телефоналъ ахIун тIубалеб буго хIакъикъаталда къануналда рекъон тIубазе кколеб хIукму».
Низам цIунулезул махщалилаб цолъиялъул вакилзабазда ракIалда буго ГIарафат Къурбановалъул иш республикаялъул нухмалъиялда цебе лъезе.
МухIамад Шамилов: «Азарго компромат буго нижехъ. 17 тIанчида хъвараб материал буго парламенталда цебе лъезе кьезехъин. Анкьго-микьго чиги гIодов чIун жанисел иашазул министерлъиялда бугеб хIалалъул хIакъалъулъ 40 минуталъ бицунеб видеоги буго президентасухъе битIулеб».
ГIарафат Къурбановалъулги гIилла-мурад гьечIого хъулухъаздаса нахъе рехарал цогидал низам цIунулезулги рахъккун кватIичIого МахIачхъалаялда тIобитIизе буго митинг.