Ссылки для упрощенного доступа

Кавказалъулазе Россиялъул армиялде нух къазехъин буго


Россия. Жакъасеб армиялда хъулухъ гьабулел руго бат1и-бат1иял миллатазул гIолилал. Гьезда гъорлъ дагъистаниязул къадар дагьлъулеб буго.
Россия. Жакъасеб армиялда хъулухъ гьабулел руго бат1и-бат1иял миллатазул гIолилал. Гьезда гъорлъ дагъистаниязул къадар дагьлъулеб буго.

Армиялде ахIиялъул ихдалилаб заман жеги лъугIун гьечIо. Дагъистаналъул рагъулаб комиссариаталъ кьурал баяназда рекъон, армиялде ахIизе квота кьун буго 2783 чиясе. Гьелдаго цадахъ лъеберазаргоялдаса цIикIкIун гIолилав хутIулев вуго рокъов, армиялде ине рес гьечIого. Альтернативияб хъулухъ Дагъистаналда къадруялда гьечIилан абуна комиссариаталда.

Щай дагъистаниял гьеб хIалалъ армиялде ине къеркьолел ругел? Республикаялда цIакъ захIматаб масъала буго гIолилазе хIалтIизе бакI щвеялъул. Гьелдалъун экспертаз рикIунаан армиялъ нух кьолин хъизан хьихьизе: хъулухъ гьабун хадув полициялде лъугьине рес щола, контракт хъван аскариязулъ хIалтIунги лъикIал харжал щола. Гьединго Дагъистаналда руго гIемерал хъаравуллъиялъул пачалихъиял гурел идараби. Гьениреги хIалтIизе росула армия лъугьарал гIолохъаби.

ХIасил калам, тIад таманча барав чи Дагъистаналда чадикъ хутIуларо. Амма статисткаялъухъ балагьиндал, кколеб буго бищунго дагьал чагIи армиялде ахIулел ругин Дагъистаналдаса. Мисалалъе, араб хаслихъе Дагъистаналдаса ахIун вуго гIицIго ункънусго чи. ГIемераб питнаялдаса хадуб квота цIикIкIинабуна анлъназарого чиясде щвезегIан. Руго Дагъистаналда мухъалги цохIого цо чи гурони армиялде витIичIел.

Гьелдалъун армиялде ккезе бокьарал гIолилаз батIи-батIиял нухал ралагьулел руго. Цоял унел руго Россиялъул цогидал регионазде ва гIумру гьабулеб бакI хисулеб буго документазда. Цогидаз ришватал кьолел ругин абулаан. Амма жалго военкоматазда щиб гьабуниги разилъулел гьечIо гьеб цохIо Дагъистаналъе хасиятаб ришватчилъиялъул гIаламаталда. ГьечIила, кинабго унеб бугила кануналда рекъонилан абуна.
Россия. Краснодар. Рагъул хъулухъалде ахIараз тIоцебесеб нухалъ ретIизе буго униформа.
Россия. Краснодар. Рагъул хъулухъалде ахIараз тIоцебесеб нухалъ ретIизе буго униформа.

Кавказалъулал армиялде ахIунгутIиялъе батIи-батIиял гIиллаби рехсолел руго. Экспертаз гьелъие гIиллалъун рехсолеб буго лъабго рахъ. ТIоцебесеб: кавказиял ругел рагъулал базабазда дедовщина букIунаанилан. КIиабилеб: улка цIуниялъул министерлъиялъе бокьун гьечIо рагъулаб гIелмуялъе рукIинесел террористал ругьун гьаризе. Лъабабилеб гIиллалъун рикIкIунеб буго 20I7 абилеб соналде 70 проценталъ армия контракталда рекъон гIуцIараб букIине ккеялъ гьенир кавказияздаса гIурусал божизе бегьулеллъун рихьи.

Дагъистаналъул рагъулаб комиссариаталъул Армиялде ахIиялъул сулазда хъинтIараб идараялъул нухмалъулев Джамбулаев Явнусица абуна «Эркенлъи» радиоялъе кавказалъулал армиялде ахIулел абураб хабар гьересияб бугин:

Джамбулаев Явнус: «Ниже буюрухъал кьола генералияб штабалъ. Гьениса щола квотабазул информацияги. Армиялде кавказалъулал ахIулел гьечIилан абураб жоялда божизе захIмат буго, щайгурелъул гьал къоязда кIиазарго чи ана Дагъистаналдаса армиялде. Армиялде ахIиялъул заман жеги лъугьунги гьечIо».

Интернеталда тIибитIун буго информация Грузиялъул парламенталъ рагъулаб хъулухъалда хурхун хIадур гьабураб къануналъул проекталда тIаса. Гьелда рекъон, гуржиязе бокьун рагIула Франциялъул легионалде бачIараб къуват гIуцIизе. Хъвалеб буго гьенире Шималияб Кавказалдаса гIолохъабиги росизе ругин. Гьеб къануналъул проекталда хурхун Грузиялъул хIукуматалдаса официалиял баянал жеги рукIинчIо.

Политологаз абулеб буго армиялда хурхараб цIияб къануналъул проекталъул бицунеб бугилан Грузиялда, амма гьенире щал росизе хIисабалда бугебали абизе кIоларила. Нагагь гьединаб закон къабул гьабуни Грузиялда, Россиялъул Шималияб Кавказалъул гIололилазда хурхун хIалтIулеб жагьилаб политикаялъ Грузиялде ине бокьаразул къадар гIунги тIокI букIине рес буго.
XS
SM
MD
LG