Ссылки для упрощенного доступа

Дагъистаниял цIикIкIун ритIизе руго армиялде


Исана 31 декабралде щвезегIан Дагъистаналдаса Россиялъул армиялде витIизе вуго 1335 гIолохъанчи. Ихдал ритIаразда дандеккун кIиго нухалъ цIикIкIун кколеб буго гьеб. Гьединго гьезда гъорлъ рукIине руго тIадегIанаб цIалул лъай щварал гIолохъабиги – 60 процент.

Гьедин бицана журналистазе гIолилал армиялде ритIиялъул рахъалъ республикаялъул рагъулаб комиссариаталъул бутIаялъул нухмалъулев Джамбалаев Явнусица.

Армиялде ритIулел дагъистаниязул жаваб кьолев кIи-кIи, лъаб-лъаб чиги вукIунев вуго цо-цоясда хадув. Щайин абуни дагъистанияз армиялда гIадлу хвезабулеб бугилан гIарзал рукIуна. ГIурус миллаталъул гIолилалгун гьел рагъиялъул хIужабиги рукIуна. Гьедин чанго сон буго дагъистаниял армиялде дагь ритIизе лъугьаралдаса. Цебейин абуни микьазариде гIунтIун чи ахIулаан лъагIалида жанив. Абула улка цIуниялъул министерлъиялъул хIакимзабаз жидедаго гьоркьоб гьабураб къотIи бугин Дагъистаналдаса гIолохъаби армиялде ритIичIого тезе. Гьедин 2012 соналда Россиялъул Пачалихъияб Думаялде рищарал дагъистанияз улка цIуниялъул министрасде хитIаб гьабун букIана гьезул къадар 3 – 5 азариде гIунтIун цIикIкIинабеян.

Гьанже армиялда хъулухъ контракталда рекъон гьабулелъулги батилин армиялде гIолохъаби ахIи дагьлъун бугебин абуна ЭР-ялъе ЧIарадаса ХIажимухIамад Амировас. Гьес гьединго абуна цебе лъимал армиялде ахIунгутIизе эбел-инсуца кьолеб букIараб ришват, гьанже гьел доре рачинелъун кьолеб бугилан.

ХIажимухIамад Амиров: «Гьаз кьезе кколеб буго дозие ришват. Гьелде ккун буго. Унголъунги гIолохъаби дагь рачунел руго армиялде. Цо гIилла батила гьанже контракталда рекъон хъулухъ гьабулеб букIин. КIиабилеб гIилла, чIухIи гIемер буго нилъер гIолохъабазул, доз абураб жо гьабиларин данде чIолел руго. Гьелдаго цадахъ гIурусазе ниж рокьунгутIиялъул магIна буго. Амма хъулухъ гьабизе бокьарал гIолохъаби гIемер руго. Гьениб хъулухъ гьабичIого ФСБялде, полициялде росулел гьечIелъул хIалтIизе.

Цебе гIадин ватIаналде рокьийин абуни гьезулъ гьечIо. ГIолилазулгун гьабулеб хIалтIи расги лъикIаб хIалалда гьечIо. Бажари-гьунар бугел гIолилал руго, амма гьел церехун рачине чи къваригIун вуго. Дир заманалда армиялде инчIев чиго вукIунароан, гурони гьединал гIадамал рикIкIунароан. Армиялде инчIони чиги лъугьунаро».

ГIолохъаби армиялде ритIиялда тIасан Гумбет мухъалъул рагъулав комиссар Арсен МухIамадовасулгун гьабураб гара-чIвари буго дагьалъ цебе къватIибе бачIараб «Гумбет» газеталда. Гьес абулеб буго бакълъулазул мухъалдаса армиялде ихдалил Гумбет мухъалдаса ватIаналъе хъулухъ гьабизе анила цо гIолохъанчи Игьалиса ГIалиев Мурад. Гумбет ва Казбек мухъазе гьабсагIат бихьизабун рагIула 25 бакI. Гьел кIиялго мухъазул комиссариатал цолъизарун руго. Арсен МухIамадовас гьединго абулеб буго 2011 соналъул ахиралда данде кIутIанин Дагъистаналъул рагъулал комиссариатал.

Цебеккун республикаялда 40 рагъулаб комиссариат букIараб батани, гьанже 32 гурони гьечIо. Гьеб хиса-басиялъ кинабгIаги пайда кьечIин, гьелъул гIаксалда, гIемерал захIмалъаби рижизарунин. БатIиял мухъазде, рикIкIаде хьвадизе кколел руго армиялде ахIулел гIолохъабазулгун хIалтIи гьабулел рагъулаб комиссариаталъул хIалтIухъаби.
XS
SM
MD
LG