Ссылки для упрощенного доступа

А. Къебедов: "Ихтияр гьечIо "кьижун" рукIине..."


Цо-цо политологазда, журналистазда Дагъистаналда загьирлъулеб ахIвал-хIал бихьулеб буго гражданияб рагъ хIисабалда. Дагъистаналъул дискредитация гьабиялъул тIубараб кампания тIобитIулеб бугин улкаялдайин абураб пикруялде рачIана 20 ноябралда «Черновик» газетаялда тIобитIараб пресс-конференциялда Дагъистаналъул рухIияб идараялъул, диниял гIаркьелазул вакильзаби ва жамгIиял хIаракатчагIи. Гьединаб хIакъикъаталъе ахир лъезе гIедегIулеб пачалихъ ва гьединлъидал жамгIияталъ хIаракат бахъизе кколин республикаялда бугеб ахIвал-хIал рукIалиде бачинеян рикIкIунеб буго гьеб данделъиялъул гIахьалчагIи. Кин гьединаб пикру гIумруялде бахъинабизе бегьулеб?

Пресс-конференция бакIариялъул аслияб гIилла букIана Ленинкенталъул мажгиталда сверун гьал къоязда загьирлъараб питна. Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул лъазабиязда рекъон, рузманкакалде унел цоязе нух къан буго цогидаз. Гьениб ккараб тунка-гIусиялда нусал хIалтIизариялъул хIасилалда лъукъун вуго 6 чи, гьезда гъорлъан кIигояв - захIматго.

Ленинкенталъул жамгIияталъул вакильзабазул рагIабазда, конфликт ккун буго суфияздаги салафияздаги гьоркьоб. Гьенир авар мацIалда лъарагIал рухиялъул ахIиял гьарулел рукIанин бицана «Атлы –Буюн» абураб жамгIияб гIуцIиялъул нухмалъулев ХIажигиши Бамматовас. Гьесулго рагIабазда, росулъе рачIарал низам цIунулезда цадахъ бакIалъулал гIадамазе буюриял кьолел рукIун руго гIурччинал чIартал гъуждузда рухьарал гражданиял гIадамалги.

Пресс-конференциялъул гIахьалчагIи ахир-къадги рачIана Ленинкенталда ккараб провокация букIине бегьулин абураб пикруялде. Къанунал хвезариялде ва зулмуялде дандечIеялъул комитеталъул маслихIаталъул группаялъул нухмалъулев ГIисакъов ХIажица лъазабуна, гьединал ва бокьарал цогидал провокацияби жакъа загьирлъизе бегьулин бокьараб бакIалда ва бокьараб замандайин.

ГIисакъов ХIажи: «Нилъеца жамгIияталда, дагъистаналъул, федералиял структурабазул ва Россиялъул Федерациялъул нухмалъиязда, гьединал провокациязда нилъ цоцалъе инаризе, вацас вац чIвалеб рагъалде цIазе бажарулареблъи бихьизабизе ккола. Дир ракI чIараб буго, гьеб провокациялде республикаялъул рухIияб идараялъул хурхен гьечIеблъиялда. Гьеб провокациялда нахъ руго мухIканал гIадамал. Гьенибе цIана техника, кIудияб къуват, щайгурелъул гьезие къваригIун букIана кинаб букIаниги хвел. ТIадегIанас гьеб биччачIо.
Провокация метер букIине бегьула гьениб гуреб, цогидаб бакIалдаги. Метер букIинчIони, сезе, бокьараб къоялда. Гьединлъидал нилъеца хIукму гьабизе ккола гьединаб жо ккараб мехалда цадахъ лъугьун маслихIаталъул къагIидаялда конфликтал рахъинариялъул къагIидаялъул.»

ГIисакъовас ахIана гьединаб мурадал тIуразариялъе хасаб комиссия гIуцIиялде ва гьелъул хIалтIуда гIахьаллъиялде республикаялъул бетIер ахIиялде.

Цо-цо аналитиказ ва журналистаз рикIкIунеб буго гьеб пресс-конференция коллин диниял гIаркьелаз цоцаде гIагарлъиялъе, республикаялда загьирлъулеб конфликт рагIалде бахъинабиялъе гьабулеб иргадулаб хIалбихьи кколин. Гьединаб пикруялда разилъулев вуго гьеб данделъиялда гIахьаллъарав журналист Муса Мусаевги.

Мусаев Муса: «Гьениб баянлъана гьел киналго гIадамазе, конфликт рагIалде бахъинабизе бокьун букIин. Амма гьез киназго абулеб букIана, гьеб бокьичIеб лъабабилеб къуват бугин.

Диниял гIаркьелазда гьоркьоб гьуинлъи баккизабиялъул хIалбихьи цебеги букIана, мисалалъе, гъоркьиса. Рахъал чанго нухалда данчIвана. Гьез гIамал гьабулеб буго. Унгоги гьезие квал-квал гьабулебги буго.

Ленинкенталда букIинчIо миллатзада гьоркьосеб жахIда, амма гьеб гьединаблъун бихьизабизе бокьун букIана лъиелиго. Дицаги рикIкIуна гьеб кинабго жо дагьалъги квешаб рахъалде буссинабизе бокьараб къуват бугин.

Радикалияб къагIидаялда конфликталъе ахир лъезе бокьарал чагIи кIиябго рахъалда руго, дир пикруялда. Руго гьединал гьалакал пикрабазул гIадамал. Гьединазе бокьуларо ургъизе. Гьеле гьединал гIадамал гурищ нухмалъиялде рачIине бокьарал политикиял къуватаз жидеего пайдагун хIалтIизарулел.

Дир пикруялда, гьеб конфликт рагIалде бахъинабизе бегьула, кIиябго рахъалъул къадру кIудиял чIахIиял чIагIаз маслихIат гьабуни. Амма нилъер цо-цо росабалъ жамгIиятал кIирикьун руго, гьениб салафитаздаги суфияздаги гьоркьоб конкуренция унеб букIиналъ. Амма кIиябго рахъалда руго цIодорал гIадамалги. Гьез ахIулел руго ракI рекъон киналго ишал гьариялде. Доле гури Индонезиялда руго гIемер диниял гIаркьелал. Бажарулеб буго гури гьезда конфликтал гьечIого гIумру гьабизе.»


«Миллат» газеталъул бетIерав редактор БисавгIалиев МахIамадица лъикIаб къимат кьолеб буго гьединаб инициативаялъе. Амма гьесул пикруялда, Ленинкенталда ккараб инцидент хурхараб гьечIо, цо-цояз рикIкIунхъе, «лъабабилеб къуваталъул» провокациялда.

пожалуйста, подождите

No media source currently available

0:00 0:01:06 0:00
Загрузить файл

Диниял ва жамгIиял гIуцIиязул вакIильзабаз кIвар буссинабуна, Дагъистаналда бугеб хIалуцараб ахIвал-хIал рагIалде бахъинабиялъе федералиял идарабазул жигарлъи бихьулеб гьечIолъиялде ва гьезул цо-цозул регионалъул, хасго Дагъистаналъул, дискредитация гьабиялъул интерес букIиналде. Гьединаб пикру загьир гьабуна пресс-конференция бачунев Къебедов ГIаббасицаги, ЛДПРалъул лидер Владимир Жириновскияс тIолабго улкаялда цебе гьабураб миллатчилъиялъул лъазаби мисалалъе бачун.

Къебедов ГIаббас (вакьулъ) пресс-конференциялда
Къебедов ГIаббас (вакьулъ) пресс-конференциялда
Къебедов ГIаббас: «ТIолабго Россиялда цебе лъазабуна, нилъ кавказалъулал, дагъистаниял киназего рихарал ругин, нилъ нахъегIанал гIадамал кколин, нилъ зазхараб кварида нахъ чIезаризе кколин ва нилъер халкъ цIикIкIиналъе гIорхъаби чIазаризе кколин. Гьеб кинабго рикIкIине бегьулаан гIантав чиясул рагIабилъун, лъазаби гьабурав чи кIвар кIудияб гIуцIиялдаса, жинда нахъ халкъалъул тIубараб бутIа бугев чияс загьир гьабун букIинчIебани.Гьеб киналъго бихьизабулеб буго нилъер улка хIинкъи бугеб рахъалдехун унеб букIин.»

Низам цIунулел структурабазул хIалтIухъабазул лъиданиги бачIеб профессионалияб цолъиялъул бетIер Шамилов МахIамадица ишара гьабуна, регионалда хIалуцин хутIиялъул интерес къуватиял структурабазул букIиналъул. Гьесул пикруялдаги Ленинкенталъул инцидентги ккола гьел структурабазе данде кколеб хIужжа.

МахIамад Шамилов пресс-конференциялда
МахIамад Шамилов пресс-конференциялда
Шамилов МахIамад: "Аслияб суал, лъица нухмалъулеб бугеб гьеб гъалмагъаралъул? Лъие гьеб къваригIун бугеб?

Унеб буго хасаб операция. Ниж, жамгIиял хIаракатчагIи, нижни щиб, журналистал аскIоре къазецин риччалел гьечIо спецоперация унеб мехалда. Амма гьебго заманалда гьенир хьвадулел руго кверазда гIурччинал чIартал рухьарал гIадамал. Щал гьел кколел? РухIияб идараялъул дружинникалищ? Яги гьел салафиязул вакилзабийищ ругел? Щиб гьез гьениб гьабулеб бугеб? Щай гьенир гьечIел инсанасул ихтиярал цIунулел, журналистал? Гьеб кинабго ккола низам цIунулел идарабазул интерес бугеб къагIида.

Гьанже цогидаб. Вацас вац чIвалеб рагъ унеб буго Дагъистаналда. Нилъеца гьеб чIезабизе ккола. ГIела жахIда!

Цигиги, щиб гьеб кколеб "Кьабе лъарагIал!" Гьеб ишалдани чIван къотIун хIакъикъат балагьичIого тезе бегьуларо! Лъазабизе ккола щал ахIдарал, сундуе ахIадарал. Гьеб цоцаде гIадамал гьесиялъул ишалда гъорлъе лъугьине ккола Конституциялъул гарант, президент. Гьес нухмалъи гьабизе ккола низам цIунулел идарабазул. Прокурор, жанисел ишазул министр вукIине ккола президентасул нухмалъиялда гъоркь. Гьеле кIиго моцIалъ цебе нилъер президентас киназдаго рагIун Сочиялда, нилъер парламенталда цебе лъазабуна, низам цIунулел идарабаз низам цIуниялъе щибниги гьабулеб гьечIин. Ай гьел гьесда гIенеккулел гьечIо. Гьесул рекомендацияби гIадахъ росулел гьечIо. Гьего заманалда щибаб хасаб операциялъухъ гьезие кьолеб буго кIуди-кIудиял гIарцал. Гьел гIадамазе бищунго кIудияб кIвар бугеб жо ккола тIоритIарал хасал операциязул къадар. Гьарула спецоперацияби, щола цIваби, гIарац, баркала. Гьединлъидал буго гьаниб гьединаб карщ.

Вагьабиял. ВукIине те гьев нусго нухалъ вагьабияв! Гьев пачалихъалъул политикаялде данде чIолев гьечIони, гьесде халкъазда гьоркоб яги конфессиязда гьоркьоб жахIда бижинабиялъул гIайибал гIунтIизариялъе бакI гьечIони, щай гьев толарев. Нужеда нужерго букIине кколеб къагIидаялда хIалтIи гьабизе бажарулеб батичIони, нуж нахъе ине ккола.

Щиб нилъеца гьабизе кколеб? Нилъеца къватIиб чIвазабизе ккола тIолабго хIакъикъат. "Черновик", "Новое дело" газетабазда хъван, нилъерго хасаб газета биччан халкъалда бихьизабизе ккола хIакъикъат. Халкъ ахIизе ккола митингалде. Гьелъул аслияб тIалабги букIине ккола низам цIунулел идарабазул киналго бутIрул хъулухъаздаса нахъе ин. Кинав вукIунев жанисел ишазул министр, республикаялда бугеб ахIвал-хIал контролалде гъоркье босизе бажаруларев? Щал кколел гьел къватIисан рачIарал? Щал гьел кколел президентцин рикIкIунарел чагIи? Щай Дагъистаналда бидул горал ругел. Сундуе гьарулеле ругел Волгоградалда гьадал провокацияби? Баянго бихьулеб буго Дагъистаналда рагъ гьабизе хIадурулел рукIин. Гьединал ишал гьарун нилъер цин бахъинабулеб буго."

БисавгIалиевасул пикруялда, Дагъистан ва регион Шамиловас бихьизабураб захIматаб, хIинкъи бугеб, конфликтазе багьанаби гIемерал хIалалде ккун буго, федералияб централда гIакъилаб къагIидаялда нухмалъи гьабизе бажарунгутIиялъе гIоло.

пожалуйста, подождите

No media source currently available

0:00 0:00:56 0:00
Загрузить файл

Къебедов ГIаббас: "Цо-цо харбал руго, Дагъистаналдаги Шималияб Кавказалъул цогидал республикабаздаги федералиял структурабаз рилъанхъизарулел къагIидаби хурхарал ругин Сочиялъул Олимпияда хIинкъигьечIеб къагIидаялда тIобитIиялъул шартIаздайин. Дидайин абуни ккола гьел провокацияби гьарулел ругин гьеб Олимпиада тIобитIунгутIиялъейин. Гьелъул гIайибалги гIунтIизарун, Кавказалда кIудияб рагъ багъаризабизе ресцин буго. Регионалда загьирлъулеб ахIвал-хIал гьелъие дандеги ккола. Лъил букIаниги гьединаб мурад букIине рес буго. Амма гьеб букIине гьечIо хIакъаб къагIидаялда халкъалъе гьеб бокьун гьечIеблъи бихьизабулеб бугони. Амма нилъ рукъурги гIодор чIун ругони, гьединаб жо лъугьине бегьула.

Гьединлъидал нилъеца хвасарлъиялъул ахIиял гьаризе ккола. Гьеб «беспредел» чIезабизе ккола. Баянлъизабизе ккола хIакъикъат, щиб лъугьунеб бугебали.

Нилъеца гIайибал гIунтIизарулел гьечIо я президентасда, нилъеца лъиданиги гIайиб гIунтIизабулеб гьечIо. Нилъер руго суалал. У, нилъ хIакъикъаталдаги гьанир ракIарун гьечIо президентасда гIайиб гIунтIизабиялъе. Амма, нуж божа, къойидаса къойиде президентасул къадру холеб буго. Киназдаго лъала, ккорупциялъулъ къараб система хутIулеб буго. Нилъецайин бицунеб букIана бакIалъулал жамгIиятаз нухмалъи гьабиялъул къагIида щула гьабиялъул хIакъалъулъ, жамагIатазул контактал гIатIилъизариялъул хIакъалъулъ. Нилъеца абулеб букIана халкъалъ жиндирго къисмат жиндирго кверзукье босизе къварагIун букIиналъул хIакъалъулъ.

Гьале жакъаги Дагъистаналъул къанунал хвезариялде ва зулмуялде дандечIеялъул комитеталъул даражаялда цебелъей гьабулеб буго хасаб комиссия гIуцIиялъул. Нижеца гIуцIана комиссиялде буссине рес бугеб къокъа. Гьелда гIахьаллъизе ккола жинде чанги гIайибал гIунтIизабулеб Дагъистаналъул рухIияб идараялъул вакильзабиги. Дирги букIинчIо гьеб идараялда гIайиб чIваялъе багьана бижинабулеб кинабгIаги щаклъи. Сонгун бащдалъ цебе хIурматияв муфтий АхIмад-хIажи ГIабдулаевас диде абуна, хIалуцарал ахIвал-хIалалдаса ракълилаб къвагIидаялда рорчIиялъе жидеца хIадур гьабун букIараб проект гIадахъ босичIого танин пачалихъалъин. Гьеб гIадахъ босичIин Миллияб антитеррористияб комитеталдаса байбихьун цеве вукIарав президентасде щвезегIанин. Гьебни щиб, гьез бажарарабщинаб гьабунин гьеб проект къабул гьабичIго хутIиялъейин.

Гьеб цIакъ лъикIаб проект букIана. ЖамгIияб палатаялъул гIахьалчи хIисабалда, дица гьелъулгун лъай хъвай гьабизабуна палатаялъул цогидал гIахьалчагIазул. Гьеб гIумруялде бахъинабичIого тана, гьеб лъиениги къваригIу букIинчIолъиялда бан. Проект хутIулеб буго. Дица киналго ахIулел руго гьеб комиссия щула гьабиялде ва парахалъиялдехун нилъ рачунел бокьарал пайдаял церелъеязул рахъ кквеялде. КъваригIун буго халкъияб, жамгIияб квербакъи. Лъилниги ихтияр гьечIо кьижун вукIине. "
XS
SM
MD
LG