Россиялъул гIорхъи бахун къватIибе дагъистаниязул аслияб къадар ккана гIурусазулгун кавказиязул рагъ лъугIун хадуб. Гьелги диналъе эркенлъи букIине исламиял улкабазде – Туркиялдехун, Сириялдехун балагьун ун руго.
ГьедигIанасебго гьечIониги, хадусеб тIел буго аслияб куцалда Россиялда инкъилаб кколеб заманалда яги Дунялалъул КIиабилеб рагъдаса хадур бакътIерхьул рахъалдехун араб. Гьезул къисмат кинан ккараб, кир гьел ругел жакъа къоялда? ВатIан тун къватIиб жамгIияб гIумрудулъ яги цогидалъулъ кинаб гIахьаллъи гьезул бугеб?
ВатIан тун къватIире ккарал дагъистаниязда гьоркьоса политикаялъулъги, жамгIияб хIалтIулъги, маданияталъулъги бищунго машгьурлъи щвараллъун тарихчагIаз рикIкIуна Туркиялде ккарал магIарулал.
Кидаялиго турказул пачалихъалда кIудияб къадругун рехсолаанин дагъистаниязул цIаралин бицуна тарихчагIаз. Масала, диниял церехъаби МухIаммад аль-Мадани бин ГIусман Дагъистани, Сейид АхIмад ХIусамуддин аль-Руккали, ГIумархIажи Зиявудин Дагъистани, Шарапудин ибн ГIабдурашид Дагъистани. Гьединго гIурусазулгун турказул рагъулъ – 1877 соналда – дагъистаниял ГъазимухIаммад Шамилидеги, МухIаммад Фазиль-паша Дагъистанлидеги, МухIаммад Мухлис-паша Дагъистанлидеги божун тун букIана турказ рагъулал къокъабазе нухмалъи гьаби.
Гьединго Дагъистаналъул ГIелмияб Централъул хIалтIухъан, филологиял гIелмабазул доктор АхIмад МуртазагIалиевас хъвараб тIехь буго «Писатели дагестанского зарубежья» абун. Гьениб абулеб буго 1946-1947 соназда туркиялъул хIукуматалъул бетIерлъун вукIарав Реджеб Пекерги 1994-1996 соназда улка цIуниялъул министрлъун вукIарав МухIамад Гюльханги Дагъистаналдаса кколаанила.
Гьединго рехсолел руго турказул адабияталдагун публицистикаялда лъалкI тарал дагъистаниялги. Масала, ГIали Нихат Тарлан, Къадиржан Кафлы, Баха СагIид-бей, ГохIилазул Меседул МухIаммад ва цогидал.
ГьабсагIаталда Туркиялда ругел магIарулазул бищун машгьурав чилъун АхIмад Чинар рехсолев вуго гIемерисез.
ЭР-ялъе гьедин бицунеб буго Туркиялда чIарав Дагъистаналдаса Шагьабудин Озденица.
Шагьабудин Озден:
ГIурусазулгун кавказиязул рагъ лъугIун хадур Туркиялъе гочунаго магIарулазул цо тIел Сириялдехунги ккана. Гьезул наслабазулгун гIемер дандчIвай ккана Дагъистаналдаса журналист Сабир НурмухIамадовасул. ЭР-ялъ гьадинаб гара-чIвари гьабуна гьесулгун.
Сабир НурмухIамадов:
Дагьалъ цебегIан Америкаялъул Цолъарал Штатазда гIумру гьабулеб букIана Шималияб Кавказалдаса 500 хъизаналъ. Гьезда гьоркьоса 300 чи дагъистаниязул рагIула. Аслияб куцалда магIарулалги лъарагIалги. Гьезул гIемерисел Нью-Джерси штаталъул Патерсоналда руго. Гьедин хъвалеб буго Бакъбаккул рахъалда гIезегIан соназ дипломатлъун хIалтIулев вукIарав Багьавудин ГIалиевас Шималияб Кавказалъул диаспораялъул хIакъалъулъ бахъараб тIехьалда.
Америкаялда ругел дагъистаниязул аслияб къадар Дунялалъул КIиабилеб рагъдаса хадур гьенире ккарал чагIазул букIанин бицана ЭР-ялъе Мэриленд штаталъул Балтимор шагьаралда гIумру гьабулев ЧIарада мухъалдаса ХIажи Садулаевас.
ХIажи Садулаев:
Европаялде ккарал магIарулазул бищун машгьуравлъун советияб заманалда рикIкIунаан суратал рахъулев чи ЧIохъа Мусаясул Халилбег. Жакъа къоялда гьенир Дагъистаналъул вакилзабилъун руго Польшаялъул гугарухъабазул тIаса бищараб командаялъул бетIерав тренер, Болъихъа Юсуп ГIабдусаламовги Италиялда Рималъул Сапиенца Университеталъул профессор, ЛъаратIа мухъалдаса Жалал СагIидбеговги. 1990 абилеб соналда жив Италиялде щведал къанагIат рукIун ратани гьенир дагъистаниял, гьанже дандчIвалел ругин Италиялда цIалулел дагъистаниялин бицана Жалал СагIидбеговас.
Жалал СагIидбегов:
ГьабсагIаталда дунялалда рикь-рикьун ругел магIарулазул гIага-шагаргоцин къадар лъаларо. Гьезулгун бухьен гьабиялъе тIоритIарал бищунго ахIи-ахIур бахъинабурал тадбиразул цояб букIана гIицIго 25 соналъ цебе МахIачхъалаялда тIобитIараб конгресс.
тIубанго программа гьаниб буго: