Ссылки для упрощенного доступа

Къанунал нижеца гуро ургъун ругел…


Дагъистаналда изну гьечIого яргъид гIуцIаразда гьоркьор рукIун ракълилаб гIумруялде нахъруссине бокьаразе гIуцIараб хасаб комиссия хIалтIулеб бугелдаса кIиго сон тIубана гьал къоязда. Гьеб заманалда жаниб жидецаго гьабураб хIалтIул баян кьуна гьез информациялъул алатазе. ГIемерисел экспертаз гIодобегIанаб къимат кьолеб букIана гьезул хIаракатчилъиялъе. Амма жалго коммиссиялъул вакилзаби рази гьечIо гьеб пикруялда.

Коммиссия хIалтIизе лъугьана 2010 соналъул киIабилеб ноябралда Дагъистаналъул нухмалъулев МухIамад Салам МухIамадовас гьабураб хIукмуялда рекъон. Гьелъул тIоцебесеб данделъи тIобитIун букIана гьебго соналъул 10-б ноябралда.

Араб кIиябго соналда жаниб коммисиялъ тIобитIун буго 17 данделъи, ва къабул гьабун буго ракълилаб гIумруялде нахъруссине бокьарав чиясул 46 гIарза. Гьединаб баян къватIибе кьуна коммиссиялъул аппараталъул нухмалъулев Маллаев Багирица. «Эркенлъи» радиоялъ чанго нухалда батIайиса бицун букIана коммиссиялъул хIарактчилъиялда сверухъ лъугьун бугеб ахIвал –хIалалъул хIакъалъулъ.

ГIемерисел эксперетаз хашаб къимат кьолеб букIана комиссиялъул хIалтIуе. Мисалалъе чангияз абулеб букIана рохьоса нахъруссинарун бажарарал чанго чиясул бицинчIого, гьебго заманалда жаниб рохьоре дагьалги цIикIкIун унезда хадуб щайин гьез хал кколаребан. Гьеб суал нижеца кьуна адаптациялъулаб коммиссиялъул вакил Маллаев Багирие, ва гьев мукIурлъана хIакъикъаталдаги жиндер коммисия гIуцIун букIаниги рохьоре унел гIадамазул къадар цIикIкIунеб бугин, амма гьелда хадуб халкквезе кколин низам цIунулел хIалтIухъабаз.

Гьединго киназго кIвар буссинабураб хIужа кканин абизе бегьула исана Дагъистаналъул ТIадегIанаб диваналъ цере изну гьечIого яргъид гIуцIаразда гъорлъги вукIун, гьанже ракълилаб гIумруялде вуссарав анкьго чиясе хIукму къотIиялъул хIужаги. Гьел ккола МахIачхъалаялдасагун Дербенталдаса ва Дагогни шагьараздаса гIолохъаби.

ТIадегIанаб Диваналда хIукму къотIизе байбихьилалде гьев анкьавго чи вачIун вуго тIаса лъугьинги гьарун Къурбанов Ризванихъе. Гьев ккола цеве Дагъистаналъул хIукуматалъул вице-премьерлъун вукIарав, гьанже Россиялъул Пачалихъияб Думаялда вугев депутат, гьединго коммиссиялъул нухмалъулевги. Диваналда цере эхетарал гIолохъаби батIа-батIаго рачIун ругоан гьеб комиссиялде жал тIаса лъугьун теян. Низам цIунулезухъе жалго рачIарал рохьилал абулел чагIи аслияб куцалда тIаса лъугьун тола, гьезда тIад би батичIони. Адвокат Сапият МухIамадовалъ гIажаиблъи гьабулеб букIана доб мехалъ комиссиялъ гьабулеб хIалтIуда. «Жидехъе рачIаниги, гьез гьел чагIи хъачагъаллъун рикIкIуна. Гьез халгицин гьабуларо, гIайибиял ругищ гьел, яги гьечIищали, гьабунищ гьез такъсир, гьабичIебищали.

Гьеб хIужа ракIалде швезабидал Багир Маллаевас абуна ЭР-ялъе комиссиялда тIадаб гьечIин изну гьечIого яргъид гIуцIаразда гьоркьор рукIун нахъруссун рачIаразда хурхун гьабулеб диваналда гьоркьоре лъугьине, жидер масъала бугин гIицIго гьезие нахъруссун рачIине кумек гьаби:

Маллаев Багир: «ЦIех рехалъул хIалтIаби лъугIун ратичIони, гьелъие гIилла букIине кколаха. Такъисразда сверухъ нижеца цIех- рех гьабуларо, гьеб буго диваналъул хIалтIи. Мисалал чанго батIиял рукIинеги бегьула, рохьоса жиндирго рокъове швезе вачIунев вукIарав чи нагагь низам цIунулезухъе кквезе швани гьес абизе бегьула дун кверде вачIунев чи вукIанилан, гьелъул хIакъикъат лъазабизе ккола диваналъги, цIех рехалъул идараялъги, нижер коммиссиялда бараб жо гьечIо гури гьениб, нижеца гурелъул къанунал ургъун ругел. Гьев чиясда хадуб цо гуреб анцIго статья батаниги кумек гьабизе хIадурал руго ниж, гьев чияс ракI рагьун жиндихъаго ккараб гъалатIалдаса ракI бухIанин гьес абулеб бугони. Амма гьесда тIад цо гурев, цо чанго чи чIваялъул такъсир бугони коммисиялде вачIунин абун гьев рокъове виччазе нижер ихтияр гьечIо. Жидехъаго ккарал киналго такъсиразухъ гьез жаваб кьезе ккола, коммиссиялъин абуни гьезие гьеб киналдаго жаниб кумек гьабула кидаго»

Комиссиялъул хIалтIуда ракIрекъечIого гьезие бадирчIваял гьарун рукIана ЦIех -рехалъулаб комитеталъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъул нухмалъулев Алексей Саврулиницаги. Мисалалъе доб мехалъ гьес абулеб букIана комиссиялъ абулеб бугин жидехъе кумек гьабун нахъе вачIанин 37 чи, хIакъикъаталдайин абуни гьезул кIиго- лъабго чи гурони вачIинчIилан.

Жидерго цохIо вугев вас Ибрагьим рохьоса нахъвуссинелъун ракъи лъазабун букIана дагьаб цебегIан Хасавюрталдаса рос лъади ГIалибеговал Зайнудиница ва гьесул хъизан Саниятица. Амма вас ракълилаб гIумруялдехъан нахъвуссинчIо.
XS
SM
MD
LG