ГьабсагIаталъ ШайихмухIамад 15 азарго гъурщиде ккураб рокъов МахIачхъалаялда вуго гIумру гьавун. Зарал ккараб тIоцебесеб соналъ вацасул дова вукIанин рукъалъилан бицана гьес, амма кигIанго вац вугониги хадубккун гьесул гьенив чIезе намусалъ къабул гьабичIилан бицана гьес.
Гьесиего гIадин къварилъи ккарал цогидал гIадамазул хIакъикъат лъалеб гьечIоан гьесда , амма гьезулги хъизан-лъималги ругин жиндирго гIадин, жаниб гIумур гьабизе бегьиялдаса ун мина къайиги бугилан бицана. Ресупубликаялъул гIорхъолъа рорчIарал министерлъиялда ШайихмухIамадида абун буго гIарац Москваялъ битIун бачIинчIин жегигиян. Гьезулгун бухьен гьабидал гIарац некIого нужехъе битIанин кьун буго гьезги жаваб. Гьедин дове вортун гьаниве векерун мухIканаб жаваб щвечIого хIукму гьабун гьес гьеб суалалда тIасан диваналда ине.
ШайихмухIамадил рагIабазда рекъон гьасулалдаса цебеккун ва хадубккун гьединабго зарал карал гIадамазе щун буго гьеб гIарац:
ШайихмахIамад ШайихмахIамадов: «Нижедаса хадуб зарал ккарал гIадамазе щван гьеб гIарац, гьединго гьеб щван цебекун зарал ккун букIарал гIадамазеги. Гьел цIар-цIарккун рехсезе бажаруларо дихъа гьаниб. Амма нижеего гIадаб къварилъи ккаразе хIукуматалдаса гIарац бачIана, бачIанилан мухIканго абурал чагIиги руго».
Гьеб гIарац щвечIониги кIваричIоанин, ма, дуего гьаб ракьул кесекги гьенив вукIайин гIумру гьабунилан абулев чигIаги вукIаравани, гьанив чияр рокъов шагьаралда вукIинегIан вижараб росулъ цо нохъе -къедго тIасабищиланилан абуна гьес хадубги, амма гьеб букIана чара хварав чиясул калам.
2006 соналъ ккараб заралда тIасан гьарурал документазда рекъон ШайихмуIхамадие щвезе кколеб букIун буго 900 азарго гъурущ. Гьеб гIарац тIасанги кIанцIун гIолаанин жиндие цIияб мина эхетизеян абуна гьес.
ШайихмухIамадил ихтиярал цIунулей адвокат Сапият МухIамадовалъ абуна ЭР-ялъе, зарал ккараб 2006 соналадса нахъе ругин жал гьеб суал роцIцIинабулел. Россиялъул хIукуматалдасан Сапиятие кьураб жавабалда абулеб буго ШайихмухIамадиеги цогидазеги кьезе кколеб рецIалил гIарац кьезе кколаанин республикаялъул бюджеталдаса. Нагагь гIураб къадаралда гIарац гьезухъ батичIони гурони гьеб гIарац жидеца кьезе кколарилан. Амма Сапиятил рагIабазда рекъон рехсараб суалаллъул хIакъалъулъ хIадур гьабураб федералияб къануналда бихьизабун бугин гьединаб зарал ккарал чагIазе рецIалил гIарац федралиб хъулухъалъул структураялдаса кьезе кколилан:
Сапият МахIамадова: «Россиялъул хIукуматалъул бихьизабиялда чIванкъотIун абулеб буго гьеб гIарац зарал ккарал гIадамазе цохIо нухалъ материалияб кумек
хIисабалда кьезе бихьизабун бугилан, хас гьабун гьеб рецIалил гIарац бугин абулеб гьечIо гьениб, Дагъистаналъул хIукуматалъул бихьизабиялдайин абуни абулеб буго гьеб гIарац гьединго рецIалил гIарцуда гьоркьобеги унилан. ХIакъикъаталдайин абуни кинаб букIаниги гIарац щун гьечIо гIадамазухъе. Республикаялъул хIукумталадсан жаваб тIалаб гьабидал гьел чIун руго кинаб букIаниги гIарац кьезе гьабураб хIукму букIинчIилан. Цин бугони жидецаго хIадур гьабураб документ буго гIарац кьезе кколин абураб, гьелдаго цадахъго жидецаго инкарги гьабулеб буго гьеб хIукмуялдаса. Гьединлъидал нижеца хIукму гьабуна диваналъ гьеб киналъего ахир лъезелъун гьенире ине. Нижеца финансазул министерлъиялдасан тIалаб гьабулеб буго жавабги, щайгурелъул Дагъистаналъ гуреб хIакъикъаталдаги гьеб идраялъ кьезе кколеб гIарац буго гьеб».
Диваналъул процесс кида букIинабали жеги чIезабураб къо гьечIилан абуна Сапиятица. Дагьаб цебегIан Краснодаралда ккарал тIабигIиял балагьалъул хIасилалда зарал ккарал гIадамазе рецIалил гIарац низамалда рекъон кьолеб мехалъ, анлъго соналъ халат бахъараб гумбеталъулазул гIарцул суал диваналъул кумекалдалъунгIаги роцIцIинин хьул буго гьелъул.