Талат къоялъ Дагъистаналъул пенсионнияб фондалъул чанго батIи-батIиял шагьаразда в мухъазда ругел бутIабазда къуваталъул идарабазул хIалтIухъабаз чIухь бана. Документазул хал-шал гьабулеб букIана Хасавюрт шагьарлъул ва мухъалъул пенсионниял бутIабазда, Гъизляралда ва Каспийскиялда. Дагъистаналъул пенсионнияб бутIаялъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулей Альбина Сункулиевалъул рагIабазда рекъон, чIухь балеб букIана амма гьелъ хIалтIуе квал-квал гьабичIо ва гьеб гьоркьоб къотIизе течIо. Гьединго гьелъ бицана жидеда лъаларин сунда хурхун чIухь балеб бугебали ва кинал документазул хал гьабулеб бугебали.
«Черновик» газеталъул лъазабиялда рекъон, хал гьабулеб букIана эбелалъулаб (хъизаналъул) капиталалда сверухъ гьарулел мекълъабазда хурхун. Къуваталъул идарабаз рехсарал пенсионниял бутIабаздаса нахъе росун руго ахирисеб щуго соналда жанир руччабазе кьурал эбелалъул капиталазда хурхараб информация бугел документал. «Известия» газеталъ лъазабухъе, гьасагIаталда чIухь бай бухьинабизе бегьула гьединабго къагIидаялъ араб соналъул сентябралда гьабураб халгьабиялда. Доб мехалъ къуваталъул идарабаз нахъе росун рукIана МахIачхъалаялда бугеб Пенсионнияб фондалъул централияб офисалдаса 2009-20I0 соназул документал. Гьединго «Известия» газеталъ рикIкIунеб буго доб мехалъ къуваталъул идарабазе къваригIун букIанин пенсионнияб фондалъул нухмалъулев Сагид МуртазагIалиевасда тIад компромат.
Жанисел ишазул министерлъиялъул баяназда рекъон, Шималияб Кавказалда, хасго Дагъистаналдагун Ингушетиялда гIемер гьарулел руго эбелалъулаб капиталалда хурхун къануналда данде кколарел ишал. Щибаб шагьаралда ялъуни мухъалда руго хасаб процентги жидеего босун, гьеб капиталалда рекъон гIарац босизе кумек гьабулел фирмаби. Рагьараб къагIидаялъ киса-кирего руго сертификатал росулел ругилан игIланал. Гьел дандчIвала къватI-къватIазда гурел, газетаздагун телевидениялдаги.
Дагъистаналда цIакъ гIемер руго эбелалъулаб капаталалда хурхун мекълъаби гьариялъул хIужаби. Гьенир гIахьаллъулел руго лъимер гьабулездаса байбихьун, Пенсионнияб фондалъул нухмалъулезде гIагарун киналго чагIи. Амма къуваталъул идарабазе бокьани гьеб ишалъе цIакъ бигьаго гIорхъичIвай гьабизе кIолилан рикIкIунеб буго юрист Шагьрудинил МухIамадица.
Шагьрудинил МухIамад: «Къуваалъул идарабазе бокьани гьел такъсиразда рекъон гIемер чагIи туснахъ гьаризе бегьула. Гьениб цIех-рех гьабизе жого гьечIо, гьеб буго цIакъ рагьизе бигьаяб такъсир. Квеш бугеб жо буго, гьеб ишалде унго-унголъун гъираялда тIаделъулел чагIи гьечIолъи. Дагъистаналда эбелалъул капиталалда сверухъ гьарулел мекълъабазул тIубараб система гIуцIун буго, гьенисан кваналел гIемерал чагIи руго. Лъимал гьаричIого документал гьарулел руго. Дида лъала Хасавюрталда цо 60 соналъул ригьалда йигей гIаданалъ жинца лъимер гьабунин документал гьарун руго. Амма киналъего бетIерлъи гьабулеб буго Пенсионнияб фондалда. Гьезие бокьичIони гьениб тIутI боржизе бакI гьечIо».
Эбелалъулаб капиталалъул гIарцуда хурхун къануналда данде кколарел ишал гьаризе байбихьана тIоцере Дагъистаналдаян рикIкIунеб буго ришватчилъиялда дандечIараб миллияб комитеталъул нухмалъулев Кабанов Кириллица. Гьес информалатазе кьурал баяназда рекъон, руччабаз сертификатал росулел руго лъималго гьаричIого. Гьезие кумек гьабулеб буго ригьин гьабиялъул идарабаз (ЗАГС), Пенсионнияб фондалъул хIалтIухъабаз, тохтураз ва цоги хIакимзабаз. ТIоцебе азарханаялдаса босулеб буго лъимер гьабун бугин кагъат. Хадуб гьелда рекъон рахас гьабун ракIарулел руго документал ва ахиралда босулеб буго гIарац. Ва гьеб киналъего квербакъулеб буго Пенсионнияб фондалда ругел ришватчагIазилан рикIкIунеб буго Кабановас.
Талат къоялъ чанго пенсионнияб бутIаялда чIухь бай цо-цо экспертаз рикIкIунеб буго Дагъистаналъул пенсионнияб фондалъул нухмалъулев СагIид МуртазагIалиевасде тIадецуйлъун. Гьединабго къагIидаялъ документазул хал гьабун букIана араб соналъул 30 абилеб сентябралдаги. ГьабсагIаталда гьеб лъугьа-бахъиналда рекъон Пенсионнияб фондалъ ялъуни живго СагIид МуртазагIалиевас кинабгIаги баян кьечIо.