Ссылки для упрощенного доступа

Ахирги кьаби щолеб буго гlадамазул чунтбузда


Дагъистаналда циндаго чадил багьа хиралъаралдаса кIиго моцI ана. Октябралъул авалалда 17 гъурщиде букIараб чадил багьа тохлъукьего бахана 23 ва цо-цо бакIазда 24-25 гъурщиде. Чед бежулел заводаз бачIинахъего абуна жидеда кинабгIаги гIайиб гьечIин, чед хиралъанин ролъги гьединго хиралъидал, 500 гъурщиде букIараб гьелъул хъапалъул багьа бахун буго 800 гъурщиде.

Монополиялда дандечIараб хъулухъалъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъ байбихьун буго республикаялда ролъул багьа эхеде бахиналъе гIилла лъазабиялъул тадбирал. Гьелдаса цебе гьез лъазабуна Дагъистаналда чадил буханкадул багьа цIикIкIиналъе ккараб гIиллаялъул хIакъикъат, гьелъул хIасилалда загьирлъун буго чед хиралъиялъе ролъул багьа эхеде бахин гуребги, гьединго коммуналиял хъулухъазухъ багьа эхеде бахинги.

Ахирисел лъугьа-бахъиназдаса хадуб жидер гьаниб бежулеб чадил къадар 2000 чадил къадаралъ дагьлъанилан бицана ЭР-ялъе Абилаев Арсеница. МахIачхъалаялъул 2-б чед бежулеб заводалъул нухмалъулев ккола гьев. Гьебги гIечIого хасал бетIергьанлъиялъулал чед бежулел бакIазул бетIергьабазги бугин тIадежоялъе гIадлу хезабунилан рази гьечIого вугоан гьев.

Абилаевас чанго нухалъ такрар гьабуна ролъ хиралъулеб бугин тIадеялдаса тIаде, моцIалъ цебе 800 гъурщиде букIун батани, жакъа ролъул хъап 900 гъурщиде бахун бугин, хIукуматалъе чед бежулеб завод хIисабалда нижер идара къваригIун батани гьез гьеб киналдаго хадуб халкквезе кколин, амма гьезие жидер ургъелцин гьечIин.

Абилаев Арсен: «Мисалалъе 1000 гъурщиде ролъул хъап бугонигицин нужеца чадил буханкадул багьа 20 гъурщидаса цIикIкIине биччагеян абураб масъала республикаялъул хIукуматалъ цебе лъуни нижер хIалтIи чIун хутIизе буго. Дирин абуни гьанив 300 чи вуго хIалтIилев, гьезие харж кьезе ккола дица. Чед бежулев хIалтIухъанасе моцIалъе шолеб мухь буго 5000 гъуруш, гьебжо гIарац гуроха, лъикIаб хайирги хIукуматалъул тIалабги букIарабани кIвелаан гьезие харж цIикIкIинабизе. Амма нижер рес гьечIо гьезие харж цIикIкIинабизе, гьадингоги хIалица бетIербахъи гьабулеб буго заводалъ, ролъин абуни жиб–жиб къоялъ буго хиралъулеб, 10- 15 гъурущ, 20 гъуруш - жиб-жиб къоялъ. Цо цо нижехъе шварал баяназда рекъонин абуни ролъул хъапалъул багьа жеги I200 гъурушиде щвезегIанги хиралъизе бугин абулеб буго».

Шималияб Кавказалда бищунго учузаб чед жакъа бугин Осетиязул добаян абуна Абилаевас худубги, гьабсагIат гьениб чадил багьа бугин хиралъилелде гьанибги букIараб гIадаб - 16 гъуруш. Дозул добаги хиралъанин ролъ, амма хIукуматалъ гьабулеб тIалаб букIиналъ чед бежулеб заводалъе гьелъ зарал гьабичIин. ХIукуматалъул нухмалъиялъулгун ахирисеб букIараб дандчIваялда жидеца гьарулеб букIанин газалъул ва токалъул субсидия гьабиялъул ишгIаги тIаде босейилан, амма нижер гьариялде гIинтIамулеб гьечIилан ракIбакъван вугоан гьев.

Абилаев Арсен : « Нижее кумек лъидасаниги щолеб гьечIо, амма жаваб нижедаса тIалаб гьабула-щай чед хиралъараб абун. Цин щибниги тIалаб гьабилелде цебеккун щибниги кьезе ккола гуриш. Нижин абуни къисматалъул бадире рехун тун руго тIалабги гьабичIого. Щайха чед хиралъараб? Хиралъана щайгурелъул гьез ролъ хиралъиялде тIаде кIвар кьечIого теялъ. Гьеб киналъулго абуни тIалаб гьабизе ккола росдал магIишаталъул министерлъиялъ».
МахIачхъалаялъул кIиабилеб чед бежулеб завод ккола республикаялдаго бищунго кIудиял заводазул цояб. Гьединаб захIматаб ахIвал-хIалалда нужги рукIаго цогидал заводазул иш дагьабги квешго батила гурищилан гьикъидалги гьадинан бицана чед бежулеб заводалъул нухмалъулес.

Абилаев Арсен: « ХIалихъе буго киналго заводаз бетIербахъи гьабун МахIачхъалаялъул 1-б чед бежулеб завод чIун хутIун бугин абизе бегьила, ункъабилеб тIубан налъукь къан буго, дагьабниги мадараб куцалъ хутIун буго нижер завод. Нижер къайимлъиялда гъоркь буго Каспийскалъул чед бежулеб заводги, гьелъулги иш рагIалде бакIарун буго, сордо къоялъе гьениб бежулеб буго гIицIго 3000 чед гьеб жо, жо гуроха, бухIараб токалъухъ кьезецин гIолеб гьечIо гьеб чед бичун щвараб гIарац, тIадежоялъе кьезе кколел магъалабиги, завод къазе ккезехъан буго».

Ролъ хиралъиялъе ругел гIиллаби загьир гьариялъул тадбирал гьанжего гьанже байбихьанин жидецаян бицана Монополиялда дандечIараб хъулухъалъул, пресс-хъулухъалъул хIалтIухъан Шкандыба Натальяца.
Октябралъул авалалда республикаялда чед хиралъиялъе ккарал гIиллаби загьир гьариялъул мурадалда гьарурал хал гьабиязул хIакъалъулъ гьадинаб баян кьуна гьелъ нижее.

Шкандыба Наталья: «Монополиялда дандечIараб федералияб хъулухъалъ кьурал баяназда рекъон ролъ хиралъие гIиллалъун ккун буго, цадахъго тIощалил багьаги хиралъи. Кин букIаниги нижер идараялъ тIолабго республикаялдаго мониторинг тIобитIулеб буго ролъ хиралъиялъе гIилла гьеб бичулезул жидедаго жаниб бугеб къотIи къай-бугищали лъазелъун. Гьаниб тIадчIей гьабизе ккола Дагъистаналде ролъ аслияб куцалъ Ставрополь мухъалдаса бачIунеб букIиналда, Дагъистаналъ жинцаго ролъ гIезабулеб гьечIелъулха. Нижеца хал гьабулеб гьенисан ролъ бачун гьеб бичулел бакIазадаса гIебеде. Батани гьез жиддего пайдадяб куцалъ гьабураб къотIи, гьел гнижеца жавабчиялъиялде цIазеги руго.
Жибго тIоцебе чед хиралъиялъе ккарал гIиллаби загьир гьарулаго нижеца тIатанинабуна гьеб цохIо ролъ хиралъиялдалъун гуребги, гьединго июлддасан байбихьун улкаялда кибго гIадин коммуналиял хъулухъазухъ багьаби цIикIкIиналдаги бараб букIин».

Ролъ хиралъиялда хадуб, гьединго нижер завод гьелдалъун хьезабиялде республикаялъул хIукуматалъ кIвар кьечIони нижер букIинесеб букIине гьечIилан абуна нахъойги КIиабилеб чед бежулеб заводалъул нухмалъулев Абилаев Арсеница.

ГьабсагIат лъугьун бугеб ахIвал-хIал хисизабиялъе тIалъиялъ квербакъичIони щуго соналдасан завод тIубанго къазе ккезе бугилан мукIурлъана гьев.
Кин батаниги жакъа чед хиралъиялъул масъала гIадатиял гIадамаз тIубазабизе ккун буго. Цо чадихъ кьезе кколеб буго 25 гъурущ. Лъабго лъимер бугеб гьоркьохъеб хъизамалъ къойие босула кIигониги чед. Гьеб хIисабалда, щуазарго гъурущ гурони моцIрол харж гьечIеб хъизамалъ гIицIго чадихъ кьезе кколеб буго 1500 гъурущ.
XS
SM
MD
LG