Адвокат Кадиев Расулица хъвалеб буго политикияб ахIвал-хIалалъул анькида жаниб анцI-анцI сагIаталъ бицунеб мехалдаги, оперативияб ахIвал-хIалалъул бицунеб мехалдаги, лъица щив чIваравалиян суалал рорхулел мехалдаги баккулин гIажаибаб пикру – гIолеб гьечIо информация абураб.
Эксперталлъун гIемерал рахъун ругилан рикIунеб буго Кадиевас ва тIаде жубалеб буго: «Аналитикияб, профессионалияб информация къанагIат гурони батулеб гьечIо. Официалияб информацияги релъуна пачалихъиял информациялъулал алатаздасан бугIулебщиналда».
Блогерасул пикруялда, бичIулеб гьечIо, республикаялда бугеб ахIвал-хIалалъе кинаб къимат кьолеб бугеб пачлихъиял идарабаз. Мисалалъе, Терроралде дандечIараб миллияб комитеталъул сайталда раккани, гьенибги батуларо экспертияб аналитика.
Блогер Мадина ХIажиевалъ хъвалеб буго 2012 соналъул ихдалилаб армиялде ахIиялъул план рагIа-ракьанде щун тIубанин. Гьедин лъазабун бугин Дагъистаналъул рагъулав комиссар Даитбег Мустафаевасилан, хъвалеб буго блогералъ. Мустафаевас бицухъе, исана Дагъистаналдаса армиялде ун вуго 2300 чи.
ЦIалуда ва унтиялда бан ихдалилаб ахIиялда армиялде рачиналдаса заманаялъе эркен гьавун вуго 10 азарго чи. Ахираб заманалда гIемер бицунеб буго Дагъистаналдаса гIолилал армиялде рачунел гьечIилан абуна данделъиялда
Мустафаевасул рагIабазда, гъоркьисалде дандеккун, исана Дагъистаналдаса армиялде гIолилал цIикIун ритIана. Блогералъ хъвалеб буго комиссарас гьедин абуниги, армиялде ине бокьаразул ва инчIого хутIаразул къадар 30-азариде бахунин.
Низам цIунулезул хIалтIуда хъинтIулей йиго блогер Роза Къурбанова. «Полициялъул хIалтIулъ руго гIезегIан гIунгIутIаби», -илан хъвалеб буго гьелъ ва тIаде жубалеб буго: «Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул нухмалъулесги республикалъул нухмалъулесги чанги нухалъ абунги букIана полициялъулаздехун гIадамазул бербалагьи батIаго лъикIаб гьечIилан».
Низам цIунулез жидерго хIалтIи къанунаналда рекъон гьабулеб букIарабани, гьезда тIаса тIасанкIалъаял рукIунароанин, рикIунеб буго блогералъ. Гьелъ хъваралда рекъон, пуланаб чиясда такъсир гьабиялъул гIайиб батани, къануналда рекъон цIех-рехги гьабун, кквезеги ккун гьабизе ккола гьесие тамихI.
«Рикъизеги рикъун, гIакъубаги кьун, гьаричIел такъсиразде мукIурлъизеги тIамун диваналде щолел руго гIадамал. Гьединаб къагIидаялъ гьарурал цIех-рехазул хIасилал диваналда риххулел руго. Низам цIунулездехун гIадамазул ццимги жеги цIикIкIунеб буго», - ан хъвалеб буго ахиралдаги Къурбановалъ.
Низам цIуниялъул системаялда ругел проблемаби рагIалде рахъинаризе гъира гьечIин хIукуматалъул, абун рикIкIунеб буго журналист Мансуровалъ Саниятица: «Цо рахъги ккун Дагъистаналъул низам цIунулезда тIаса пикру загьир гьабизе захIмат буго. Руго лъикIал рахъалги руго квешалги. Лъайги махщелги бугел чагIи гьезда гъорлъ дагьлъулел руго. Гьелъие чанги гIиллаги батила. Мисалалъе, харж. Гьоркьохъев хIалтIухъанасул харж цIакъ мукъсанаб буго. Цойги босани: хIалтIул шартIал. Гьезие социалияб кумек гьабулеб гьечIо.
Низам цIуниялда буго кIудияб ришватчилъиги. Гьелги цогидалги масъалабаз гьезул хIалтIи цебетIезе бичалеб гьечIо. Гьел масъалаби тIуразе бегьула некIого. Амма кколеб буго, хIакимзабазе гьеб бокьун гьечIин».
Хъвадарухъан Алиса Гъаниевалъ жиндирго блогалда лъуна гьал къоязда цIияб романалъул кесек. Романалда цIар буго «Байрамалъу мегIер» - илан. Цересел асаразда Гъаниевалъ жакъасеб къо бихьизабулеб букIун батани, цIияб романалда пал къотIулеб буго, гьебги хIабургъараб, магIуги биги жубараб.
Романалъул кесекалда авторалъ бихьизабулеб буго Дагъистан шаригIаталъулаблъун лъугьун букIун.
Гъаниевалъ хъвалеб буго цIияб пачалихъалъул къади вахъанин гIаламалда цеве ва салафиязул пикруялда нахъ рилълъинчIелщиназе диван гьабизе байбихьанин: «ТамихIалде цIалезулъ рукIана жидеего данде кколареб динияб бичIчIи бугелги, Исламалда бидгIа гьабуралги, мекъал вагIзаби гьарурал ва суфиязул кьурди гьабулеб къавм».