Блоггер Расул ГъазимухΙамадовас Facebookалда хъвалеб буго щибниги гьечΙеб бакΙалда миллатчагΙаз кверщел гьабулел информациялъул алатазул кумекалдалъун ахΙи-хΙур бахъинабун бугин ва гΙадатияб бертин улакаялдаго рагΙизабун бугин. «Жеги лъиданиги лъалеб гьечΙо гьаваялда кьвагьдон ругищалицин, щал кьвагьдаралги чΙезабизе кΙолеб гьечΙо полициялда, киса-кирего видеокамераби ругеб Москваялда гьеб бихьичΙого хутΙизе рес букΙинчо»,-абун хъвалеб буго Расулица.
Дагъистан тΙолго Россиялда суризабун бихьизабиялъул мурад букΙин гуреб, кавказиязда хурхараб суал борхарабго информалатазул рейтинг борхулеб букΙиналъ гьабулеб бугин гьединилан бицунеб буго блоггер Заирова Аминаца. Гьелъул пикруялда рекъон, жидеде гΙадамазул кΙвар буссинабиялъул мурадалда, Кавказалде данде чΙараб бокьараб пикру кьолеб буго централиял информалатаз.
Цойги блоггер АхΙмадова Залинаца хъвалеб буго, улкаялда ругел киналниги гΙайибал жедида тΙаде ккеялдаса хΙинкъараб тΙалъиялъ гьезул цо-цоял кавказиязде тункулеб мехалъ гьеб лъикΙ къабул гьабулеб бугин, ва рагьун кавказиязде рокьукълъи бижизабулел телепрограммабазде бер къанщулеб бугин тΙалъиялъ.
«Цо заманалда Россиялда киналго гΙайибал гΙунтΙизарулел рукΙана жугьутΙазда, гьел чΙараб бакΙалда тΙадекΙанцΙиял гьарулел рукΙана. Инкъилабалдаса хадуб жугьутΙаз тΙалъи босизегΙан гьел гьоркьоса къотΙичΙо. Гьанже кинабго гΙайиб кавказиязде реххулеб буго ва нилъ дагь-дагьккун доб замналъул жугьутΙазул бакΙалде кколел руго. Ялъуни гьанжего дандечΙей гьабизе ккола гьелде, яги тΙалъи босизе ккола»,- абун хъвалеб буго Шамиль Шамилов абурав блогерас.
ГΙемер дандчΙвалел руго гьеб ахΙи-хΙуралъи рекъараб жаваб кьечΙилан республикаялъул тΙалъиялда ва Пачалихъияб Думаялда ругел депутатазда гΙайибал чΙвалелги. Дагъистаниял инжит гьарун жалго гΙурусазда берцин рихьиялъул мурадалда гьезул рахъ ккурал кΙалъаял гьарунилан тΙалъиялда гΙайибал чΙвалел руго nazirrahmanov абураб цΙаралда гъоркь хъвадарулес.
«Баркала буго Дагъистаналъул нухмалъулезе ва нилъер «бахΙарчиял» депутатазе гьаваялде кьвагьараб танчихъ гьабураб «бичΙчΙикьеялъул» хΙалтΙухъ»-, абун гьеб ахΙи-хΙуралда тΙад велъанхъулев вуго цоги блоггер. Информациялъул алатазда кавказиял сурун рихьизариялда данде чΙараб митинг тΙобитΙизе буго Ι4 октябралда МахΙачхъалаялда. Жибго рехсараб берталъ вукΙарав ва митинг гΙуцΙулезул цояв ГΙалибегов Казбекица ЭР-ялъе гьадин бицана:
ГΙалибегов Казбек: «Митинг гьабизе ниж тΙамуна киса-кибего кавказияздехун бугеб рокьукъаб бербалагьиялъ. Манежалъулаб майданалда букΙараб митингалдаса нахъе гьеб ахΙи-хΙур гьоркьоб къотΙизе толеб гьечΙо, кавказалъулаз щибниги гьабизе бегьулеб гьечΙо. Гьанже бертаби гьаризеги. Митинг гьабиялъе аслияб гΙилла буго информациялъул алатаз кин букΙарабали лъазабичΙого, жидее бокьухъе информация кьеялде дандечΙей загьир гьаби.
Бертин букΙана дир вацасул ва кинабгΙаги кьвагьдей Москваялда букΙинчΙо. Кьвагьдон рукΙана Москваялдаса 25 киллометралъ рикΙкΙад Марфино абураб дачаял ругеб бакΙалда, бахΙарай ячунаго гьелъул рукъалда цере, сверун къараб азбаралда жанир цо пистолеталдасан. Гьеб гьукъараб гьечΙо ва гΙадамал ракΙарараб бакΙалда щалниги кьвагьдечΙо. РукΙана хириял автомобилал ва Дагъистаналъул байрахъал. Гьеб кутакалда рекΙее гΙечΙого батизе буго цо-цоязе. Полициялъ чΙезарурабгоги лъицаниги дандечΙей гьабун букΙинчΙо, гΙодориччан кΙалъалел рукΙана. Гьелъул гΙаксалда, полициялъулал рачΙинахъего ниж жанир тΙамизе хΙадурун рукΙана. Щибниги бицинчΙого кверал рухьана нижер, ярагъ бугищалицин балагьичΙо. Лъицаялиго ниж кьвагьдолел рукΙанилан абураб жо сабаблъун».
Бищунго гΙемер интернет-годекΙаналда гьоркьоб лъураб суаллъун ккана рузман къоялъ Хасавюрталда шагьаралъул мэр Сайгидпаша ГΙумахановасде гьужум гьаби. Гьеб лъугьа-бахъиналда сверухъ чанго батΙи-батΙиял пикраби руго. «Хасавюрталъул мэрасул машинаялда аскΙоб кьвагьи бахъана. Германиялда полициялъ ккурав вацасул васасул къисматалда хурхараб бугодай гьеб кьвагьи?»-абун суал кьолеб буго журналист Анохина Светланаца.
Гьенибго блоггер Шагьов Расулица хъвалеб буго рищиязда цебесеб рагъа-рашари ва Дагъистаналда гьеб заманалъе хасиятаб кьвагьа-гΙанхъи гьанжего байбихьун бугин. Цо-цо блоггераз гьеб лъугьа-бахъин бухьинабулеб буго федералиял, бакΙалъулал ва аскΙор ругел регионаздаса политикиял къуватазда ва гьезулгун мэрасул лъикΙал гурел гьоркьорлъабазда.
Журналист БисавгΙалиев МухΙамадица хъвалеб буго Сайгидпаша ГΙумаханов чΙвазе бокьарал политикиял къуватал рукΙиналда гΙажаиблъи гьабизе бачΙунарин, амма гьеб гьабуразе гьелъул кинабгΙаги хΙасил гьечΙин, щайгурелъул, тΙоцебесеб иргаялда чара гьечΙого къисас букΙине бугин ва гьев гьечΙониги гьесул сверухълъиялда ва гΙагарлъиялда жанир гьев хисизе гΙураб даражаялъул чагΙи гΙезегΙан ругин.
Цойги интернеталда гΙемер рехсараб лъугьа-бахъинлъун ккана Дагъистаналъул динияб идараялъ нашидал ахΙулаго музыкалиял алатал хΙалтΙизаризе гьукъи. ГΙемерисел блоггераз гьеб хΙужа рикΙкΙунеб буго Дагъистаналъул эстрадалде тΙадецуй гьабилъун. Жалго нашидазда жанир музыкалиял алатал хΙалтΙизаричΙони гьезухъ гΙенеккулев чи дагь вукΙине вугилан рикΙкΙунеб буго livejournal.com сайталда жиндирго блоггалда miraxim абураб цΙаралда гъоркь хъвадарулев блоггерас. «Дие бокьула хΙеренаб бакъаналда бачунеб нашидазул музыка, гьелъ дун гΙодовиччазавула, диналдехун дир цΙай цΙикΙкΙуна, гьеб гьукъиялъул магΙна дида бичΙчΙулеб гьечΙо»- абун хъвалеб буго гьес.
«Динияб идараялъе ва кинав ватаниги дибирасе кутакалда бокьула щибалиго гьукъизе. Исламалъе пайдаяб жоги гьез гΙемер ургъичΙого гьукъун тола»-йилан хъвалеб буго цоги блоггерас. Гьесие жавабалъе kamilsultanoff абураб цΙаралда гъоркь хъвадарулев блоггерас хъвалеб буго, Динияб идараялда щибалиго гьукъизе кΙоларин светияб пачалихъалда, гьеб диналъ гьукъараб бугилан бичΙчΙизаби гурони гьезул тΙокΙал ихтиярал гьечΙилан.