Устар СагIид Афанди чIваялъулги салафиязулгун суфиязулги хIакъалъулъ Дагъистаналъул муфтиясул чIужу ПатIимат ХIамзатовалъ хъвараб макъалаялда хъинтIун гьаб анкьалда хъвай-хъвагIаял гьаруна чанги блогерас.
ХIамзатовалъ гьеб макъалаялда, мисалалъе, бицунеб буго суфиязулги салафиязулги рекъел гьабизе пикру кин ккарабали. «Ургъулел рукIана ракълилал къотIи-къаялги дандчIваялги гьаруни, цо чиясул бугониги гIумру хвасарлъиялъе кумек букIинародаян. Байбихьудасаго лъалеб букIана устарасда гIакълуги гьикъун гьабизе букIин кинабго», - ян хъвалеб буго ХIамзатовалъ. Гьелъ хъваралда рекъон, устаргун дандбан букIун буго суфиязулги салафиязулги ракълилаб къотIи-къай.
Гьединго ХIамзатовалъ хъвалеб буго, Дагъистаналъул бусурбабазул динияб идараялъе бигьаго букIинчIин гьел гара-чIвариял гьаризе, жидерго моралияб рахъалде дандекколарел ишал гьаризе. «Амма нижеца гьел гьарулел рукIана, щайгурелъул гьеб букIана нижер рухIияв цевехъанасул мурад», - илан бичIизабулеб буго ХIамзатовалъ.
Амма диалогалъул жо ккечIолъи бичIизабулеб буго мутфиясул чIужуялъ.
«Гьелъул рукIине ругеб хIасил лъаларого гуро, гьесие бокьун букIана жидее рекъел гьабизе рес кьечIин гьел гьаб дунялалда зигардунгутIизе ва Къиямасеб къоялъ Аллагьасда цебе гьезие бицине жо букIунгутIизе. Рекъел гьабизе кьураб ресалдаса гьез пайда босичIо. Гьез букъана гьеб устар СагIид-Афандиясда цадахъ чIикIасезул хабалалъ», - илан хъвалеб буго ХIамзатовалъ.
Гьелъул гьеб хъвай-хъвагIаялда тIаса пикраби загьир гьарулаго avarblog даптар бачунес хъвалеб буго, гьанже нилъ рукIинин кIиго исламияб рикьиялда гьоркьоб унеб къеркьей хIалуциналъул нугIзаллъунилан. Блогерасул пикруялда рекъон, рукIине руго ургъунго гьеб хIалуцинабулел чагIиги.
Блогерас ракIалде щвезабулеб буго, гьаб соналъул апрелалда МахIачхъалаялъул централияб мажгиталда Динияб идараялъулгун «Агьлю сунна Валь джамагIа» абураб гIуцIиялъул вакилзабаз ракълилаб резолюция хъван букIараблъи. Гьелда рекъон, кIиязго тIаде босулеб букIана цереккун рукIарал ракIхвеялги кIочон тезе, цIиял масъалабиги цадахъ рекъон тIуразе. Цо-цояз гьеб рикIкIунеб букIана рекъеллъун, цогидаз бицунеб букIана гьеб гьабичIого гьезул рес букIинчIин. Амма гьеб букIана кIиябго рахъалъе кIвар бугеб гали. Гьениб кинабгIаги пачалихъалъул гIахьаллъи букIинчIо.
Гьеб данделъиялдаса хадуб Дагъистаналда ккана гьеб рекъел хвезабизе бегьулел гIемерал лъугьа-бахъинал. Кин бугониги, салафиязе рес кьуна Динияб идараялъул информациялъул алатаздаса пайда босизе – радио, телевидение, газетал. Биччан букIана салафиязулаб «Ислам» журналги.
Блогерас хъвавухъе, устар СагIид-Афанди чIваялъ ахир лъуна гьеб диалогалъе. «ПатIимат ХIамзатовалъул макъалаялда божани, чIварав устар вукIана байбихьудасаго ракълил рахъ ккурав чи. Гьебго макъалаялдасан бичIчIулеб буго гьеб гара-чIвари цIакъ гъира гьечIого гьабун букIин. Гьединго бихьулеб буго устар чIваялъул гIайиб гьез «рохьилазде» гIунтIизабулеб букIин. «Рохьилазулгун» гьел гара-чIвариялде рачIарал салафиязул щулияб бухьен букIин бичIчIизабулеб буго гьелъ», - ян хъвалеб буго блогерас.
Блогер МухIамад МухIамадовасги баян кьолеб буго ХIамзатовалъул макъалаялда тIасан. Гьес хъвавухъе, ПатIимат ХIамзатова йиго суфиязда гьоркьой рикIкIуней гIадан. «Гьелъ хал ккола ДУМДалъул информационнияб пропагандаялда хадуб. Гьелъул макъалаялда хъвараб жоги кколеб буго Динияб идараялъул пикру. Гьеб макъалаялда хурхун салафиязул пикру жеги лъалеб гьечIо.
Гьеб гара-чIвари гьоркьоб къотIизе тей Дагъистаналъул тIалъиялъ кин къабул гьабурабали бихьулеб буго пачалихъияб информациялъул «Дагестан» алаталъ ХIамзатовалъул макъала хисизабичIого бахъиялъ», - илан хъвалеб буго блогерас.
Блогер ГIумар СагIидовас хъвалеб буго, салафиялгун суфиял цоцалъ рагъизе тIамизе хIалбихьанин гьанжегойин. «2 сентябралда Буйнакскиялда ботIрода гIурччинал такъияби лъурал гIадамаз викъана салафияв Сиражудин Хасаев (4 сентябралда гьев ватана МахIачхъалаялда централияб азарханаялда рухIарал бохдулгун ва гуллица борлълъараб гъежгун). Такъияби лъурал рачIана лъабго автомобильгун. Гьелго автомобилал рукIун руго Буйнакскиялдаса цойги салафияв Хизри ПирмухIамадов чIвазе рачIарал чагIазулги. Щал рукIарал гьел гIурччинал такъияби лъурал гIадамалали жеги лъалеб гьечIо»- ян хъвалеб буго блогерас ва тIаде жубалеб буго: «РукIине ругищ гьединал ишал жеги? Лъалеб гьечIо»-ян.
Ахиралда блогерас хъвалеб буго, республикаялъул тIалъиялъ гьел лъугьа-бахъиназда хурхун официалияб лъазаби гьабичIин жеги. «Дагъистаналъул нухмалъулел ургъулел рагIула жеги гьанире инвестициял рачIинариялда тIад. Гьаниб бугеб ахIвал-хIалалъухъ балагьарабго, гьез гьабулеб хIалтIи релълъун буго бид рецIцIулел ругънал пудраялъ рахчизе хIаракат бахъулезда», - ян хъвалеб буго блогерас.
МахIачхъалаялъул мажгиталъул имам МухIамадрасул СагIадуевас абун букIана рузман какда хадуб СагIид Афанди чIвай питна баккиялъе гIиллалъун букIине кколарин.
МухIамадрасул Саадуев: «Нилъеда лъезе ккола, машгьурал гIалимзабазул гIумрудул ахир букIунаро. Гьезул гIумру халатбахъуна гьез нилъее тарабщиналъулъ. ГIумру хутIула гьез тарал тIахьазда, гьез кьурал насихIатазда. Шайихасул хвел букIине бегьуларо жамгIияталда гьоркьоб питна багъаризабизе гIиллалъун».
Блогер r-rajabov`ас хъвалеб буго ахираб заманалда СагIид Афандица кIудияб хIалтIи гьабулеб букIанин Дагъистаналда рагъ биччангутIиялъе. «Нусазарго мурид вугев, республикаялда ругел политикиял къуватазул бищун кIудияб къуват жинда хадуб бугев гьев сордо-къоялъ чIечIого хIалтIулев вукIана рекъел цIуниялда тIад. Цо абураб рагIиялъ, цо багъарараб логоца нус-нус чи гIенеккизавулев вукIана. Гьесул сабураб, гIакъилаб, гIадамасул рекIелъе бортулеб кIалъаялъ киналго гIодориччазарулел рукIана», - ян хъвалеб буго блогерас.
Блогер r-rajabov`ас шайих чIваялда тIаса хъвалеб буго нахъойги тIалъиялъ абилин гьеб такъсир гьабурал ралагьизе ругин. Гьес хъваралда рекъон, гIажаиблъи гьабизе гьечIо цо анкьидаса кивалиго хасаб операциялда чиги чIван, гьале гьас гьабун букIун бугин гьеб такъсир абун цо чи вихьизавуниги.
Блогерасул пикруялда рекъон, тIалъиялъ жидеца цIех-рехалъул халкквелин абурал такъсиразул цонигияб жеги рагьун гьечIо. «Дагьав чи чIвачIо: гIалимзаби, журналистал, политикал, хIакимзаби, спортсменал… гIадатиял гIадамал рикIкIинчIого. Рагьизе гьечIо гьаб такъсирги. Рагьанин лъазабизе буго, амма рагьизе гьечIо», - ян хъвалеб буго блогерас.