Ссылки для упрощенного доступа

Хвезабун букIинчIебани закон, чIаго букIинаан...


Маялъул анцIила микьабилеб къо саламатаб цIияб хабарги босун бачIана. ЛъикIаб хабар гьеб бугин абизе рекъон гьечIо, квешабин абизе битIун гьечIо.

Щайгурелъул щивав чиясе Аллагьасда цебеги, законалда цебеги жиндир ишазул жаваб кьураб лъикIаб буго. Хасго пачалихъалъул законалъул гIурхъабаздаса къватIире рахъарал. Жеги цIикIкIун жавабчилъи гьебго законалда цебе бачIуна гьев чи живго гьелъул гIурхъи цIунизе пачалихъалъ цевехун тарав чи вугеб мехалда. Гьеле гьединав чилъун вуго Имам Яралиев.

Хвезабун букIинчIебани закон, чIаго букIинаан...
пожалуйста, подождите

No media source currently available

0:00 0:04:58 0:00
Загрузить файл

Жакъа маскаби рарал чагIиги рачIун МахIачхъалаялда кIиго рукъ, Дербенталда кIиго рукъ, Сулейман Стальский районалда цо рукъ къуваталъулаз сверунги ккун чIухь балеб буго. Гьев вукIана къогогIан соналъ республикаялъул прокурорлъун. Лъиениги балъголъи батиларо гьесул прокурорлъиялъул заманалда гIадин гьарзаго такъсирчилъиги, закон мерхьиги бугеб мех Дагъистаналъул тарихалда букIун батиларо. Яралиевасул прокурорлъиялъул болжалалда гьеб закон абураб жо хIалтIулеб букIана гIицIго пакъирзабазда данде. Базаралда ругел ричарухъабазда, бакъва-къосараб интеллигенциялда, нахъа ярагъги, гIолохъабиги гьечIел гъаримзабазда данде.

ХутIараб, закон мерхьунеб халкъ киназдаго ракIалда батила. Дол яргъид гIуцIарал миллиял рагъа-рачариязул церехъабиги, тIад тунчулги ран сессиязде рачIунел депутаталги, автоматалгун администрациязул бутIрулги, машинадул нахъисеб бакIида рехун винчестералгун крутоялги. ГАИялъ машина чIезабурабго, цебеселда цадахъ нахъисеб цIер гъоркье биччалаан лъидехун кIалъалев вугевали лъазе. Пакъир, гаишникас куц Таргъу мегIералде сверизабулаан, цониги гъутаналдаса гьан бичизе вачIунев чи тIаде щвезегIан, крутоясухъе тIад руссун документалги кьолаго.

Гьеле гьеб ахIвал-хIалалда нилъер республикаялда вукIана прокурор абурав цо чи ва гьесул азаргоялдасаги арал хIалтIухъаби, тIири нечечIого, щибаб моцIалъ харжги босун ведомосталда гъулбасулел, жалги хIалтIанин гьаб моцIалъ абун. Гьел соназда рарал жал руго гьел жакъа чIухь бан бахъунарел минабиги дачабиги. Гьел соназда прокурор бетIергьанлъана минералияб лъим "Рычал-суялъул" ва рана заводал. Харжихъ гьабураб хIалтIи гьаб гуреблъи хIакъаб жо гьечIищха?

Бицуна Дагъистаналъул бетIерлъун МухIу ГIалиев вачIарабго гьесда бичIчIанин гьев прокуроргун хIалтIун жиндир нухмалъиялъул жо кколареблъи. Москваялдаса хал-шал гьабизе генералияб прокуратураялъул чагIиги рачун МухIуца ахIун Яралиевгун лъун бугин 50 тIамач цIураб справка ва гьикъун рагIула: «КъватIивейищ инев, жанивейищ?» - ан. Туснахъалъувищ, хъулухъалдаса нахъейищ абураб магIнаялда. Хъулухъалдаса ана гьев Сулейман Стальский районалъул бетIерлъун.

Гьениб гIей гьабичIого чанго соналдаса байбихьана Дербент шагьаралъул тахбакIалъе гIоло къеркьезе. Гьеб история киназдаго лъала. Республикаялъул бетIерлъун Рамазан ГIабдулатIипов вачIарабго байбихьана цебесеб нухмалъиялъул чагIи нахъе ритIизе. Гьеб сияхIалде Яралиевги ккана. Саламатаб халат бахъараб кабинетазул къеркьеялдаса хадув ана гьев нахъе.

Амма абулеб букIана уголовнияб делоялъе гIураб материал бакIарун бугин гьесда тIад абун. Щаялиго гьелъул сихI-махI къотIун букIана. Жакъа багъарана цIидасан. Сунда бан? Щай гьоркьоб къотIизе тараб, кинаб гIиллаялъ цIи гьабизе байбихьараб? Рес буго Яралиевасул политикиял амбициялги лъан, хаслихъе рукIине ругел рищиязда квал-квал гьабиларедухъ "чангит балеб" батизеги.

Ялъуни гьадингоги бакIарун букIараб материал жиндир болжалги лъугIун унел ратизе рес буго цIех-рехалъул тадбирал. Нагагь цIех-рехалъулаз закон хвезабулеб батани Яралиевасда хурхун гьабулеб ишалъулъ гьеб букIинаан сонисев прокурорасда тIад кIариялда къисмат белъанхъиялъул мисаллъун.

Щайгурелъул гьесул нухмалъиялъул болжалалда жаниб таманаб тун букIун батизе рес буго гьесги гьеб закон хвезабизе цояб властлъукьа нахъе, кIиабилеб кьварараздагун «кьураразда» тIад валагьун, лъабабилеб гьеб хвезабуниги тIохде балеб цIадалъулгIан жиндие ургъел гьечIого. Жакъа гьелго къагIидаби жиндехун хIалтIизаруралго бичIчIула кинаб гIакъубаялда къабул гьабулеб букIараб гIадамаз мекъаб цIех-рехги, законги хвезабун къотIарал диваналги, кьурал гIакъубабигун диван гьечIел къисасалгияли.

Цо ПиргIавн вукIана нилъер къого соналъ, бетIер борхаралщинал доб дунялалде ритIулев. Гьеб кин бичIчIилеб абун суал бачIарабго, гьес абулеб букIун буго: "Нужеца чIезабеха гьеб такъсир дица гьабун букIин", - абун.

Ахирги ургъун рахъарал такъсиралги тIад къан жанив лъурав гьес дида гIайиб гьечIин абурабго бачIунеб данде гьесулго жаваб: "Дуца гьанже чIезабе гьеб такъсир дуца гьабичIин" абун. Амма жибго законалъ абулеб буго такъсир гьаби чIезабизе кколин, гьабунгутIи чIезабизе кколарин чияс абун. Закон хвезабуниги бегьулеб жоян гурищ рукIарал ал? Хвезабулебха бугеб. Аллагьасукьа хIинкъулел рукIаралани я цIех-рехал, я суравал, я жаваб лъаларел суалал рукIинароан. Пайда щиб гьелъул бицун?

Хабар лъикIаб рагIайги.

======================================================

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG