Ссылки для упрощенного доступа

Инвестициялъул климат лъикIаб гьечIо


20 сентябралда Сочиялда байбихьизесеб форумалда Дагъистаналъ бихьизабизе буго 82 проект. Гьезул гIаммаб багьа 243 млрд гъурущ кколин бицана Инвестициязулгун къватIисел бухьеназул рахъалъ гIуцIараб Дагъистаналъул Агентлъиялъ. Гьелги рагIула экономикаялъул батIи-батIиял рахъазда хурхарал проектал – росдал магIишаталда, бакIал раялда, туризмалда, энергетикаялда, транспорталда, инновациязда, халкъияб махщалида ва цогидалда.

Бищун багьа кIудиял проектал кколел руго промышленносталда ва росдал магIишаталда хурхарал – тIоцебеселъул багьа ккола 89 млрд гъурущ, кIиабилелъул – 68 млрд гъурущ. Гьединго инвестициязулугн къватI бухь рахъалъ гIуцI агентлъ-ул вакилзабаз рикI буго гьеб 82 проекталда гьоркьоб бугин цIакъго кIвар кIудияб 32 проект.

Щибаб форумалъул хабар ккедал рагIизе бегьула Дагъистаналъул рахъалдасан гьенир рихьизарулел проектаздасанги гьезда гIахьаллъулел чагIаздасанги гьарулел тIасанкIалъаял. Амма цебехун рехсараб агентлъиялъ гьел харбал гIададиселлъун рикIкIунел руго. Масала, цере-цере Сочиялда тIоритIарал форумаздаса хадуб байбихьанила республикаялда гьанже машгьурал проектал гIумруялде рахъинаризе. Гьел кколила «АгроДагИталия» абураб агротехнопаркги, Гъизляр, Тарумовка, Бабабюрт мухъазда анцIаза-азар рахьдал гIачиязе ралел фермабиги, флоат-къагIидаялдалъун цIер гьабулеб заводги.
Амма гьел къотIи-къаязде инвесторал Сочиялда форум тIобитIилалдего рачIун рукIанин бицана ЭР-лъе Дагъистаналдаса экономист Мусаев ТIайгибица.

Мусаев ТIайгиб, экономист
Мусаев ТIайгиб, экономист
Мусаев ТIайгиб: «Цебесеб форумалъул хIисаб гьабидал. Гьениб хъвана лъабго къотIи-къай. Гьел хъвала Татарстан букIа, яги цогидаб букIа - Россиялъул бокьараб субъекталъулгун. Имиджалъулал проекталин абула гьезда. Щибниги хIасил кьолароха. Гъизляралда рахьдал завод базеян абураб проектги букIана. Амма гьеб бугоха форум байбихьилалдего букIараб къотIи».

Дагъистаналда бугеб хIинкъараб ахIвал-хIалалъ рачIунел ратиларин гьанире инвесторалин абулеб буго ТIайгибица.

ЭР. - Гьелъие гIилла пачалихъалъ гьезие гарантия кьунгутIиялда бараб букIинадай?

Мусаев ТIайгиб: «ХIукуматалъ гIезегIан лъикI кьола гьеб гарантия. Цебесеб форумалда МахIачхъалаялда гIан гурони чияс гIумру гьабулареб Адыгея республикаялъ гьаруна Дагъистаналдасаги цIикIкIун къотIи-къаял. Гьебги Россиялда жаниб бугеб республикалъидал кколеб… Лъаларо, Дагъистаналда бугеб такъсирияб ахIвал-хIалалда бараб жоги батила. Амма гьелдасаги квалквал гьабулеб батилин ккола хIакимзабазул хъантIиялъги ричча-рихъан теялъги (муниципалиял гIуцIабазул нухмалъулезул, министерлъабазда ругел хIакимзабазул)».

Дагъистаналъул нухмалъиялъе къваригIун буго республика инвесторазда лъикIаб бералда бихьизабизе. Гьедин гьезул ракI тIаде цIазелъун рахъула берцинаб тIабигIатги гьалбал хириял дагъистаниялги рихьизарулел фильмалги. Гьединаб фильм бихьизабуна гьез гьал къоязда МахIачхъалаялде рачIарал турказдаги. Инвестициязул рахъалъ Туркиялда бугеб агентлъиялъулги «Атлас Джет», «Язичи» абурал компаниязулги нухмалъулел рукIана гьел. Гьездаса хадур, ункъо къоялдасан, I8 сентябралда рачIана цойгиги туркал. Хъумторхъала мухъалъул Тюбе абулеб росулъ «Нергиз-Дагестан» абун рессарулеб фабрика базе хIукму гьабуна гьез. Байбихьуда гьеб ишалъе инвестициязул 500 млн доллар бачIинин хьул буго гьезул. Гьединго щуазарго чиясе хIалтIизе ресги щвелила гьениб. Амма гьедин Каспийскиялде рачIарал Туркиялдасаго инвесторал лъутун ратанин, дагъистанияз гьабулеб хашаб хIалтIуда ракIги рекъечIогоян бицун букIана республикаялъул нухмалъулев МухIамадовас чанго моцIалъ цеве Дагъистаналъул Халкъияб мажлисалда кIалъалаго.

Гьединго инвесторал хIисабалда цин цебеккун хал-шал гьабизе республикаялде аслияб куцалда Ираналдаса, Кореялдаса, яги гьезда мадугьалихъ ругел улкабаздаса инвесторал рачIуна. Амма гьебго заманалда республикаялъул экономика хIисабалде босулеб гьечIо Россия тун къватIирги машгьурал Дагъистаналдаса олигархал МухIамадов Зиявудиницаги, Керимов Сулейманицаги, гьездаса цодагьал ресукъал бизнесменазги. Гьезали киб гурин жалго Дагъистаналда гIумру гьабун ругел бечедал чагIазгицин гIарац республика тун къватIибе баччулеб бугин бицунеб буго экономист Мусаевас.

Мусаев ТIайгиб: «Дагъистаналда гIумру гьабулел бечедал чагIаз – мэрал яги муниципалиял гIуцIабазул нухмалъулел батIалъи гьечIого – жидерго гIарац буссинабулеб буго Россиялда яги къватIиб хIукуматалда бугеб бизнесалде яги мал-мулкалде. Гьелъ бихьизабула гьаниб инвестициялъул климат лъикIаб гьечIоллъи».
XS
SM
MD
LG