Ссылки для упрощенного доступа

Азербайджаналдаса гочунел лезгиязе гIарац кьезе бегьула


Храхуба росо
Храхуба росо

Россиялъулгун Азербайджаналъул пачалихъияб гIорхъи чIезабун хадуб Азербайджаналда хутIарал Храх-уба ва Урьян-уба абурал росабазул гIадамал МахIарамкенталде гочинариялъе Дагъистаналъул хIукуматалъ гIарац биччазе тIаде босун буго.

Дагъистаналъул экономикаялъул министр Марат Илясовас Дагъистаналъул Халкъияб собраниялъул данделъиялда лъазабуна, Азербайджаналда ругел лезгиязул Храх-уба ва Урьян-уба росабалъа гIадамал Дагъистаналде гочинариялъе 900 млн. гъур. гIарац биччазе бугилан. Амма бачIунеб соналъул бюджеталда жаниб гьеб гьечIо, гIарац федералияб бюджеталдаса биччазабизе ракIалда буго. Халкъияб собраниялъул сессиялда суал борхана «Россиялъул Патриотал» партиялъул парламенталда бугеб фракциялъул нухмалъулев Хидиров Эдуардица. Экономикаялъул министрас бицана киналго къваригIарал документал хIадурун Москваялде ритIун ругин гьаб соналъул апрелалдаго, амма гьенисан жеги жаваб щун гьечIо.

Кавказский узел сайталъ лъазабухъе, Россиялъул финансазул министерлъиялъ жеги чIезабун гьечIо кисан гIарац биччазе кколебали гьеб ишалъе. ТIоцебе ракIалде букIана «Юг России» абураб федералияб программаялда рекъон биччазе, тIаде гIарац биччан гуреб, гьенисан гIарац биччан, амма Дагъистаналъул хIукуматалъ ва Россиялъул регионал церетIеялъул министерлъиялъги гьелъул рахъ кквечIо. ГIарац киса щолеб жеги чIезабун гьечIониги, гочарал гIадамазе ракь ккун буго МахIарамкент мухъалъул Новоаул росулъ. Гьеб росулъа гочарал рукIана цереккун Храх-убаялде гIадамал.

Дагъистаналъул хIукуматалъул лъазабиялда рекъон, гочизе къачIарал гIадамазул цIех-рехги гьабун чIезабун буго гьезул къадар. Гьезул баяназда рекъон кколел руго 435 чи, I45 хъизан. Амма хадуб миграционнияб службаялъул гьел тарихал хисизурун руго. Ахирисеб документалда руго 377 чи ва I38 хъизан. Рехсараб гIарац щибаб хъизаналъе бикьани, цо-цо хъизаналъе щолеб буго гIага-шагарго 6 млн. гъур гIарац.
Азербайджаналъул ва Россиялъул хIукуматаз гьел росабазул масъалаби тIубанго роцIцIараллъун рикIкIунел руго. Азербайджаналъул тIалъиялъул вакилзабаз батIи-батIиял информалатазда лъазабулеб буго Храх-убаялъул гIадамазе жидеца чанго батIияб рес кьолеб бугин масъала тIубазе. Ялъуни Азербайджаналъул гражданаллъун рукIине ккола, яги гочун ине ккола. Жалго Храх-убаялъул лезгиназ бицунеб буго гьеб ракь жидер букIанин, Россиялъул хIукуматалъ жидер ихтияралги хвезарун, жидерго гражданал къватIисел пачалихъалда реххун тун ругин. Гочине ккарав Храх-убаялдаса Мамедов Бахтиярица «Эркенлъи» радиоялъе бицана жидер ихтиярал хвезарун ругин ва пачалихъалдаса гIарац щвеялда жив божуларин.

Мамедов Бахтияр: «Гьеб жоялда дица гочиян абуларо, гьелда абула нахъе къотIиян, рокъоса къватIир рачахъеян. Цониги чиясе бокьун букIинчIо гочине, гIадамазе бокьун букIана Россиялъул гражданаллъун хутIизе. Амма нилъер киналго хIакимзабаз ва хъулухъчагIаз чIезабуна гьеб ракь Азербайджаналъул бугин, гьенир нижер ихтиярал гьечIин. Гьабизе жо тIагIарал гIадамал гочине ккана. Рачахъараб гIадаб жо ккана. КIиго соналъ къеркьолел руго ниж хIакимзабазул тIалаб гьечIолъигун, ахир къадги ниж киса-кирего щун, нижер къварилъиялъул гIемер бицун ахIи-хIур бахъинабурабго, гьанже дагьалъ кIвар кьолеб буго. Нижер лъимал цIализе ине школа рагьун бугин лъазабун букIана, ракьал кьолел ругиланцин бицун букIана, амма гьеб нижеда жеги бихьичIо. Гьанже гьеб гIарацги, пачалихъалъ биччаниги, гьеб нижехъе щунгутIизеги рес буго. ТIубанго киназдасаго божилъи хун буго нижер. Нилъер хIакимзабаз щибаб хъизаналъе 6 млн гIарац биччаялда дун божуларо, гьел хIалтIулеб куц бихьараб мехалъ. КIиго миллионгIаги щвани гьеб кIудияб иш букIинаан».

Цоги гьеб росулъа гочарал гIадамаз ва Лезгиязул миллиябгун культурияб автономиялъул нухмалъулез киназго бицунеб буго Россиялъул ва Азербайджаналъул нухмалъулез гьеб проблемаялда цIакъго дагьаб гурони кIвар кьолеб гьечIин. Гьединабго пикру загьир гьабулеб буго гьезул ракьцояв, «Россиялъул патриотал» партиялъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъул нухмалъулев Хидиров Эдуардицаги. Гьес бицунеб буго Дагъистаналъул бюджеталда гьел гочине биччараб гIарац гьечIин, гьоркьоса къотIичIого гьеб суал борхизе кколеб бугин. ГьабсагIаталда экономикаялъул министрас гьабураб лъазабиги Халкъияб собраниялда гьеб суалал гьоркьоб лъечIебани букIинецин букIинароанилан бицана депутатас.

Азербайджаналда бугеб Россиялъул вакиллъиялдаги бицана гьеб масъала роцIцIун бугин, гIадамал гочулел ругин. Амма жалго гIадамаз бицухъе, гочун гIагарлъиялъулъ гIумру гьабун ругин жал, Федералияб тIалъиялъ гIарац гьанибе биччан, хадуб гьеб гьанисан жидехъе щвезегIан жеги цIакъ гIемер къеркьезе кколин, тIубанго гIарац щвеялдаги хьул дагьаб гурони гьечIин.
XS
SM
MD
LG