Ссылки для упрощенного доступа

Къануналда рекъон кьолеб тарбия


Дагъистаналъул Халкъияб Мажлисалъ къабул гьабун буго лъималазе «коммендантияб сагIат» лъазабулеб къанун, ай чIахIиял цадахъ гьечIого балугълъиялда рахинчIел лъималазе гьукъулеб буго къаси сагIат 10 тIубаралдаса радал 6 тIубазегIан къватIахъ ва цоги жамгIиял бакIазда рукIине. БукIине бугищ гьеб къануналъул къуват ва кьезе бугищ гьелъ лъикIаб хIасил?

Дагъистаналъул парламенталъул депутатазул пикруялда рекъон, Дагъистанияз гIураб къадаралъ кIвар кьолеб гьечIо жидерго лъималазе тарбия кьеялъе, ва гьеб къануналъ рес кьезе буго рехсараб проблемаялда кIвар буссинабизе, гьединго лъималазда цебе эбел-инсул жавабчилъи цIикIинабизе. Къанун къабул гьабизе ккеялъул хIакъалъулъ бицунеб букIана заманаялъ республикаялъе нухмалъи гьабулев ГIабдулатIипов Рамазаницаги.

ХIадурана гьеб къанун Дагъистналъул парламенталъул лъай кьеялъул, гIелмуялъул ва культураялъул комитеталъул нухмалъулей - ГIалиева Асиятица. Гьелъул пикруялда рекъон, тIоцебесеб иргаялда къанун къабул гьабун буго лъималазул ихтиярал цIуниялъул мурадалда. «Щибаб лъимералъул ихтияр буго хъизаналда гIумру гьабизе ва эбел-инсуца тIалаб гьабизе ккола гьезул», - абун баян кьуна гьелъ «Кавказский узел» сайталъе.

Дагъистанияз гьеб къануналъе батIи-батIияб къимат кьуна. Цо-цояз рикIкIунеб буго гьеб къабул гьабиялъе кинабгIаги хIажалъи гьечIин ва гьелъул магIна гьечIин, лъималазе тарбия-лъай кьезе кIоларел эбел-эмен кинабгIаги къануналъ гьеб гьабизе тIамуларин. Цогидаз рикIкIунеб буго лъималазе лъикIабги квешабги эбел-инсуда лъикI лъалин, къанун къабул гьабулездасаги жидее цикIкIун рокьулин жидерго лъимал. Лъабабилезул пикруялда рекъон, къанун къабул гьабун буго жиндир заманалда, батIи-батIиял, къануналда данде кколарел ишазулъ лъимал гIахьаллъиялъул хIужаби гIемерлъун рукIиналъ.

МахIачхъалаялдаса Ибрагьимова ГIайшатил пикруялда рекъон, гьабсагIаталда пачалихъалъ гIураб кIвар кьолеб гьечIо лъималазе, эбел-эменги гIемерисеб мехалъ тарбия кьеялде регIун рукIунаро. «Эркенлъи» радиоялъе гьелъ гьадин бицана:

Ибрагьимова ГIайшат: «Нилъеца жаваб кьезе ккола нилъерго лъималазул ва гьез гьарулел галабазул. КигIанго гьеб рахъ кьваризабурабгIан цIикIкIун пайда буго. Дир пикруялда рекъон, ахираб заманалда цIакъго гIемер эбел-инсуца жидерго лъимал толел руго кIварго кьечIого. Жалго хIалтIуда, гIарцуда хадур лъугьун руго, тарбия кьезе регIулел гьечIо.

Цере рукIарал комсомолазул, партиялъул идарабиги гьечIо гьабсагIаталда, пачалихъияб даражаялде гьеб суалалда тIад хIалтIулел гIадамалги гьечIо, лъимал жалго жидеего тун руго. ХIасил кьезе бугищ гьеб къануналъ абун гьикъани, дида ккола кьезе бугин. Щай гурелъул лъиениги бокьиларо гьединаб гIайиб жидеда чIвазе, лъимазе тарбия кьолеб гьечIилан тамихI тIаде босизе, хасго хIинкъула гIадамал цогидазда гьеб рагIиялдаса».

Лъималазе тарбия кьеялъул масъала цохIо гьеб къануналдалъун лъугIуларо, руго цIакъго гIемерал цоги масъалабигиян рикIкIунеб буго дагъистанияз батIи-батIиял интернет-годекIабазда. Гьезда гъорлъ рехсолел руго педагогазул хашаб лъаялъул даража, цIалул идарабазда гьечIел алатал, тIахьал ва гьел гурел цоги батIи-батIиял масъалаби.

Буйнакскиялдаса лъабго лъимадул эбел КъурамухIамадова Зулейхал пикруялда рекъон, къанун къабул гьабураб гIоларо, гьеб гIумруялдеги бахинабизе ккола. Гьей божулей гьечIо къануналъ хIасил кьеялда.

КъурамухIамадова Зулейха: «Къануналда хурхун пикру загьир гьабуни, дун щакай йиго гьелъ хIасил кьеялда. Щайгурелъул, къанунал хIалтIула гьел къануназухъ гIенеккулел гIадамал ругеб бакIалда. Гьеб рахъалъ нилъер гьаниб кидаго проблема букIана, нилъер гьаниб бокьуларо къануналда рекъон гIумру гьабизе. Гьукъараб жо жеги цикIкIун бокьулеб буго. Психологазги бицунеб буго, лъималазе кинабго жо гьукъулеб мехалъ, гьезие жеги цIикIкIун бокьулеб буго гьеб. Гьукъараб нигIмат цIикIкIун бокьулин абиги бугелъул.

Сардил заманалда батIи-батIиял бакIазда лъимал рукIиналъул рахъ ккола дица абураб магIна кколаро гьелъул. Гьелъул гIаксалда, гьеб бакIалда рахъ ккола. Гьединаб мурадгун къабул гьабунги бугин ккола рехсараб къанун – лъимал гьезие данде кколарел гIадамаздаса, бакIаздаса ва ахIвал-хIалаздаса цIуниялъе гIоло. Школазда, тIадегIанал цIалул идарабазда бичIчIи кьеялъул гара-чIвариялги гьарун, гьел лъималазда рехсараб къанун жал кинал ругониги лъикIлъабаздаса махIрум гьаризе гурел, гьезие жидеего пайдаялъе къабул гьабун бугиланги бичIчIизабуни, къануналъ пайда кьезе бегьула».

Халкъияб Мажлисалъул лъай кьеялъул, гIелмуялъул ва культураялъул комитеталда тIобитIараб данделъиялда гьеб суал борхана ва республикаялъул лъай кьеялъул министерлъиялда тIад къан буго рехсараб къанун гIумруялде бахинабиялъул тадбирал тIоритIизе. Гьезда жанибе уна щибаб школалда хехаб психологиялъул кумек гьабиялъул кабинет рагьи ва гьединго «Этика ва хъизаналъулаб гIумруялъул психология» абураб дарс лъайкьеялъул программаялда жанибе боси.

Лъималазе «коммендантияб сагIат» лъазабиялъул къанунал къабул гьарун рукIана цереккун цоги регионаздаги. Мисалалъе, гьединаб къанун хIалтIулеб буго 2010 соналдаса нахъе Ставрополалда. Гьелда рекъон гIумруялде рахинчIел лъимал къаси сагIат 10 тIубаралдаса къватIир рукIине бегьуларо.

XS
SM
MD
LG