Гьеб тΙобитΙиялъул хΙаракатчилъун цебе бахъараб Динияб идараялъул муфтиясул наиб МутагΙилов Магьди-хΙажица бицухъе, диниял церехъабазул лъай борцине ккеялъул масъала борхун букΙун буго Дагъистаналъул президентасул ишал тΙуразарулев ГΙабдулатΙипов Рамазаница.
Гьаниб ракΙалде щвезабун абуни, имамзабазул ва диниял цΙалул идарабазда дарсал кьолел мугΙлимзабазул аттестация гьабизе ккеялъул суал ГΙабдулатIипов Рамазаница борхун букIана март моцΙалдаго. Гьелда тΙасан гΙезегΙан бахΙсалги рукΙана социалиял мухъазда. Масала, ислам лъазабиялъул рахъалъ Шималияб Кавказалда гIуцIараб централъул нухмалъулев Гереев Русланица бицана гIемерисел муниципалитетазда имамасул хьвада-чIвадиялда, гьес гьабулеб хIалтIуда гьоркьоре лъугьунел чагΙи кколароанила ва гьединлъидал, цебего заман щун букΙанила гьединаб хΙалалъе ахир лъезе. «Жакъасев имам вукIине ккола кинабго рахъалда хадув гΙунтΙарав, щвалде щун лъай бугев чилъун», - абураб пикру загьир гьабуна Гереев Русланица.
Амма тарихчи Гьиматил Камилил рагΙабазда рекъон, имамзабазулгун диниял мугΙалимзабазул лъай борцунеб къагΙида цебеги букΙун буго.
Гьиматил Камил: «Инкъилаб ккелалдеги ва гьелдаса хадуб, ай Советазул хΙукуматалъ диналде данде хвалчен бахъичΙеб заманалда дибирзабилъун хΙалтΙизе, тΙамизе гΙураб гΙелму жидер бугищали халгьабизе унаан Темир-Хан-Шура шагьаралде. Гьениб имтихΙан кквезе кΙваразда божилъи гьабулаан росабалъ дибирлъи гьабиялъе. Инкъилаб ккун хадусел соназда диналде данде чΙейги букΙинчΙо ва гьелъие нугΙлъи гьабулеб хΙужаги ккола шаргΙияб диван хΙалтΙулеб букΙараблъиялъ. ШаргΙияб диваналъул къадилъунги вищун вукΙана ЦΙадаса ХΙамзат».
Тарихчи Гьиматил Камилица бицухъе, доб заманалда бокьарав чиясул ихтиярги букΙун буго бокьани шаргΙияб бокьичΙони къануналда рекъараб диван гьаби тΙаса бищизеги.
Амма гьаб заманалда Дагъистаналда диниял рикьалаби гΙемерлъун рукΙиналъ ва дагьабниги гΙелму щвараз жидерго гΙакълуялда рекъон хΙукмаби къотΙулел рукΙиналъ, гьезул лъай борцунеб къагΙида билълъанхъизаби рагΙула аттестация гьабиялъул мурадги.
Аттестация абун цΙар лъуниги гьезие экзамен, итихΙан лъей гурила гьеб тадбиралъул аслияб мурад абун бицана аттестация гьабиялъе гΙуцΙараб идараялъул нухмалъулев, муфтиясул наиб МутагΙилов Магьди-хΙажица.
МутагΙилов Магьди-хΙажи: «Дагъистаналда ругел гΙемерисел имамзаби нижеда щалали лъала. ГΙемерисел руго Динияб идараялда нахъ рилълъунел ва дагьалго чагΙи руго рилълъунарелги. Гьедин букΙинеги ккола. Рикьи гьабулел чагΙи кидаго рукΙаралъулха ва рукΙинеги ратила. Цебегоялдаса нахъе нижедагоги ракΙалда букΙана гьединаб тадбир гьабизе. Амма аттестацияйиланги абун чΙахΙиял гΙалимзабазул хΙалбихьун, имтихΙанал гьарун гьединал жал гьаризе ракΙалда букΙинчΙо. Гьединаб жо ккун букΙун буго Хунзахъги. КΙудияв гΙалимчи ахΙараб мехалда ва комиссиялъ лъималазе гΙадал суалал кьедал, гьеб мекъи бихьун лъугьун вукΙун вуго. Гьединал жал гьари гуро нижер мурад. Мурад буго бугеб ахΙвал-хΙал дурус гьаби, киб бакΙалда щив чи вугевали лъазаби, кин гьес дарсал лъолел ругелали баянлъизаби».
Имамзабазул ва мугΙалимзабазул аттестация гьабиялъе гΙуцΙараб комиссиялъул нухмалъулев МутагΙилов Магьди-хΙажица бицухъе, аслияб мурад рагΙула цадахъ рекъон хΙалтΙи гьаби, цо масъалаялда бан, цебе чΙараб суал борхун вагΙзаби гьарулел къагΙидаби рукΙинари.
МутагΙилов Магьди-хΙажи: «КΙал кквей ва биччаялда тΙасан букΙуна гΙемераб дандеккунгутΙи. Ниж ана къватΙисел улкабазда ругел гΙалимзабазухъе, дандчΙвана Дагъистаналде рачΙун рукΙаралгун, щвана Катаралда ругел гΙалимзабазухъе, гьенибги борхана гьеб суал. Дандбана гΙакълу. Щайгурелъул, гьединал масъалаби тΙуразариялъул хΙалбихьи дозул доба цΙикΙкΙараб букΙунелъулха. Амма аттестация абун лъураб цΙар, хΙакъикъаталдаги, мекъаб буго. Гьединаб цΙар лъеялъулъ буго цо-цоязул бичΙчΙунгутΙиги. ИмтихΙан босулеб бугин абураб жо мекъи бичΙчΙулеб буго. Гьелъул аслияб мурад буго цоцазда рихьи, гьабулеб хΙалтΙи дандбан гьаби».
МутагΙилов Магьди-хΙажица бицухъе, гΙалимзабаздасан хасаб комиссия гΙуцΙун рагΙула ва гьелда гьоркьор ругила тадбир унеб къагΙидаялда хадуб балагьулел чагΙи хΙисабалда хΙукуматалъул вакилзабиги. ХΙкуматалъул рахъалдасанин абуни, рехсараб комиссиялда гьоркьор руго намусалъулаб эркенлъиялъул ва диниял гΙуцΙабазулгун цадахъ рекъон хΙалтΙи гьабиялъул идара, гьединго, Юстициялъул министерствоялъул вакилзаби.