Спортсменал политикаялдегун нухмалъиялъул хΙалтΙуда гъорлъе лъугьиналъул гΙаламатал Дагъистаналда раккана араб гΙасруялъул 90 абилел соназда. ГьанжегΙагарги хъулухъалда тарав машгьурав спортсмен ккола Хьаргаби мухъалъул ГΙаймакиса профессионалияв рагъухъан, рагъулаб самбоялъул рахъалъ дунялалъул кубок босарав МухΙамад Маликов. Хасго гьев машгьурлъана 2011 соналда вагъизе байбихьун 23 секунд арабго Александр Емельяненко нокауталде витΙун хадув.
Маликов ккола гΙолилазул рахъалъ министр хисулев. Гьес гьеб идараялда тΙуразе рагΙула гΙун бачΙунеб гΙел рухΙияб рахъалъ куцаялъул мисал. Гьев батΙаго квешав вас ватиларин, амма щивас жинди-жиндир махщалида рекъон гьабизе кколин гьанжениги хΙалтΙиян абулеб буго ЭР-ялъ гара-чΙвари гьабурал цо-цо дагъистанияз.
Заман щванила гΙундул рекаралги «кьураралги» хъулухъазда теялъе ахир лъезе. Хасго гьелда бан гьез ракΙалде щвезабулеб буго гьал къоязда Калмыкиялда Дагъистаналдаса гугарухъанас республика къватΙиб чΙвазабураб хΙужаги.
Буддал монументалда малги щвезабун, хадубго гьезул какал ралеб рокъоб хΙажатги тΙубан, вихьичΙесда живго вихьизавизе перископалдасан къватΙибеги кьуна гугарухъанас жиндирго пиша. Гьединаб гурони даража гьечΙел спортсменал хадурккун хъулухъазде лъугьунел рукΙиналъ дагьаб ракΙ буссинабулеб буго жибго спорталдехун лъикΙаб бербалагьи бугел дагъистаниязулгицин.
Чан нухалъ Олимпиялъул чемпионлъун вахъаниги щибин, пуланав чи жинда тΙад къараб махщалие хΙадурав ватичΙониян абуна ЭР-ялъе Дагъистаналъул нухмалъулесул гΙакълучи Камиль Ландаца.
Камиль Ланда: «Щуго нухалъ Олимпиялъул чемпион вукΙаниги щив чи, хΙалтΙизе махщел батичΙони. Ришватги кьун пуланаб хъулухъалде лъугьунев ватани, чан балагь гьес халкъалъе гьабизе бугеб, жиндаго хΙалтΙизе лъазегΙан? 5-6 сонниги инарищха гьев гьенив ругьунлъизе.
Жибго гьев Маликов гьеб хъулухъалда теялъе ругел гΙиллабазул батΙаго хал гьбаизе ккела. Щиб лъалеб, гьелъие гΙурал тΙалабал ратила гьесул. Дида мухΙканго гьеб суал лъаларо.
Амма дица кидаго абулаха щивас, жинди-жиндир махщел сундуе батаниги, гьеб иш гьабизе кколилан. Спортсмен гьев вугони, тренерлъун ине бегьула (спортсменазул карьера хеккого лъугΙулелъул). Гурони, тΙадегΙанаб лъайги батичΙони, цевеккун пачалихъалъул хΙалтΙудаги хΙалтΙун ватичΙони, кинаб хъулухъха гьес гьабулеб?».
ЭР: «Гьанже хасго Элистаялда гьадаб хΙужаги ккечΙищха, нилъ суризабураб?»
Камиль Ланда: «Кканаха. Гьединал спортсменаз нилъер къимат хвезабулеб буго. Гьев гΙолохъанчияс гьединаб пиша гьаби бараб буго гьесда сверухъ ругел чагΙазул лъавукълъиялда. Рамазан ХΙажимурадовичас (Дагъистаналъул бетΙер – ЭР) битΙараб гьабуна – спорталъул министрасе кьварараб бадибчΙвай гьабуна, тренерги нахъе вахъана.
БичΙчΙи кьеялъул хΙалтΙи гьабизе ккелароанищ гьез спортсменазе? Гьеб кин гьабилеб, гьединаб лъай гьечΙел чагΙи хъулухъалда ругони? Нилъер мадугьалзаби – калмыказда – цебе кутакалда къимат хвезабуна гьеб хΙужаялъ».
ГΙемерисел спортсменаз хъулухъал спорт гΙадин къабул гьабулел ругин, добаги чΙел босун ругьунлъун, чара гьечΙого жал гьанирги цере, бетΙералда рукΙине кколин абураб пикру лъугьун бугин гьезулъин рикΙкΙунеб буго ЭР-ялъ гара-чΙвари гьабурав жамгΙияв хΙаракатчи ва шагΙир Садрудин Башировас.
Садрудин Баширов: «Авлахъалда цо чахъу цояб рахъалдасан цогидалде кΙанцΙани, тΙубараб рехъенго уна гьелда хадуб. Гьединго батизе бегьула гьаб нухалдаги гьабун – цо-кΙигояв гьазул-дозул кумекалдасан ворчΙидал, вахΙ, жив кΙудияб хъулухъалъе мустахΙикъав чи вугин ракΙалде кколеб батила цо-цоязда.
ТΙадежоялъе спорталъулъ чΙелги босун бугелъулин жидеца. Байбихьудаго риччан рукΙинчΙелани гъол цониги хъулухъалде – пачалихъияб хΙалтΙуда хΙалтΙун хΙалбихьи гьечΙел чагΙи. Кьун гΙарацгун балагьулеб бугоха гьез рес щиб гьабунги цониги хΙалтΙуда хурхине. Гьезул хΙалтΙийин абуни гьезул замаз (кумекчагΙаз) гьабулеб буго. Гьал нухмалъулелин абуни цΙаралъе ругел чагΙи ккола гьенир.
ГΙадатияб суалалъегицин жаваб кьезе бажаруларо гьезухъа. Масала, ХΙебда ц очи вукΙана бегавуллъун. Гьениса нахъе рехарав чи восун школалъул директорлъун тана. Щибниги хΙалбихьи гьечΙев чи. 20-30 соналъ хΙалтΙун ругьунал мугΙалимзабазе щибиландай гъос бицинеб? Гьединаб хъулахъалде 10-15 соналъул стаж гьечΙев чи ваккизе виччазе бегьуларо».
Рамазан ГΙабдулатΙипов Дагъистаналде нухмалъиялде вачΙиндал, гьес абулеб букΙана хъулухъал кьеян рачΙунел ругин жиндихъе гΙезегΙан чагΙи, амма лъикΙаб хъулухъ тΙадкъазе ккани, чиясул букΙине кколин чанго соналъ пачалихъияб хъулухъалда гьитΙинабго бутΙаялъул нухмалъулевлъунгΙаги хΙалтΙараб хΙалбихьи. Байбихьуда бицен гьабурав МухΙамад Маликов цевехун гьединаб хъулухъалда вукΙинчΙо.