Ссылки для упрощенного доступа

Ришватчилъиялъул кьалбал батIи-батIиял рукIуна...


Ахираб заманалда ришватчилъиялда хурхарал такъсириял ишал гIемерлъулел руго ва информалатаз гьезул хIакъалъулъ гIемер бицунеб буго. Хасго гьединаб ахIи-хIул гIемерлъун буго Дагъистаналда.

Сунда гьеб бараб бугеб ва щай Кремлиялда гьеб ахIи-хIуралъе гIурхъи чIвалеб?

Россиялда араб соналда данде ккун гIаммаб къагIидаялъ ришватчилъиялда данде гьабулеб рагъ дагьлъун гурони цIикIкIун гьечIо. Амма информалатазда ахIи-хIур гIемерлъулеб буго. «Известия» газеталъ лъазабухъе, гьедин бицана Россиялъул президентасул администрациялда киналниги къуваталъул идарабазул нухмалъулел ракIарараб данделъиялда. Кремлиялда рази гьечIо цереккун рагьизе кIолищ ялъуни кIоларищали лъаларел уголовиял хIалтIабазда хурхун информалатаздаса ахIи-хIур бахъинаби. Гьел рагIалде рахъинчIеб мехалъ жамгIияталда цебе тIалъиялъул къадру гIодобегIанлъулеб бугоян рикIкIунеб бугин президентасул администрациялда. Уголовияб хIалтIияда хурхун диваналъ тамихI къотIичIого гьезул хIакъалъулъ гIемер бицине бегьуларин бичIчIизабулеб буго тIалъиялъ абун пикру загьир гьабулеб буго рехсараб газеталъ.

Гьединабго ришватчилъиялда хурхун ахIи-хIур унеб буго Шималияб Кавказалда ва хасго Дагъистаналда. Цоязда хадур цоял чагIи ришватчилъиялъул гIайибги гIунтIун я хъулухъаздаса нахъе гьарулел руго, ялъуни цоги тамихIалде цIалел руго. Щай цебеккун лъиданиги лъачIого хутIизе рес букIарал такъсирал гьабсагIат информалатазухъе щолел ва халкъалда гьоркьор лъолел, щиб бугеб гьелъие аслияб гIилла абурал суалал кьуна нижеца батIи-батIиял политологазе, экспертазе ва жамгIиял хIаракатчагIазе.
ЖамгIияв хIаракатчи ва журналист Шевченко Максимица гьелда хурхун гьадинаб пикру загьир гьабуна.

Максим Шевченко, журналист
Максим Шевченко, журналист
Шевченко Максим: «Дица абилаан гьеб процессалда элита бацIцIад гьабиян. 1990-2000 соназ Дагъистаналда гIуцIараб тIалъиялъулаб элитаялъ Дагъистан бачана дагь-дагьккун гражданияб рагъде. Гьеб гуребги, рехсараб элитаялъ гIуцIана ришватчилъи ва жамгIият гьелде ругьун гьабуна. Дир пикруялда, федералияб централъ Москваялда хIукму гьабун буго Дагъистаналда бугеб ахIвал-хIалги хIисабалде босун, гьенир ругел тухумчилъиялъулал гьоркьорлъаби риххизаризе ва гьелдалъун тIалъиялъул къадру борхинабизе. ХIасил кьезе бугищ гьел тадбираз ялъуни гьечIищали хал гьабизе ккола, гьанжего къимат кьезе цудунго буго».

Цоги пикрабазда рекъон, Дагъистаналда ришватчилъиялда сверухъ ахIи-хIур бахъиналъул Москваялда бараб жо гьечIо. Гьеб бухьинабулеб буго республикаялда ругел тухумчилъиялъулал къокъабазда гьоркьоб унеб къеркьеялда. ЖамгIияб хIаракатчи МуртазагIалиев Шамилил пикруялда рекъон, цо бакIалда хъулухъалда вугев чи реххизе бокьани къуваталъул идарабиги гьоркьор журазарун гьесул ришватчилъи къватIиб чIвазабулеб буго. Дандиязги гьебго къагIидаялъ жаваб кьун цояз цоял реххулел ругин.

Цеве вукIарав Дагъистаналъул информациялъул ва басмаялъул министр ХIажиев Нариманил пикруялда рекъон республикаялда президентасул хъулухъалде цIияв чи вачIингун гьес жиндирго чагIи къазарулел руго хъулухъазда. ГIемерисеб мехалъ ришватчилъиялъул гIайибги гIунтIизабун хъулухъалдаса реххула нахъе ине бокьичIев чи.

ХIажиев Нариман: «ЦIияв чи вачIингун гьес хIалбихьула жиндирго командаялъе хъулухъал эркен гьариялъул хIалтIи гьабизе. Эркенал хъулухъалги гьечIеб мехалъ, гьенир ругезеги нахъе ине бокьичIеб мехалъ, байбихьула гьужумал гьаризе, такъсирал тIад къазе. Гьеб буго бокьарав хъулухъчиясде гьабизе бегьулеб тIадецуй. Гьезда бихьулеб бугелъул цIияб тIалъиялъул тIалабазда рекъон хъулухъалдаса живго нахъе инчIони, ялъуни гьез абураб къагIидаялъ хIалтIичIони, уголовияб хIалтIиги тIад гьабун нахъе витIизе ва туснахъалъуве ккезе бегьулевлъи. Гьеб Дагъистаналъе гIадатияб иш буго. ЦебетIураб демократияб жамгIияталда мисалалъе, президент хъулухъалдаса арабго гьесда цадахъ гьесул сверухълъиги уна нахъе. Нилъер гьаниб абуни лъиениги бокьун гьечIо нахъе ине. ЦIи рачIараз гъоркь ратарал нахъе кьабулел руго, хадур рачIараз гьалги нахъе кьабизе руго».

Ришватчилъиялда данде гьабулеб къеркьей гIиси-бикъинал такъисиразда хурхун информалатазда ахIи-хIур бахъинабиялдалъун лъугIулеб бугилан рикIкIунезул къадарги гIезегIан буго. ЖамгIияв хIаракатчи, тохтур Саидов ГIабдурашидил пикруялда рекъон, Дагъистаналда ришватчилъиялда данде рагъ гьабулеб ххвел гьабулеб буго. «Ришватчилъигун гьабулеб рагъ релълъун буго тIубанго черх гIузрабаз цIурав чиясул хвезе байбихьараб гIус къачIазе лъугьиналда. Щай гIадан унтун вугевалиги хал гьабун, гIусалъеги, тIолабго черхалъеги дару гьабизе ккола», - ян бицана гьес «Эркенлъи» радиоялъе.

Дагъистаналда гIемерисеб мехалъ ришватчилъиялъул гIайиб гIунтIизабулев чи хъулухъалдаса реххизе къваригIун букIунилан пикру загьир гьабулеб буго гIемерисел цIех-рех гьабурал экспертаз. Гьелъие далиллъун бачунеб буго ришватчилъиялъул гIайиб гIунтIизабурал чагIазул цонигияв туснахъалъуве ккечIого, хъулухъалдаса нахъе иналдалъун иш лъугIулеб букIин.
XS
SM
MD
LG