Дагъистаналъул нухмалъиялде лъабго чиясул кандидатура лъун букIаниги, некIого киназдаго лъалаанин Путиница Дагъистаналда президентлъун Рамазан ГIабдулатIипов толевлъиян абуна гьев вищулеб сессиялда Гъизилюрт мухъалъул администрациялъу
Вищун хадуб Рамазан ГIабдулатIиповас абуна гьаб бугин Россиялъул президентасги, парламенталъги, Шималияб Кавказалда вугев Россиялуъл президентасул вакиласги, Дагъистаналъул халкъалъги жинда тIад лъураб кIудияб гьир. Жиндир бакIалда цогидав чи вачIун вукIараваниги, батIияб куцалда хIалтIун бажарулароанила. Дагъистан цIилъизабиги, эконмика цебетIезабиги, дотацияздаса рорчIиги, цогидалги суалал – гьел кколила жакъа аслияллъун. Гьездаса лъутизе бакI гьечIила.
Рамазан ГIабдулатIипов: «Дица сон кIвар кьун цIалана цересел нухмалъулез хъварал докладал – МухIу ГIалиевасулги, МухIамадсалам МухIамадовасулги
Цересел нухмалъулезул кIалъаялги гьабулеб хIалтIиги аслияб куцалда Дагъистаналда террор лъугIизабиялда хурхараб букIунаан. Рамазан ГIабдулатIиповас гьелъул хIакъалъулъ цо чанго рагIудалъун абуна. Масала, ракIалде щвезабуна дагьалъ цебе салафиязулгун суннитазул букIараб данчIвай. Жинца гьезда абунила нилъер вугин цохIо Аллагьги, МухIамад Аварагги (с.гI.с), цохIо Къуръанги. Гьеб мехалда сундул бицунелин нуж ругел, щайин къацандулел? Къуръаналъул кинаб сураялдайин абулеб бугеб пачалихъалде данде такъсирчилъи гьабизеги, гьелъул нухмалъулел чIвазеги кколилан. Аллагьас къабул гьаруларин ВатIаналдаги пачалихъалдаги данде чIарал гьариял.
Хадуб гьес бицана жиндир хIалтIи аслияб куцалда росдал магIишаталда, экономикаялда хурхараб букIине бугилан. Халкъияб Мажлисалда фракциял ругел партиязул вакилзабаз суалалги рукIана. Масала, коммунистазул вакил Мурзадин Авезовас гьикъана ГIабдулатIиповас цере лъурал проектал гIумруялде рахъине ккани, лъидейин мугъчIвай гьабизе бугеб. Рамазан ГIабдулатIиповас жаваб кьуна жинца гIезегIан тIахьалги хъванин Дагъистаналъул хIакъалъулъ, чанги щвезеги щолаанин гьаниве, амма гьадигIан квешаб хIал гьаниб букIин лъалароанин. Гьел проектал тIуразаризе чагIи ругин абуна, щалали мухIкан гьабичIо.
Депутат ва медакадемиялъул ректор ГIабдурахIман ГIусмановас абуна сверухълъиялъ гьавулин къирал, амма гьеб сверухълъи бихьулеб гьечIин. КъиралгIаги вихьулев вугищин гьикъана ГIабдулатIиповас
Гьесдаса хадув кIалъана довги Шабанов МухIамад. Гьес абуна депутатасда хъвазе бегьуларин, «неприкосновенно
Рамазан ГIабдулатIипов вищулеб гьеб данделъиялда рукIана Россиялъул Федерациялъул Шураялъул вице-премьер Иляс ГIумахановги, олигарх Сулейман Керимовги, цогидалги. Гьесда хъулухъги баркана мадугьалихъ республикабаздас
Рамзан Къадиров: «Ахир-къадги нилъеда киназдаго, Чачан Республикаялдаги Дагъистаналдаги, бихьила нилъ церетIолеб къо. Рамазан ГIабдулатIиповас
8 сентябралда Дагъистаналда парламенталъ республикаялъул нухмалъулев вищун хадув хIукуматалъул нухмалъулевлъун тасдикъ гьавуна гьанжелъагIанги гьеб хъулухъалда вукIарав ГIабдусамад ХIамидов.