Дагъистаналдаса 250 гIолилав ахIизе вугин жидеца исана хасалихъе ва гьезул кьучIалда гIицIго гьел гурони гьоркьор гьечIеб, хасаб хIалбихьиялъулаб батальон гIуцIизе ракIалда буго гьезда.
Дагъистаналъул рагъулаб коммиссариаталда гьелъул хIакъалъулъ щибниги лъалеб жого батичIо. «Эркенлъи» радиоялъ гьелъул бицен гьабурабго кинал ругониги баянал кьезе кIоларилан гара-чIвариялъе инкар гьабуна идараялъул нухмалъулев МустIафаев Даитбегица.
Амма интернеталда гьелъул гIатIидго бицине байбихьун буго батIи-батIиял информ алатаз. Дагъистаналъул жанисел ишазул идараялъ кьураб баяналда абулеб буго рехсараб рагъулаб бутIа хIалтIизе лъугьине бугин 2013 соналъул ихдал.
PublicPost сайталъе Дагъистаналдаса тарихчи ХIажимурад Доногъоца кьураб баяналда абулеб бугоан гьединаб аскар гIуцIизе букIин цIияб жолъун кколарин Дагъистаналъейилан. Тарихчияс бицухъе 19 гIасруялда Дагъистаналда хIалтIулеб букIун буго гьединабго миллияб полициялъул къукъа. «ГIалхулаб Дивизия» абураб цIаргун гьеб къукъа гIахьаллъун буго Турказулгун букIарабги, ТIоцебесеб дунялалъул рагъулъги.
Рагъулав аналитик Александр Гольцица хъвалеб буго рехсараб тайпаялъул рагъулаб аскаралда гьоркьор гIицIго дагъистаниял рукIиналъ лъикIаб хIасил кьелилан кколин жиндайилан. Гьедин цадахъ хъулухъ гьабулел рукIине ругин цо чанго мухъаздаса ва росабалъа ракьцоял, гьединго гьелъул хIасилалда цогидаб хъулухъ гьабулел бакIазда дагъистанияз рихьизарулел гIадлу гьечIолъиялъул хIужабиги дагьлъилилан пикру буго гьесул.
Амма гьелда тIад тIуванго рекъолев гьечIо Гъуниб мухъалда гIолилазул комитеталъул нухмалъулев МухIамадов МуртазагIали. Рехсараб тайпаялъул рагъулаб къукъа гIуцIизе букIиналъул хабар гьанжеялдаса цо лъагIалица цебегоги рагIун букIанин жиндаян бицана гьес «Эркенлъи» радиоялъе ва кинаб хIасилдай гьелъ кьелеб абун дандбалелги рукIанин ниж . Жиндаго гьелъ цо киналго разияб хIасил кьелилан кколарилан мукIурлъана гьев:
МухIамадов МуртазагIали: «Жакъа нилъее къваригIун буго Москваялдаги цогидал бакIазда ругезги нилъер ракьцоял ратIа гьарулареб мисалалда, киналго цолъиялде рачIунеб къагIида. Дора ругел нилъер депутаталги хабарал рицунел хутIун руго. Гьеб рагъулаб батальон гIуцIизе букIиналъ щибниги лъикIаб жо кьелилан кколаро дида. Гьедин батани рачIаха гIурусал батIа, кавказалъулал батIа гьарун щиб кколаяли бихьизе. Гьеб мехалъ цоцалъ рагъун квешаб бакIалдеги бачIине бегьула иш».
Нижехъе щварал баяназда рекъон гьеб рагъулаб батальоналъ хъулухъ гьабизе рагIула Дагъистаналда, рспубликаялда тIоритIулел терроралда дандечIарал хасал операцияздаги гIахьаллъи гьабизе бугин гьезилан хъвалеб буго гьебго баяналда. Рехсараб тайпаялъул рагъулаб бутIа гIуцIизе ккеялъул пикру дагъистаналъул нухамалъиялда цебего ракIалда букIаниланги буго баян ва гьелъул хIакъалъулъ республикаялде вачIиндал Россиялъул президентасда биценги гьабун буго букIун буго гьелъул.
Экспертаз абулеб буго миллиял рагъулал бутIаби гIуцIи къануналъ къабул гьабулеб хIужа кколарин, амма гьелъул хIаракатчилъи пайда кьолеблъун букIине бугин рикIкIунеб буго гьез. Гьадинги цогидал бакIазде хъулухъ гьабизе ккедалги хъата-масан ракьцояв валагьизе хIаракат бахъулин гьез, гьединлъидал тIубанго дагъистаниял гурони гьечIеб рагъулаб бутIаялда ахIвал-хIалги гIодобе биччараб букIинин буго гьезул пикру.