Ссылки для упрощенного доступа

Олимпиялъул хIаязул цIа Дагъистаналда


Итни къоялъ Дагъистаналде щвана анкьабилеб февралалда Сочиялда тIоритIизе ругел олимпиялъул хIаязул цIа. Республикаялъул «Анжи-Арена» стадионалда Дагъистаналъул машгьурал спортсменаз иргадал босун чанго горсвери тIобитIана олимпиадаялъул цIагун. ЦIадгун гьури пулеб квачараб къо букIиналде балагьичIого гьеб тадбиралъухъ балагьизе чанго азарго чи вачIун вукIан гьеб къоялъ «Анжи-Аренаялъул» стадионалде. Дагъистаналъ олимпиялъул цIаялда дандчIвай гьабураб куцалъухъ бицунеб буго гъоркьехун.

27 январалда Каспийскалда аскIоб бугеб «Анжи-Арена» стадионалда кIудияб тадбир тIобитIана. Анкьабилеб феваралалда Сочиялда тIритIизе ругел Олипиялъул хIаязул цIа босун унеб куцалъухъ балагьизе рачIун рукIана гIемераб халкъ. Анкьабилеб октябараласа бабйихьун Олимпиялъул цIаялъул эстафетаялъе байбихьи лъун букIана тIубараб Россиялдаго. Январалъул къоло анкьабилеб къоялъ гьеб щвана Дагъистаналдеги.

«Анжи-Аренаялда» майдан сверун цIа босизе цереккунго тIасавищун вукIана батIи-батIияб ригьалъул 67 спортсмен. Гьезда гьоркьор рукIана батIи-батIиял соназда эркенаб гугариялъул рахъалъ Олимпиадалъул чемпионаллъун рахъаралги ва цогидалги спортивиял тайпабазул рахъалъ дунялалъул ва Европаялъул къецазда цересел бакIал щваралги спортсменал.

Сочиялъул Олимпиял ХIаязул цIа къабул гьабулел дагъистаниял Анжи-аренаялъул трибунаялда
Сочиялъул Олимпиял ХIаязул цIа къабул гьабулел дагъистаниял Анжи-аренаялъул трибунаялда
Олимпиялъул цIагун горсвери тIобитIиялъе байбихьи лъуна Шималияб Кавказалдаго эркенаб гуариялъул рахъалъ тIоцевесев Олимпиялъул чемпион ГIабдулбеков загъалас. Гьесухъа цIа босана 1976 соналъ Канадаялъул Монреаль шагьаралда тIоритIарал олимпиялъул хIаязул чемпион машгьурав гугарухъан Юмин Владимирица. Гьесдаса хадув горсввери халат гьабуна генерал-майор МуртзагIалиев ГIумарица. Гьевги цо спортивияб тайпаялъул вакил вугилан баян гьабуна дикторас.

Олипиялъул цIа босизе мустахIикълъаразда гьоркьор гьединго рукIана сакъатал гIадамазда гьоркьор тIоритIарал спортиял хIаязул чемпоналги. Инвалидазул гьакида тIад вукIаго цIагун стадион сверизе ана батIи-батIиял спортивиял тайпабазул рахъалъ Европаялъул ва дунялалъул къецазда гIарцулаб медаль босарав ГIадилов Расул.

Олипиадаялул цIаялъул эстафеталяда гIахьалъи гьабуна микьго чIужугIаданалъги, гьенир рукIана боксалъул, тIадагьаб атлетикаялъул ва цогидалги спортивиял тайпабазул рахъалъ батIи-батIиял турниразда чIелал росарал руччаби.

Анжи-аркаялде жанире унеб бакIалда унел руго хIинкъигьечIолъиялъул тадбирал
Анжи-аркаялде жанире унеб бакIалда унел руго хIинкъигьечIолъиялъул тадбирал
ЦIагун рекеризе ругел спортсменал рикьун рукIана кIиго бутIаялде. Стадионалъул цояб бащалъи цо къукъаялдаса чанго чияс тун хадуб цIадул гIорто кьолаан цогидаб къукъаялъухъе. Гьединаб тартибалда щибаб къукъаялда щу-щу чиги витIун кинабниги анцIго гIанасеб свери гьабуна Дагъистаналъул спортсменаз.

Машгьурал гугарухъаби КъурамухIамад КъурамухIамадов, Ширвани Мурадов, Футболалъул федерациялъул президент Будун Будунов ва жеги анцI-анцI церетIурал спорталъул вакилзаби ана майдан къотIун.

Армреслинг абураб спортивияб тайпаялъул рахъалъ дунялалъул чемпионаталда 14 нухалъ чIел босарав ЦIунтIа мухъалдаса МухIамадов ТIагьирица гьадин загьир гьабуна Олимпиялъул цIагун векризе щвеялдаса жиндирго бугеб рохел.

МухIамадов ТIагьир: «БитIараб бицани ракIалда букIинчIо диего гьабинаб рес щвелилан, щайгурлзул цIакъ гIемерал рукIиндалха гьанире хъвалел гIадамал. Амма щвана гьединаб рес ва гьелдаса ракI-ракIалъ вохарав вуго. 34 сона гьоркьоб ун хадуб кIиабилебги олимпиада тIобитIулеб буго нилъер ВатIаналда ва тарихалда жаниб тIоцебесеб нухалъ гьелъул цIа бачIана Дагъистаналдеги. ТIокIаб гьединаб къо букIиниш цогияли лъаларо. Амма анищ гьабизе гьукъун гьечIелъул анищ буго Олимпиадаялъул хIаязул цIо бутIа кида-къадги Дагъистналдаги тIоритIизе ратилин абун. Нилъ гьелъие мустIахIикъал руго».

Олимпиадаялъул цIаялъул эстафетаялъе ахир лъуна 1997 сонлъ США-ялда Атланта шагьаралда тIоритIарал Олимпиялъул хIаязда эркенаб гугариялъул меседил медаль щварав Гумбет мухъалдаса МухIамадов ХIажимурадица. Гьесухъаги босун Олимпиадаялъул цIадул торгIоялъусан цIа цогидаб гьединабго гIартиниб бакана Дагъистаналъул нухмалъулев ГIабдулатIипов Рамазаница. Гьеб букIан Олимпиадялъул цIа Дагъистаналдеги щвараблъи загьир гьабулеб гIаламат. Республикаялъул нухмалъулес киназдаго баркана гьеб кIудияб лъугьа-бахъин.
XS
SM
MD
LG