Ссылки для упрощенного доступа

Чехалищ, чачаналищ?


Praha
Praha

Гьанже чехазул улка кIиго батIияб куцалда бихьизабизе бегьула документазда – Чехазул Республика гIадинги, Чехия гIадинги.

ГьанжелъагIан букIараб цIар цIакъго халатаб бугин, гьединлъидал гьелъ санагIалъи гьечIолъи лъугьинабулеб бугин хъвалебги бицунебги мехалъилан абурал пикраби загьир гьарулел руго гьеб улкаялъул тIадчагIаз. Гьедин исана риидал Чехазул Республикаялъул Олимпиялъул тIаса бищараб командаялъул ратIлида тIад хъвазе рагIула «Чехия» абун. Гьеб цIар хIалтIизабизе бугила туризмалъул бренд хIисабалдаги.

ЦIияб цIаралда данде чIарал чагIиги руго. Масала, гьез абулеб буго киса-кибго гьеб хисулаго гIемер гIарац харж гьабизе ккелила улкаялъ, ялъуни гIемер чи хадув гъезе гьечIила гьелда. Ругила гIадамал советияб заманалда гIадин, жеги-жеги Чехословакия абураб пачалихъ бугин рикIкIунелги.

Амма гьеб цIар хисиялда дандечIеялъе буго цойги гIиллаги. Чехазул цо къадар хIинкъун рагIула жидер улка гьанже чачаназул улка гIадин бичIчIилилан. Щайин абуни цо-цо мацIазде буссинабуни, гьезда гьоркьоб кIудияб батIалъиги гьечIо. Масала, немец мацIалда гьадин абула: Tschetschenien (Чачан Республика) — Tschechien (Чехия). Гьединлъидал жидер улка Чачанлъийин ккезе бокьун гьечIилан Чехиялъул регионалияб цебетIеялъул министр Карла Слечтовалъ абурал рагIаби руго прессаялда.

Гьаниб ракIалде щвезабизе бегьула 2013 соналда Америкаялда теракт гьабурал вацал-чачанал – Тамерланги Жовгьарги Царнаевал – Чехиялдаса кколин хъвалеб букIана байбихьуда гIемерисел журналистаз.

Амма чачаналги чехалги ратIа рахъизе лъангутIи кколин Америкаялъул школазда география лъикI малъунгутIиялъул гIайибилан рикIкIунеб бугоан Чачаналдаса тарихчи СагIид-ХIасан Абулмуслимовас.

СагIид-ХIасан Абулмуслимов: «Хаду-хадурги гьединал хIужаби такрарлъиларедухъ цIалул идарабазда география малъиялъул иш камиллъизабейин малъа-хъвай гьабилаан дица америкаялъулазе. Гьелда бан дида ракIалде щолеб буго гIурусазул драматург Фонвизиница хъвараб «Недоросль» абураб асар. Гьокочиясе гIакъуба кьезе география щайин абулеб буго гьениб. Гьединал персонажал дагьал гьечIел къагIида Америкаялдаги».

Чехиялда цIар хисиялдалъун кIиябго халкъалъе – чачаназеги чехазеги – лъикI ккелин рикIкIунеб буго Европаялда гIумру гьабулев дагъистанияв АсхIаб ГIумаровас.

АсхIаб ГIумаров: «Дида ккола гъозие гъоб цIар къокълъизабизе бокьун бугин, щайин абуни спортивиял тадбираздаги цогидалъубги санагIалъи букIунаро гьеб рехсолелъул. Амма къокълъизабун хадуб ингилис мацIалда чачаназул улка гIадин бичIчIизехъинги бугоха гъоб».

ЭР: «Гьадинаб пикру рагIана дида. Масала, чачаназ Европаялда къваригIел гьечIеб жо гьабуни, чехал хIинкъун ругила гьелъул гIайиб гIайиб жидедего бачIинадайилан».

АсхIаб ГIумаров: «Гьедин хIисаб гьабулеб бугони. Цо чиясулъцин букIуна квешабги лъикIабги гIамал. Амма тIолабго халкъалъул бицине ккани, цониги гьечIелъул лъикIал гIадаталги хасиятги камураб халкъ. Гьединго чара гьчеIого чачаназ квешлъи гьабилин щай чехазда ракIалде ккезе кколеб? Нагагьлъун гьал чехаз квешаб жо гьабуни, чачаназда мекъи бихьизе рес гьечIебищ гьеб? Гьеб цIар хисизе ракIалде ккарал чагIазда гIезегIан лъикI лъалеб батила гьелъул хIасил кинаб букIинебали.

Дир хIисабалда, кIиябго хIукуматалъе пайдагицин буго гьелъул. Щай? Щайгурелъул Чехиялъул буго Европаялда рикIкIунеб футболги хоккейги. Чачаназул буго гугариги боксги. Олимпиадаялъул яги цогидаб заманалда «гуглалдасан» балагьизе лъугьани, кIиябго бакIалъул цIар бачIинаребищ?».

Гьанибго ракIалде щвезабизе бегьула гьанжегIагар халкъалъул пикру лъазабиялъул рахъалъ Чехиялда бугеб централъ тIоритIарал гьикъа-бакъиязул хIасилги. Чачанал мадугьалихъ рукIине бокьилин жаваб кьун буго чехазул гIицIго 14 проценталъ. ГьедигIанасебго божилъи гьез гьабулеб буго цыганаздехунги.

Материалы по теме

XS
SM
MD
LG