Россиялъул информалатаз ва политиказ гьезда ракIалде щвезабулеб буго 2008 соналда Сербиялдаса батIа тIун чIараб Косовоялъ жиб лъидаго бараб гьечIин гьабураб декларациялъул гьез рахъкквейги Британиялъул Къираллъиялдаса тIеялде бачине бегьулеб референдум Шотландиялда тIобитIизе букIинги.
«Крымалъул парламенталъул хIукму цо-цоязе данде кколареб батани-гьеб гьезул иш буго»,-гьедин абуна Россиялъул Федерациялъул Шураялъул нухмалъулей Валентина Матвиенкоца. Гьелъ гьикъулеб буго рагIабазда рекъон, Шотландиялда лъидаго бачIолъиялъул суал гьоркьоб лъураб сентябралда тIобитIизе бугеб референдумги къануналде данде кколаребищин бугебин?
< / IFRAME >
https://www.youtube.com/watch?v=jeXYTOkhXGY# т = 22

Россиялъул пачалихъияб телевидениялдасан гьабураб гьеб кIалъаялда гьикъулеб буго Магърибалъул пикруялда лъидаго бачIеб букIиналъул лъазабизе Косовоялъул бугеб ихтияр Крымалъулищ букIунаребин.

Гьеб дандекквеялда гIажаиблъизе бачIунаро хасго Косовоялъ жиб лъидаго бачIеб букIиналъул лъазабураб мехалда Россиялъул гьелдехун букIараб реакция ракIалде щвезабуни. Амма абизе ккола гьеб кIиябго хIужаялъул шартIал батIи-батIиял ругин.

Шотландиялъул бицани, The Washington Postалъ хъвалеб буго

http://www.washingtonpost.com/blogs/worldviews/wp/2014/03/07/crimea-is-not-scotland/

цоцазда хадур ккарал демократиял лъугьа-бахъиназ рачанин КIудияб Британиялдаса ратIа тIеялъул суал гьоркьоб лъеялдейин. 2011 соналда Шотландиялъул Миллияб партиялъе улкаялъул парламенталда бищунго цIикIкIун бакIал щун рукIана. Гьеб партия гIуцIунго букIана Шотландия
Британиялда бараб букIунгутIиялъул кампаниялъул гIурхъабалъ.

Гьелдаса хадуб Шотландиялъул парламенталъ къабул гьаруна улка батIа тIезабиялъул суалал гьоркьор лъурал референдумал гьаризе рес кьолел къанунал. Гьелдаса хадуб 2012 соналда тIоритIун рукIана кIалъа-ралъаял Британиялъул ва Шотландиялъул министразда гьоркьор. Гьезул хIасиллъун ккана 2014 соналда референдум гьабиялъул къотIи-къаял къабул гьари.

Къокъго абуни, миллияб (Британиялъул) ва бакIалъул (Шотландиялъул) даражаялда юридикиял идарабаз къабул гьаруна референдум тIобитIиялда хурхун документал.

Референдумалъ жаваб кьезе буго цо суалалъе: Цолъизабураб Къираллъиялъул гIурхъабалъищ рукIинел яги гьелдаса батIайищ тIелел абураб.

Гьанже Косовоялъул бицани, 2008 соналда гьеб лъазабун букIана лъидаго бачIеблъун ва гьелде дандечIун букIана Россия. Москваялъ рикIкIунеб букIана гьеб хIукмуялъ хвезабулеб бугин 1999 соналда къабул гьабураб къотIийин. Гьелда рекъон, ракълилаб къотIи гьабизегIан гьеб территория Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул контролалде гъоркье босулеб букIана.

Цо-цоязда ккезе бугьула анлъго соналъ цебе рукIарал гьел лъугьа-бахъиназда ва жакъасезда гьоркьоб бугеб цого-цо батIалъи-гьеб гьез цогияб рахъалъул рахъкквей бугин.
Амма абизе ккола Косовоялда Крымалда гьечIел чанго кIвар бугел факторал рукIанин.

Москваялъ рикIкIунеб буго Крымалда ругел гIурус миллаталъул гIадамазе этникиял украиназдасан хIинкъи бугин, амма гьез бачинчIо гьелъул цониги далил.

Гьебго жо абизе рес букIана Косовоялъулги.

1999 соналда Югославиялъул армиялъ этникиял албаназда тIад жул бачиналъ рачана НАТОялъ лъабго моцIалъ гьенире бомбаби реххиялде. Гьелде данде Россия кьварун чIун букIана. Москваялъул рахъалдасан кумек щвечIо доб мехалда президентлъун вукIарав Слободан Милошевичасе ва гьес кигIан бокьичIониги къабул гьабизе ккола халкъазда гьоркьосеб ракълилаб план. 1990 соназда Милошевичас цIакъ бажариялда ва гурхIел гьечIого хIалтIизабулеб букIана этносазда гьоркьб бугеб рикьи ва рокьукълъи.

Регионалъул суверенитет хвезабизе бокьичIеб Сербиялда этникиял албаназул 90 процет бугеб Косовоялъул статусалда хурхун кIалъа-ралъаяз хIасил кьолеб букIинчIо.

Гьедин вахIщияб этникияб конфликталдаса хадуб Косовоялъул демократияб куцалда бищараб парламенталъ кьуна Сербиялдаса батIа тIеялъул хIукмуялъул рахъккун гьаркьал.

Гьеб кIиябго хIужа Крымалде дандеккуни Крымалъул парламент кверде босун букIана ярагъ борчарал солдатаз. Премьер-министрасда хъулухъги тезабун гьесул бакIалда тана Сергей Аксенов. Гьесул сепаратияб партиялъе Крымалда тIоритIарал ахирисел рищиязда гьаркьазул ункъго процент гурони щунцин букIинчIо. Февралалъул ахиралдаса нахъе Крымалде вачIун вуго Россиялъул 14 азарго солдат.

Я Косовоялда къабул гьабураб декларациялда, я Шотландиялда букIине бугеб гьаркьалкьеялда бицен гьечIо рагъулаб тIадецуялъул яги хIукумат рехиялъул.

Крымалда букIине бугеб референдумалде абуни босулеб буго яги Россиягун цолъиялъул яги де-факто лъидаго бачIеб пачалихълъун чIеялъул суал.

https://twitter.com/BBCWorld/status/443039946136223744/photo/1

Шотландиялъул референдумалде босулеб буго Британиялдаса батIа тIезе яги гьелда цадахъ чIезе абурал суалал.

Крымалда этникиял гIурусазул къадар цIикIкIараб буго, амма этникиял татаралгун украиназул гьениб буго 40 процент.
Гьениб гIурусазе хIинкъи батани, хIинкъизе ва рахIатхвезе гIунги тIокIаб гIилла буго крымалъул татаразул. Гьезул нус-нусазар чиясе депортация гьабун букIана 1944 соналда Сталиница.

Лъидаго бачIеб букIиналъе гьаркьал кьолаго Косовоялда албаназул къадар букIана 88%.

http://web.archive.org/web/20080309073836/http://www.ks-gov.net/esk/esk/pdf/english/general/kosovo_figures_05.pdf

Гьебго заманаялда гьениб буго сербазул чанго кIудияб анклавги.

Крымалда абуни, гьелъул лидерал гIедегIулел руго Россиялде гъорлъе лъугьине лъидаго рачIеллъун рукIиналъул бакIалда.

Косово ва Шотландия сепаратистал ратаниги цоги пачалихъгун цолъи гуреб гьезие къваригIун буго лъидаго рачIел рукIине.

Киевалда нухмалъи хисаралдаса ва Крымалда референдум гьабиялъул къотIиялде рачIаралдаса ана цо моцIалдасаги дагьаб заман.

Шотландиялда референдум тIобитIиялъул хIукму букIана Лондоналда шотландиялъул хIукматги гIахьаллъун тIобитIараб кьварараб диваналъул процессалдаса хадуб гьабураб хIукму.

Косовоялъ абуни лъидаго бачIеб букIиналъул лъазабуна лъидаго бачIого анцIгогIан сон бан хадуб.