Шималияб Кавказалдаса Польшаялде лъутарав ва гьенив чIезе бакIал кьезегIан балагьун чIарав чачанас бицана Белостокалъул мархьиялде щвелалде жинца 72 сагIаталда жаниб лъелго нахъа танин Польшаялъулги Белорусиялъулги гIурхъиялъул 50 км манзилалин.
Чачанав: «Гьаниб гьечIо щибго лъикIаб жо. Дида гьеб бичIчIана гьаниве щун лъабабилеб къоялде. Дида бихьана гьаниб гIадамаз гIумру гьабулеб бугеб куц».
Гьеб мархьиялда гIумру гьабун ругел гIадамаз бицана бакIалъул скинхедаз гьезие хIалхьи толеб гьечIолъиялъул, социалиял шартIал гьечIолъиялъул ва бакIалъул халкъгун интергация гьабизе кинабгIаги рес гьечIолъиялъул. Гьезул гIемерисез хIаракат бахъун букIун буго Алманиялде лъутизе, амма гьениса гьезие нахъего Польшаялде депортация гьабун буго.
Исана январь моцIалдаса нахъе Россиялдаса гражданаз, аслияб къагIидаялда чачаназ, Польшагун Алманиялда лъутизе бакIал гьарун кьун буго 20 азарго гIарза. 2012 соналде данде ккун гьел гIарзабазул къадар кIиго нухалдасаги цIикIкIун буго. Цо-цоязул пикруялда, гьеб бараб буго Алманиялда лъутун рачIаразе цIакъ лъикIал шартIал чIезарун ругин абун тIиритIарал харбазда.
Гьанже улкабазда гьоркьор хутIарал гьел гIадамал хIинкъулел руго Россиялде тIадруссинеги, гьезул рес гьечIо Алманиялда чIезеги, гьезие гIурал шартIал гьечIо Польшаялда рукIинеги.
Петр Быстрианин ккола Варшаваялда бугеб къватIисел гражданазул суалазда сверун пачалихъияб гуреб централъул координатор.
Петр Быстрианин: «Нижеца хвезабулеб буго заманги гIарацги, гьел гIадамазул абуни гIумру холеб буго гьедин».
Евроцолъиялъул къануназда рекъон, лъутун гIадамал рачIараб тIоцебесеб улкаялъ кьола гьезул жаваб. Москваялдасан Белорусиялде рачIунел ва гьениса къватIисел пачалихъазда лъутун чIезе бакI балагьулел чачаназе гьединаб улкалъун ккола Польша.
2004 соналда Европаялъул Цолъиялде лъугьараб Польшаялъ тIуразаризе ккола гьеб Цолъиялъул къанунал. 2008-2009 соназда Польшаялъ къабул гьавун ва лъутун чIезе бакIал кьун буго 3000 чачанасе. 2010 соналда гьеб къадар лъалаго дагьлъун буго ва рещтIун буго 600 чиясде.
Лъутун чIезе бакIал ай азил кьечIел гIадамал гьеб хIукмуялда тIасан гIарза хъвазелъун гьеб улкаялдаго чIезеги бегьула.
Петр Джесио ккола социалияб кумек гьабиялъул рахъалъ Польшаялъул пачалихъияб Агентсвоялъул хъулухъчи.
Петр Джесио:«Нижеца гьел гIадамазе кумек гьабизе бажарараб гьабулеб буго. Гьанире рачIунезул къадар цIикIкIунеб букIиналде балагьун, нижер мархьиязул потенциал кIодо гьабизе ва гьезие шартIал чIезаризе хIаракат бахъулеб буго нижеца».
Амма гьеб мархьиялда щугоялдаса цIикIкIун соналъ гIумру гьабулев чачанав Ильясов Шарапутдиница абулеб буго кагътида чIезарурал шартIалги хIакъикъатги цоцазде данде кколеб гьечIин.
Ильясов Шарапутдин: «Бицун кеп босулеб буго. Гьел руго гьадингосел харбал. ХIакъикъаталдаги гьаниб хаос буго. Цониги жамгIияб идараялъ нижее кумек гьабулеб гьечIо. Кинабго нижецаго гьабулеб буго».
Ильясовасул рагIабазда рекъон, Польшаялда шартIал квешал рукIиналъ цо-цояз хIаракат бахъулеб буго Европаялъул цоги улкабазде ине.
Ильясов Шарапутдин: «Цоги улкабазда хIалтIи щвезе рес буго. Рес буго цIализе ине. Амма гьаниб щибниги гьелда релъараб жо гьечIо».
Гьединлъидал гIадамаз хIаракат бахъулеб буго Алманиялде рорчIизе. Гьениб социалияб пособие бахунеб буго 470 евроялде ва рукIа-рахъиналъул шартIалги гIезегIанго лъикIал рагIула.
Алманиялда лъутизе бакIал балагьулезда гьоркьор бищунго цIикIкIун руго Россиялдаса гIадамал, гьелги чачанал, хадуб Сириялдаса.
Бостоналда марафоналъул заманаялда кьвагьиял гьариялда щаклъи бугел Америкаялда гIурал этникиял чачанал ратиялъги Шималияб Кавказалда тIибитIун букIана Европаялъги кватIичIого гьезда цебе нуцIа къазе рес бугин абурал харбал.
Исана Алманиялъ лъутун чIезе бакIал кьун буго 82 чачанасе, амма депортация гьабизе бихьизабун буго 702 чиясе.
Шаптукаев Имрамиеги кьечIо Алманиялъ лъутун чIаразул статус. ИчIго моцI гьеб улкаялдаги бан гьанже лъадигун цадахъ гьев тIадвуссун вуго Польшаялде.
Белостокалда Эркенлъи Радиоялъул мухбиралгун дандчIварав Шаптукаевас бицун буго сахлъиялъул рахъ лъикIаб гьечIеб букIаниги ва гьениб жидее дару гьабизе кколеб букIаниги жидее депортация гьабунин.
Гьес бицухъе, гьесул лъадул буго диабет ва цо-цо мехалда комаялде кколей гьей 12 сагIаталъцин лъавуде ячIуней гьечIо.
Шаптукаев Имрам: «Бокьараб мехалда Польшаялдаса ине рес гьечIо. Аниги Алманиялъ мун нахъего Польшаялде витIула».
Эркенлъи Радиоялъул мухбиралгун дандчIварал Белостокалъул мархьиялда ругезул гIарзал гIемерал руго.
Чачаназе бокьулеб гьечIо гьел цыганалгун дандекколел рукIин ва бакIалъул гIадамаз гьезда цыганалин абулеб букIин. Цоги гIолилас бицун буго скинхедазул гьужумалдаса хадуб живго азарханаялде ккеялъул.
Амма гьениб ахIвал-хIал лъикIаб гьечIониги Россиялде тIадруссине гьел разиял гьечIо.
Гленн Кейтс