Гьал гIагарал къоязда абизегIанасел хиса-басиял ккана Дагъистаналъул хIукуматалда. Министразул кабинеталдаса нахъе вахъана лъабго чиги къана чанго комитетги. ХIукуматалъул хIалтIи лъикIлъизабиялъе гIоло гьарулел ругин хиса-басиялин бичIчIизабулеб буго республикаялъул нухмалъулес жиндирго хIалтIи
Щуго комитетги цо идараги хвезабуна Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас
Жаза гьабурал гIадамал гочинариялъул ва гьезие реабилитация гьабиялъул комитет къана ва гьел суалал гьанже тIуразе руго экономикаялъул министерлъиялъ. ГIолилазул комитетги къана ва гьез гьабулеб букIараб хIалтIи тIадкъана лъай-кьеялъул министерлъиялда. Гьоркьохъеб ва гьитIинаб бизнесалъул комитеталъул хIалтIи кьуна инвестициябазул ва дарамалъул министерлъиялъух
Рехсарал комитетал къаялъе гIиллаби кинал рукIарал? ГIабдулатIиповас гъулбасараб буюрухъалда хъван буго, хIукуматалъул хIалтIи лъикIлъизабиялъе гIоло къалел ругин комитетал ва идара. Цо-цо экспертазул пикруялда рекъон, хIакимазул къадар дагьлъизабиялъе гIоло гьабулеб хIалтIи буго гьеб.
Гьанибго тIаде жубала, министразул кабинеталда лъабго бакI эркенлъана. ГIабдулатIиповас хIалтIудаса рахъана вице-премьер МухIамадхIусен Насрутдинов, пачалихъалуъл магIищаталъул министр Марат Ильясов, энергетикаялъул ва индустриализация
«Новое дело» газеталда бачIараб макъалаялда рекъон, ГъазимухIамадова
Ильясов хъулухъалдаса вахъиялъе гIиллалъун букIине бегьула гьев Дагъистаналъул цевесев президент МухIамадсалам МухIамадовасул командаялдаса чилъун вукIин. «Кавказский узел» агентствоялъ хъвалеб буго, ГIабдулатIиповас чанги нухалъ абун букIанин цере рукIарал хIакимаздаса бацIине кколин Дагъистан, амма гьел хIакимал хисизе чагIиги ратичIого тIамун вукIанинин министрлъун Ильясов.
Насрутдинов вице-премерлъиял
Информациялъул алатазе ГIабдулатIиповас кьурал баяназда рекъон, хIакимал гьес хъулухъалдаса рахъиялъе буго цо гIилла – газалъулгун-тран
«Гьезда жеги сентябралда лъазабун букIана газалъул рогIрал «Газпромалъухъ» кьейилан. Гьеб буюрухъ гьезда тIубазе кIвечIо, гьелдалъун гьел хIалтIудаса рахъана. Насрутдиновасда хурхун уголовияб иш рагьиялъ вахъичIо гьев хъулухъалдаса», - илан абуна республикаялъул нухмалъулес.
Насрутдинов гIадал кIудиял хIакимазда хурхун такъсир гьабиялъул чанги ишал рагьана Дагъистаналда. Мисалалъе, гьал къоязда лъана июналда ккун вукIарав депутат МухIамад МухIамадовасда хурхун такъсир гьабиялъул цогидаб иш рагьун букIин. Гьесда гIаийб чIвалеб буго гьес такъсиралъулаб къокъа гIуцIанилан.
ЦIех-рехачагIаз лъазабуралда рекъон, МухIамадовасул къокъаялъ бечедал чагIазухъа гIарац бахъулеб букIун буго. Мисалалъе къараб «Витас-Банкалъул
Халкъазда гьоркьосеб кризисалъулаб къокъаялъул Россиялда бугеб офисалъул нухмалъулей Екатерина Сокирянскаялъ абуна «Эркенлъиялъе», ГIабдулатIиповас хIукуматалда цIиял чагIи рачине кколилан.
Екатерина Сокирянская: «Нилъеда бихьулеб буго гьеб сфераялда политика хисулеб букIин, бихьулеб буго ГIабдулатIиповас хIакимазда бичIизабулеб букIин гьел хIалтIизе кколеблъи. Амма кин-букIиниги хIакимазул кьерда рихьулел гьечIо цIиял чагIи. Кадрал гьечIилан абулеб буго ГIабдулатIиповас
Дагъистаналъул министразул кабинеталда гьанже ункъго бакI буго эркенаб. Цебе абухъе – лъабго хIаким хIалтIудаса вахъана ва ракIалде щвезабила авариялда ХIажи МахIачев хвейги. Эркенлъарал хъулухъал лъие щвезе бегьулеблъи жеги лъалеб гьечIо.