Ссылки для упрощенного доступа

«Кавказалъул регионгун ниж хIалтIуларо»


Москваялда хIалтIулев ва гIумру гьабулев дагъистанияв АхIмадов ХIабибулагьица рикIкIунеб буго Латвиялъул вакиллъиялъ жиндие гьениве ине ихтияр кьечIин цоги батIияб гIилла гьечIого, гIицIго гьев дагъистанияв вукIиналъин. Документал кьун хадур гьез ахIана дун вакиллъиялде ва Дагъистаналда бугеб гIагарлъиялъул хIакъалъулъ гьикъана ва хадуб виза кьечIо.

Дир гIагарлъиялъуги цониги чи гьечIо туснахъалъур рукIарал ялъуни цоги такъсирал гьарурал. Дир ихтиярал хвезарулел руго гIицIго миллаталъухъ балагьунилан рикIкIунеб буго ХIабибулагьица. Гьесда ракIалда буго миллаталде балагьун инсанасул ихтиярал хвезарулел ругилан Обудсменасухъе ва ЖамгIияб Палатаялде гIарза хъвазе.

Кавказалъулазе виза рагьизе инкар гьабиялъул гIаммаб статистика гьечIо, амма гьеб бихьулеб буго цо-цо турфирмаязул вакилзабаз кавказалъулазе документал гьаризе гъира гьечIолъи загьир гьабулеб куцалъухъ балагьунилан рикIкIунеб буго кавполит.ру сайталда Виктория Юсуповалъ.

Москваялда бугеб «Шенген.ру» абураб турфирмаялда Эркенлъи радиоялъул мухбирасе бицана кавказалъулаз цIикIкIун хIаракат бахъизе кколин виза щвезе ккани, ай жалго рачIине ккола гIаммаб визабазул централде, гурони виза щунгутIизе рес буго. Жибго гIаммаб визабазул централда телефоналъ кIалъарабго тIоцебесеб иргаялда гьикъулеб буго гIумру гьабулеб бакI гуреб, гьавураб бакI ва гьарураб бакI. Шималияб Кавказалдаса ватани виза гьабизе тIаде босулеб гьечIо.

Цо-цо турфирмабазда кьола: «Кавказалъул регионгун ниж хIалтIуларо»-абун жаваб ва трубка гIодоб лъола.

Нижеца документалги гьарун виза босилин мухIканго абизе кIоларо, щайгурелъул консульствоялда нужее виза рагьизе инкар гьабизе бегьулилан бицана гьениб. Амма Москваялда бугеб Чехиялъул вакиллъиялда бицана виза рагьулин миллаталъухъ балагьун гуреб, живго чиясда балагьун ва гьесул киналго документазул хал гьабун хадуб. Гьедин кавказалъулазе жидер пачалихъалде щвезе ихтияр кьунгутIиялъул хIужаби рукIин тасдикъ гьаруна МахIачхъалаялда ругел «Джами», «Дагтур», «Пегас туристик», «Джага» ва гьел гурел чанго турфирмаялъги.

«Tez tour» фирмаялда хIалтIулей Фатимаца бицана кавказалъулаз цогидаздаса цIикIкIун документал ракIаризе кколин ва жидер хIакъалъулъ гIемераб информация кьезе кколин.

Фатима: «МухIанго абизе кIоларо нижеда Чехиялде виза рагьизе кIолин, амма хIаракат бахъизе ккола. Доре унезул машинаялъул, рукъалъул ялъуни цоги буголъиялъул документазул копиял кьуни документазда цадахъ, гьезда бихьула дораго чIезе унел гьечIолъи ва гьелъ гIезегIан кумек гьабула виза щвеялъе. Дагъистан, Чачан республика гIадал югалъулал регионаздехун гьел рокьукъго ралагьула, щайгурелъул гьанисан доре арал нахъруссине гIедегIулел гьечIо ва дораго чIолел руго.
Италиялде рагьизе кIола виза, гьел ралагьуларо сундухъго, нижехъе офисалде рачIине бегьула мухIканаб информация къваригIун батани».

Августалъул ахиралда Венгриялде футболалъул мачталде унел Анжи клубалъул фанатазул ращдазе инкар гьабуна виза кьезе. Кавказалъулал рукIун кьечIеб бугилан рикIкIунеб буго цо-цо фанатаз. Анжиялъул фанатазул цолъиялъул нухмалъулев Рамазаница бицана гьединаб хIужа букIанин, амма жинда абизе кIоларин щиб гIиллаялъ инкар гьабурабали виза кьезе.

Рамазан: «БукIана гьедин, визаял кьун рукIинчIо киназего, лъаларо щай гьедин ккарабали. Голландиялде абуни ниж щибниги квал-квал гьечIого ана, кватIичIого Италиялде ине ккола… Балагьилаха кин гьеб бугебали кIвар кьун. Кавказалъулазде кIвар цIикIкIун кьолеб батизе бегьула, амма киналго документал кIвар кьун данде гьаруни шансал цIикIкIуна Европаялде рорчIизе. Дир хIисабалда кинабго нилъ кавказалъулал рукIиналъ гьедин бугилан абизе бегьуларо, рукIине бегьула гьенир цоги гIиллабиги.

Гьебго заманалда кавказалъулазе захIмат бугиланги абизеб бегьула. Европаялда Россия гIадин миллатчилъи бугилан дида кколаро, щибаб пачалихъалъул жидерго миграционнияб политика букIунелъул. Жиндир заманалда гIемерал гIадамал гочун руго гьаниса доре, гьелъ батизеги бегьула гьединал квал-квалал гьарулел».

Чачаналдаса цоги Рамазание инкар гьабун буго Чехиялде виза рагьизе. Гьесул рагIабазда рекъон, инкар гьабиялъе чIван къотIараб гIилла гьез бицинчIо, гьадинго цо гIаммал багьанаби гурони.

Рамазан: «Дихъе рукIана киналго къваригIарал щинал документал, суратал, киналго хъулухъазухъ гIарацги кьун букIана, гьединго босун букIана страховакаги. Кин бугониги ахиралда инкар гьабуна. Инкар гьабиялъе гIилла бицана кIиго батIияб. ТIоцебесеб гIилла букIана, дица Чехиялде иналъе гIилла бицун гьечIилан, хIатта документазда жаниб букIана дир вацас дун жиндихъего гьоболлъухъ ахIулеб кагъат. КIиабилеб гIилла букIана дун гьенисан нахъ вуссиналда щаклъи. Документазда цадахъ гьединго букIана хIалтIудаса дун отпкскалъ унев вукIин тасдикъ гьабулеб кагъат».

Латвиялъул къватIисел ишазул министерлъиялъул сайталда бахъун буго хасал пачалихъазул сияхI. Гьенир рехсарал пачалихъаздаса рачIунел гIадамазул цIикIкIун хал-шал гьабизе кколилан бицунеб буго сайталда. Афгъанистан, Сомали, Йемен, Кувейт, Катар гIадал пачалихъазда жаниб рехсон буго Россияги. Амма гъоркьехун баян кьолеб буго Россиялъул киналго регионаздаса чагIазул гуреб, гIицIго Шималияб Кавказалдаса рачIунел гIадамазул хал гьабизе кколин. Гьелъ бихьизабулеб буго пачалихъалдехун гуреб, миллаталдехун кIвар кьолеб букIин цIикIкIун. Москваялда бугеб Латвиялъул вакиллъиялда инкар гьабуна гьеб хъвай-хъвагIаялъе баян кьезе.

Дагъистаналъул миграционнияб политикаялъул идараялда хIалтIулев Энхов МухIамадица бицана Эркенлъи радиоялъе, ахираб чанго соналда жанир цIакъ гIемер кавказалъулал гочанин Европаялде, хасго Чехиялде ва Германиялде. Гьединлъидал, виза рагьунгутIиялъе гIилла батизе бегьулин щибаб пачалихъалъул жидеего хасаб, гIадатияб миграционнияб политика. Миллатчилъи гьениб букIиналда жив божуларилан абуна гьес.
Рамазан Ражабов
XS
SM
MD
LG