Америкалъул кинематографалда «гIалхулаб магърибалъ» кколеб букIараб бакIал кколеб буго Кавказалъ Россиялъул ва Советияб киноялда. Гьезда жалго кавказалъулалги кидаго гурел лъикIаб рахъалъан рихьизарун рукIунел.
Гьанже россиялъул Культураялъул министерлъиялъ абулеб буго гьелъие ахир лъезе къваригIун бугин. Режиссеразда гьез гьарулеб буго кавказалъулал ва цоги этникиял къукъабазул вакилзаби дагьабго лъикIаб рахъалдасан рихьизарейин.
Кинал стереотипал хисизаризе кколинха хIукуматалъ абулеб бугеб?
Советияб кино бахъизе байбихьараб мехалда кавказалъулал рихьизарулел рукIана жидерго росу-ракьалде цIайи цIикIкIарал ва къватIисел гIадамазукьа хIинкъулел чагIилъун.
1928 соналда бахъараб "Элисо" абулеб фильмалда бихьизабулеб буго 1860 соналда Шималияб Кавказалдаса чачанал гочинарулел рукIараб куцалъул. Гьебги хъазахъазе ракьал чIорого гьаризелъун.
Дунялалъул КIиабилеб рагъул заманалда кавказалъулал рихьизарулел рукIана мугъчIвай гьабизе бегьулел, унго-унгоял гIадамаллъун.
1941 соналда бахъараб ва бачIинахъего кутакалда машгьурлъараб «Болъонал гIезарулей ва вехь» абураб фильм экраназде кьураб мехалда Гитлерил аскараз Москваялде гьужум гьабулеб букIана. Гьениб бицен гьабулеб букIана Москваялда росдал магIишаталъул бергьенлъаби рихьизарулеб экспозициялда рас тIогьилай болъонал гIезарулей ясалъул ва Дагъистаналдаса васасул цоцазухъ ккараб рокьул.
Дагъистаниясул роль хIалеб букIана гIурус актер Владимир Зельдиница.
1960 соназда киноялда кавказалъулал советияб заманалда рихьизарулел рукIарал мугIрузул улкаялдаса къамартIал гIадамазул бакIалда сундулго кIудияб ургъел гьечIел кепал гIадамаллъун рихьизаризе байбихьана.
1967 соналда къватIибе бачIараб режиссер Леонид Гайдайил «Кавказалъул асирай» абураб комедия классикалъун лъугьана.
Гьелда кавказалъулал рихьизарулел руго гIаракъи-чагъир гьекъезе бокьулел, руччабазда хадур лъугьунел, жидерго мурадазе щвезелъун цересел бецIал гIадатаздаса пайда босулел гIадамаллъун.
1977 соналда экраназда бихьизабураб «Мимино» фильмалъ тIадеги щула гьабуна гьеб стереотип. ЛъикIал гIадамаллъун рихьизарулел героял хутIулел рукIана нахъе ургъуларелъун, бица-бицаралда божулеллъун.
Михаил Лермонтовасул «Нилъер заманалъул чи» абулеб романалдасан 1966 соналда бахъараб «Бэла» абулеб фильмалда Кавказ бихьизабулеб букIана бичIчIизе захIматаб хIикматаб машрикълъун.
Гьеб фильмалда чергесазул бикахъ рокьи ккола гIурус офицерасул.
Бусурманай гIолилалъул роль хIарай Молдовалдаса актриса Сильвия Берова гьеб фильм бихьарал киназего гурей рекIее гIун йикIарай.
Совет Союз биххун хадуб ва чачаналъ рагъ байбихьаралдаса нахъе гIурус кинематографалда кавказалъулазул букIараб сипат хисизе байбихьана.
2002 соналда Алексей Балабановас бахъараб «Рагъ» абураб фильмалда чачанал рихьизарулел руго гурхIел гьечIел ва Шималияб Кавказ щиб гьабунги гIурусаздаса бацIцIад гьабизе къваригIарал гIадамаллъун.
2008 соналъул августалда Россиялда ва Гуржиялда гьоркьоб букIараб рагъдаса хадуб бахъараб «Olympius Inferno» ва Кремлалъ финансаздалъун хьезабураб «Августалъул микьабилеб» фильмазда гуржиял рихьизарулел руго гурхIел гьечIел чияр ракь бахъулеллъун ва рагъ бакьулъ аслияй геройлъун гьаюн йикIана славяназул куц-мухъ бугей рас тIогьилай яс.
Гьеб кIиябго фильмалъ кьолеб буго гьеб рагъда ва Жанубияб Гьириялда (Осетиялда) букIаралда хурхун Кремлалъул пикру.
Гьанже киноялда кавказалъулазул сипат лъикI бихьизабеян Кремлалъ абидал гьелъул жо ккезе букIиналда гIемерисел божулел гьечIо.
Гьез рикIкIунеб буго кавказалъулал экзотикиял, кепал яги паркъ гьечIел мадугьалзабилъун гуреб хIакъикъаталда ругеб куцалда рихьизаризе ккани гIурус кинематографалъе гIемерал сонал хIажалъизе ругин.