«ЖамгIияб пикру» абулеб фондалъ гьабураб цIех-рехалъ бихьизабун буго кьолболав москваялъулавлъун живги, жиндир эбел-эменги, гьезул улбулги Москваялда гьарурав чи гурони малъизе кколарин. Гьединазул къадар жакъа Россиялъул тахшагьаралда 27 процент гурони батун гьечIо. Амма Москва жидер гIагараб шагьарлъун рикIкIунезул къадар бахун буго 72 проценталде.
Кьолболал москваялъулазде тIаде жалго ва жидер эбел-эмен Москваялда гьаруразул процентал бащалъун руго 14ялда ва 9ялда. Гьедин Москваялъулазул гIаммаб къадар бащалъулеб буго 50%. ХутIарал кколел руго гьенире рачIарал гIадамал.
Гьезулги бищунго цIикIкIараб къадар, ай 6% батун буго Москваялда гъоркьехун ругел бакIаздаса рачIарал, 3% Украиналдаса, 2% РикIкIадаб Машрикъалдаса, Сибиралдаса, Уралалдаса, Рязаналдаса, Санкт-Петербургалдаса ва Дагъистаналдаса. ГьедигIанасевго чи вачIун вуго Узбекситаналдасаги. Москваялде рачIаразул 52 процент батун буго Россиялъул шагьаралгун регионаздаса рачIарал гIадамал.
Гьезул регионазда бугеб гIумруялде дандеккун Москваялда гIумруялъул батIалъи щибан гьикъун буго рачIаразда. 12 проценталъ абун буго гIумрудул хехлъиялъи ва хIалакин бугин, 9 проценталъ абун буго гIумрудул даража цIикIкIараб букIинин, 4 проценталъ рикIкIунеб буго гьениб хIалтIи батизе бигьаяб ва перспектива бугин, жеги 3 проценталъ абун буго жидер регионалде данде ккун Москваялда ругел гIадамал ццим хехал, цогиязул кIвар гьечIел ва квешал гурин.
Гьикъа-бакъи гьабуразда гьоркьосан цо-цо проценталъ абун буго Москваялда батIияб бакIалдаса рачIарал гIемер ругин ва гIумру гьабизе хираго бугин. Гьанибго абизе ккола гьикъа-бакъи гьабуразул 59 проценталъ гьеб суалалъе жаваб кьунцин гьечIин.
Гьеб киналдего тIаде гьел киналго гIадамазул 60 проценталъ абун буго Москва гьалбал хирияб шагьар бугин, 25 проценталъул пикру тIубанго батIияб буго гьеб суалалда хурхун.
Жидее суалал кьурал киналго гIадамаз москваялда гIумру гьабулел гIадамал цогияздаса бищунго батIа гьарулеб жолъун бихьизабун буго гьел цIаларал, интеллигентиял ва хьвадизе лъалел гIадамал рукIин. Кьолболал москваялъулазул 73 проценталъул буго тIадегIанаб лъай, гьенире рачIаразул -62 проценталъул.
2 проценталъ абун буго кьолболал москваялъулал абулел гIадамал гьезецин гьечIин.
Тахшагьаралъул гьалбазда гьикъун буго гьел щибизе гьенире рачIаралин. Гьезул 15 проценталъ абун буго хIалтIи балагьунин. Цоял рачIун руго хIалтIизе ахIун, цогиял хIалтIулел рукIун руго ва гьенирго чIун руго. Гьединго рачIун руго цIализе -10%, лъикIаб гIумру ва бечелъи балагьун-6%, гIагарлъиялъухъе рачIун ва ригьин гьабун буго -5%.
Тарихиял гIелмабазул доктор ва Экономикаялъул ТIадегIанаб школаялъул профессор Леонид Васильевасул пикруялда жакъа Россиялда миллияб пикруялъул ва миллияб бичIчIиялъул суалалъ улкаялда ругелщинал цоги суалал нахъе ккезарулел руго. ГIурусазулъ ва жал гIурусал ругин рикIкIине гIилла бугел гIадамазулъ цIилъулеб бугин гIасрабаз гьункьизе толеб букIинчIеб миллатчилъи ва гьелъул расизмалъулгун ва фашизмалъулгун кинабгIаги гIаммаб жоги гьечIин хъвалеб буго гьес «Кьолболал гIурусазул миллатчилъи» абураб «Независимая» газетаялда кьураб макъалаялда.
ГIурусазул пачалихъ пачалихъ хIисабалда гIуцIизе байбихьараб ва гьеб щулалъулеб заманаялдаса ай Петр I заманалдаса байбихьун гIурусал нахъе гьарун алманал, польшаялъулал ва цоги къватIисел улкабаздаса гIадамал цере гьарулел рукIанин, большевиказги киналго миллиял республикабазул компартиял ругеб мехалдацин гIурусазе гьединаб рес кьун букIинчIин ва гIурус миллаталъул мурадазул цIарго бахъизе бегьулеб букIинчIин рикIкIунеб буго гьес. Гьанже гIурусазе рес щун бугин жидерго мурадазул бицине ва гьелъулъ щибго квешаб жо гьечIин гьеб бугин халкъ цолъиялъул гIаламатин абулеб буго гьес рехсараб макъалаялда.
Жакъаги Россиялда мигрантазда гьоркьор бусурбаби рекIее гIолел гьечIин гъоркь ругезе гьезул гIумру гьабулеб къагIида батияб букIиналъ. Гьез нижер улкаялъул цо бутIа жидергоялде сверизабулеб бугин ва гьеб хIехьезе кIолеб гьечIин бакIалъул гIадамазда.
Гьеб киналдего тIаде бусурбабазул регионазда лъимал гIемерал гьарулел ругин ва гьеб бугин гIурусазе жидедехунго дискриминация гьабулеб бугин ккезе, депрессиялде ине ва чиядаса жал сунцаго цIунун гьечIин ракIалде ккезе гIураб гIилла. ГIурус миллатчилъиялъулъ расизмалъул ва фашизмалъул гIаламатал гьечIин иш бугин жалго щалали лъазабиялъулъин рикIкIунеб буго Васильевас.
Гьеб киналдасаго гIурусал цIунизе бугеб нухлъун гьесда бихьулеб буго мигрантал-бусурбаби улкаялде рачIиналъул контроль кьваризаби. Жинца диналда тIадчIей гьабулеб букIиналда гIажаиблъизе кколарин, киналго бусурбабаздаса хIинкъиги бачIунеб гьечIин. Амма кин бугониги, улкаялда хIинкъи цIикIкIиналъул жавабчилъи исламалда бугин ва нухмалъиялда тIадаб бугин гьелде кIвар кьезе ян хъвалеб буго гьес тIадехун рехсараб макъалаялда.
ГIурусал рецIцIулев вугев чи гурин жив, гьезул гьекъолдиги жинда кIочон гьечIин, амма ингилисазул хIутIалда тIикъва чIварав Левшаги ракIалда вугин жинда. ТIикъва чIвараб хIутIалда хадусан кIанцIизе кIвечIониги Левша символлъун хутIанин хъвалеб буго гьес.
Гьес бицунелда тIубанго тIадрекъолев гьечIо Дагъистаналда къватIибе бачIунеб «Настоящее время» газетаялъул бетIерав редактор Милрад Фатулаев. Гьанжесеб Россиялъул территориялда цо гIурус халкъ гуребги киналго халкъаз гIахьал гьабулеб букIанин кидаго тIадчагIазул зулмуги батIи-батIияб дискриминацияги, цоги халкъалги парахат тун батIа босун цо гIурус халкъалъе зулму лъицаго гьабулеб букIинчIин ва жакъа батIа босун кавказалъулаздехун гьезулъ бугеб рокьукълъиги цо диналда бараб гьечIин абуна гьес.
Милрад Фатулаев: «Дида ккола бицен диналда тIад чIарал Кавказалъул бусурбабазул гьечIин. Дида ккола бицунеб бугин гIамм гьабун Кавказалъулин. Кавказалда рекъонгутIи гьабизе бокьараб мехалда цо диналъул гуреб бицунеб, бицуна темабазул тIубараб спектралъул. Ахирисеб нухалда гьеб букIана Кавказалъул республикабазда лъимал гIемерал гьарулел рукIин. Гьеб бокьун букIинчIо Владимир Жириновскиясе. Динги, экономикаялъул рахъги, хIатта культурагицин ай лезгинка рекIее гIолеб гьечIо гьезие.
Кавказалъулазул миллияб бичIчIиялъул даража цогиязде данде ккун гIемерго цIакъ борхатаб бугин абуна Фатулаевас ва гьез жидераблъун рикIкIунеб улкаялда гьездехун кинаб букIаниги дискриминация гьабизе лъугьараб жоги гьез хIехьезе гьечIин. Гьес бачана цо гьадинаб мисалги.
Милрад Фатулаев: «Щай Америкаялда бакIалъул халкъ индейцал тIагIарал? ТIагIинчIо афро-американиял индейцал тIагIана. Жакъа гьезул къадар цIакъ дагьаб гурони гьечIо улкаялда. Афро-американиязде дандеккун гьел разилъичIо кIиабилеб яги лъабабилеб даражаялъул гIадамаллъун рукIине. ХъахIазе гIемерго бигьаяб букIинаан гьезул лагъзалги гьарун цоги континентазде лагъзада хадур инчIого чIезе, амма гьел хвезеги разил рукIана лагъзаллъун рукIинегIан. Гьединго кавказалъул халкъазги хIехьезе гьечIо жидедехунго кинаб букIаниги текълъи. Гьелъ Россиялдаса Кавказ батIа тIеялде рачинецин рес буго».
Гьеб мехалда Россиялъул тIалъиялъ Кавказалда хурхун ритIухъаб политика гIуцIичIони гIурус халкъалъе гуреб гIурус улкаялъего хIинкъи букIине бугин рикIкIунеб буго Фатулаевас.