«Бице дида дуца щиб кунебали, дица бицина мун щивали».
Гьал машгьурал рагIаби абун рукIана 1825 соналда франциялдаса гурман Жан Aнтельме Брилья-Савариница.
Гьесул рагIабазул магIна букIана чияс жинцаго тIаса бищулин жинца кваназе бугеб жойин абураб. Гьел рагIабаз бичIчIизабулин абизе бегьула чол гьанада сверун Европалъул Цолъиялда бахъараб ахIи-хIурги.
Кризис байбихьун букIана январалъул бакьулъ Ирландиялда цо-цо тукабазда хIайваналъул гьанинги абун чол гьан бичулеб батараб мехалда. Гьелдаса хадуб бичулебщинаб гьан чол батун букIана Британиялъул, Франциялъул, Швециялъул цо-цо тукабазда. Гьединго буго ЕвроЦолъиялъул цоги улкабаздаги гьебго проблема батиялъул хIинкъиги.
Гьеб гьан босаразул цо-цояз абулеб буго жидее бокьун гьечIин жал махсароде кквезейин, цогиязул абуни, гьеб проблемаялде бербалагьи дагьабго батIияб буго.
Мейер-Рохоу: «БукIуна рекIее кIудияб асар гьабулел жал. Гьединго тарихалда жаниб чуязги ккола хасаб бакI. Гьеб буго чIухIараб, бацIцIадаб ва къадруяб хIайван».
Гьедин абуна Алманиялъул Бремен шагьаралъул университеталдаса биологиялъул профессор Виктор Мейер-Рохоуца. Гьесул пикруялда, гIадамазул разилъунгутIи буго жал гуккун рукIиналда бан гуребги культурияб табу хвезабизе гьел тIамун рукIиналъги.
Мейер-Рохоуца абуна щибаб жамгIиталъул кванилъ букIунин гьез кваналареб квен ай табу лъазабураб квенин ва гьеб табуялъул кьалбалги гIасрабазул кьалбазулъ рилун рукIунин.
Цо-цо мехалда гьел хурхарал рукIунин цересел умумул хIайваназул рухIазда божулел рукIиналда ва цоги мехалда гьел хурхарал рукIунин цо-цо кванил нигIматал цогиязда цадахъ кваназе гьукъиялда, гьел сахлъиялъе квешаллъун яги чорокаллъун риккIунел рукIиналъин.
Гьединго ругин формалиял гурел рихьизариялги. Гьезда рекъон, тIабигIаталдаго инсанасда цадахъ рукIунел хIайванал кванил нигIматаллъун рихьуларин. Чуял тарихалдасанго гьеб кIиябго категориялде гьоркьоре ккун рукIиналъги гьезул статус хасго батIа чIараб бугин рикIкIунеб буго профессорас.
Мейер-Рохоу: «Узухъда, чол гьан кванала Европалъул гIемерал улкабаздаги дунялалъул киналго абухъе рахъаздаги. Гьелде тIадеги гьечIо гьеб щай кваназе бегьуларебали бицунеб цониги гIиллаги».
Жакъа абуни Европалъул цIикIкIунисел улкабазда иш бачIунеб буго рокъоб жаниб хьихьулеб хIайваналъул статус чое кьеялде.
Гьеб статусалдеги гьел гьесизаризе байбихьана араб гIасруялда автомашинабиги тракторалги ракIкIаралдаса ва чуял хурир яги цоги бакIалда хIалтIизаричIого спорталъе яги инсанас хIухьбахъулеб мехалда хIалтIизаризе байбихьараб мехалда.
Британиялда ва Ирландиялда чол гьан квинего кваналаро, Франциялда ва Швейцариялда гьеб кунелги гуро кунарелги руго.
Мейер-Рохоуца рикIкIунеб буго кванда сверун табу хвезабураб мехалда гIадамазул ццим бахъунин, щайгурелъул табу кванда сверун гурониги хвезабун букIунин. Гьединал табуяз дунялалъул цо бутIаялъул гIадамал цогияздаса батIа гьарулин бицана профессорас.
Мейер-Рохоу: «Кванда сверун кинаб букIаниги табуялъ жинда сверун бакIарула гIадамазул хасаб къукъа ва гьелдалъун гьез лъазабула жал цогияздаса батIиял рукIиналъул. Гьединлъидал чу къадруяб хIайван бугин ва гьелъул гьан жидеца кунарин абулез жалго кIодо гьарулел руго чол гьан, масала, гIанкIил гьангIадин кунезда тIад».
Гьанже Европалда чол гьанада сверун бахъарараб скандал кигIан кIудияб бугебали бихьула Румыниялъул президентас гьабураб лъазабиялде балагьунцин. 11 февралалда Траян Бэсескуца лъазабуна гьесул улкаялъул авторитет хвезе бугин гьеб гьан бичаразда гьоркьор румыниялъулал ратаниян.
Чарльз Рекнагель