Ссылки для упрощенного доступа

Блогеразул пикраби. 9-15 июль


Россиялда буссурбабаздехун бугеб бербалагьиялъулги, хIакимзабазул рукIа-рахъиналъуги, Путинил политикаялъулги хIакъалъулъги хъвана гьаб анкьалда Дагъистаналдаса блогераз.

«Щай буссурбабазе Россиялда гIазабгун гIакъуба кьолеб бугеб? Щай буссурбаби улкаялъул аслиял тушбабилъун ва аслияб масъалалъун рикIкIунел?» - гьел суалал рорхулел руго жиндирго интернет-даптаралда Kbr цIараллдалъун гъорлъ блог бачунес.

Блогерас хъваралда рекъон, уял буссурбабаз гIаракъи гьекъоларо, хъалиян бухIуларо, хъубаб жо гьезул кIалдисан бортуларо, бикъи-хъами абураб жо гьезда лъаларо, ришватал я кьоларо, я росуларо, зулму цогидазе гьабуларо.

«Пачалихъалъ бусурбабазда чIвазе бегьула цохIого цо гIайиб – буссурбабаз рикIкIуна Алагьасул къанун, гьезие бокьулаан шаригIат».

«Комунистазе коммунизм бокьун буго, демократазе – демократия, либералазе – либерализм. Жидеда битIараблъун бихьулеб гIумруялде гIадамал ахIизе гьезие гъукъулеб гьечIо, - ян рикIкIунеб буго блогерас. – Киназего рагьун буго нух, бусурбабазени – къан буго».

«Жибго Россиялъул жакъасеб пачалихъ щиб жолъун кколеб?» – ян суал борхулеб буго блогерас ва къокъаб жавабги кьолеб буго: «Гьереси ва кIигьумерчилъиги. Жидедехун рокьукълъи гурони, пачалихъалъе тIокIаб щоларо. Халкъалъул тIалабал тIуразе ккола пачалихъалъ, амма Россиялъул пачалихъ жалго россиялъулазе рихун буго.

ЛагIизе бачIуна ясли-ахазде, школабазде, азарханабазде хIакимзаби рачIиндал. Гьел азарханабаздаги, школабаздаги, ясли-ахаздаги ахIвал-хIал лъикIаб букIинабизе бичалеб гIарцул мох-мохги бухун, долго хIакимзаби руго гIумрудал тIагIам босулел.

ХIухь бахъизе цогидал улкабазде унел руго, хириял автомобилазда рекIунел руго, хъалаби гIадал минаби ралел руго, хъаравулзабазул богун хьвадулел руго. Лъидасан гьел хIакимал хъаравулзабаз цIунулел ругел?

Мисалалъе, Сахлъи цIуниялъул министерлъиялъул яги Лъай-кьеялъул министерлъиялъул нухмалъулел лъидасан цIунулел ругел? Сакъатаздасайищ, цIалдолездасайищ, унтараздасаийищ, пенсионераздасайищ?»

Блогерас хъваралда рекъон, уял бусурбабаз туснахъазде тIамуларо гIайиб гьечIел, ришваталги росун бусурбабаз гуро такъсирчагIи эркен гьарулел, бусурбабаз ккун гьечIо наркотиказул бизнес, бусурбабаз гуро халкъалъул гIарац бикъулеб бугеб, бусурбабаз гуро улка ришватчилъиялъулъ гъанкъизабулеб бугеб.

Блогер Шамил МухIамадовас хъвалеб буго Путиница тIасабищулеб нухда, балагьиндал, бихьулеб бугин кин гьев халкъалъукьа хIинкъун вугевали.
Ункъо цIияб къанун гьелъие мисаллъунги кколин хъвалеб буго блоггерас: «Митингазда хъинтlараб къанун, жасуслъиялда хъинтIараб къанун, информалатазда хъинтIараб къанун, тIасакIалъаязда хъинтIараб къанун. Гьеб киназулго халгьабидал кколеб буго 1937-абилеб соналде тIадруссунел ругин.

Блоггер Мадина Шамхаловалъ Эркенлъи Радиоялъе абуна Путинил рейтинг гIодобе кколеб бугин ва бицана щаяли.

Шамхалова Мадина: «ГIадамазул гIумру лъикIлъизабиялъул бакIалда Путиница цебетIезабулеб буго гъукъиялъул политика. Гьаб бегьуларо, доб бегьуларо. ЦIиял къануназда рекъон, хIакимзаби какизе рес букIине гьечIо, митингазде рахъине рес букIине гьечIо. Халкъаялъул пикрудал цIех-рех гьабулел гIуцIияз лъазабулеб буго Путинил рейтинг гIодобе кколеб бугин. ГIодобе ккеларищха халкъалъе пайдаяб политика цебетIезабичIони».

Блогер Тимур Чорокаевас хъвалеб буго Крымск шагьаралда ккараб лъимкIанцIиялъ бичIчIизабанунин Россиялъул хIукуматалъул имидж кинаб бугебалиян.

«Крымскалда лъимкIанци ккеялъе рукIун ратила чанги батIиял гIиллаби», - ян хъвалеб буго блоггерас. – Амма гьел гIиллабазул бицун щиб. ГIемерисел блогераз хъвалеб букIана гьеб лъугьа-бахъиналъул, пачалихъиял телеканалаздасан абуни гьеб хIужаялда сверун цIакъ мукъсанаб информация кьолеб букIана. ХIукуматалъул вакилални журана блогеразда гIайиб чIвазе, гьез хъварабщиналъ ахIвал-хIал хIалуцунабулеб бугин».

Чорокаевас хъваралда рекъон, пачалихъалъул вакилзабаз халкъ гуккиялъул чанги хIужа тIатана ахираб заманалда: «Чанги гъалмагъир букIана информациялъул официалиял алатаз бицунелда хурхараб, патриархасда хурхараб, ЦIех-рехалъул комитеталъул нухмалъулесда хурхараб ва гь.ц. Гьеб гьереси цебе тIамурабго, скандалазде гъорлъе ккарал хIакимзаби журана журналистаздаги блогераздаги гIайибал чIвазе гьез улкаялда ахIвал-хIал ургъунго хIалуцунабулеб бугин, гьезие халкъалъул ургъел гьечIин, Америкаялъул Цолъарал Штатазул пачилихъияб департаменталъул гIарцухъ хIалтулел ругин».

«Гьанже Крымскалде лъимкIанцIи ккейдалги цо-цо хIакимзаби журана блогеразда гIайибал чIвезе, - ян хъвалеб буго блогерас. - Зарал ккезабулеб кинаб букIаниги тIабигIияб лъугьа-бахъин ккарабго, тIоцебе блогерал журала кумек гьабиялъе нухал ралагьизе. Гьедин ккана Крымскалдаги, гьедин букIана улкаялда рохьал рухIун тIагIунеб мехалдаги. Амма хIакимзабазда гьеб бичIчIулеб гьечIо, гьезие аслияб масъалалъун ккола жидерго имидж. КигIандай халкъ хIакимзабазе рихараб букIине кколеб, тIабигIиял лъугьа-бахъинал ккедал, тIоцебе имиджалъул ургъел гьабулеб батани?»-ян суал лъолеб буго блогерас.

Материалы по теме

XS
SM
MD
LG