Ссылки для упрощенного доступа

Блогеразул даптар 10-15 Сен


Гьаб анкьалда дагъистанияз интернеталда гьоркьор лъурал суалал гьадинал рукIана - 10-20 соналъ цере Дагъистанлдаса гочун ГIизраилалде арал жугьутIал тIадруссине рес букIинги, Буйнакскиялъул школалде рагъулал хъулухъчагIи кьвагьдейги, Дербенталда бугеб бесдал ва рес гьечIел хъизаназдаса лъимал хьихьулеб централъул нухмалъулелъе рохьилаз гьабураб лъазабиги, цогидабги.

ЦIи тарав Дагъистаналъул информациялъул министр ХIажиев Нариман гьал къоязда дандчIвана ГIизраилалдаса рачIарал гIолилалгун. Жал Россиялда ва Шималияб Кавказалда гIезегIан шагьаразде щванин бицун буго гьез. Кире кканиги жидеца жидерго ватIанлъун мугIрузул улка рикIкIуниланги абун буго. Гьелда тIасан фейсбукалда раккарал баяназда абулеб буго 2025 соналдехун ГIизраил абураб улка букIине гьечIилан цо-цояз гьарулел прогнозал ритIухъ гьабулеб жо батичIонийинха гьеб. Гьеле гьелъ жидеего чIезе бакI балагьун къватIире рахъарал чагIи ратилин гьел.
ЖугьутIазе Дагъистаналде тIадруссине бокьун букIиналъе нугIлъи гьабулеб буго

МахIачхъалаялда бугеб синагогаялъул кIудияв Дибияев Шимицаги.

Дибияев Шими: «ТIадруссине бокьун буго, амма гьезие жанир чIезе рукъзал кьуни. Гьелщинал рукъзал кинса рахъилел?».

Василав Василовас хъвалеб буго жугьутIал Дагъистаналде тIадруссун рачIиндалгIаги лъикIлъидародайин гьаниб ахIвал-хIал.

Фейсбукалда кIудияб дагIба-рагIи байбихьана жугьутIал кьолболъанго Дагъистаналда гIумру гьабулел халкъазда гьоркьоре унищ-унарелищ абураб суалалда тIасан. Цояз хъвалеб буго гьел 1000 соналъ цере рачIун ругин Дагъистаналде, гьединлъидал дагъистаниялин абизе бегьулин гьездаги.

Буйнакскиялда рагъулал хъулухъчагIи школалде кьвагьдеялъулги бицунеб буго фейсбукалда. Террористазде ишан босулебинги абун, гьез ишан гIисинлъимал цIалулеб корпусалде босун буго. Гьедин лъабго минаялъ лъугьинабун буго кIудияб гвенд. Гьеб хIужаялда бан рагъулал хъулухъчагIаз жеги жаваб кьечIо. Амма блогеразгун интернеталдаса пайда босулез гIемер бицунеб буго гьелъул. Масала, ТIалхIат Мирзаев абулев чияс Дагестан-онлайн къокъаялда хъвалеб буго цо-цо чагIазул бетIер сверараб мехалда яги мехтун рорчIидал ракIалдаго гьечIел жал гьарулин гьез.

Гьесие гьадин жаваб кьолеб буго Аташ Таш абулев чияс: «ЦIех-рехалъул комитеталъул нухмалъулев Саврулиниеги гьесул командаялъеги къваригIун буго рагъги хIалае ккун гIарац гьабизе. Кремлялъулги улка цIуниялъул министерлъиялъулги рагIи данде кколареб мехалда балагье цо кколеб куц».

Рохьилаз Мусаева Аллае гьабураб лъазабиги буго фейсбукалда гьоркьоб лъун. Гьей ккола Дербенталда бугеб бесдалал ва рес гьечIел хъизаназдаса лъимал хьихьулеб централъул нухмалъулей. Лъималазе кваниеги рукIа-рахъиналъеги пачалихъалъ кьолеб гIарац жиндиего тIокI гьабулеб бугин, лъимал ричулел ругин гIайибал гIунтIизарулел руго Мусаевалде. Рохьилаз лъазабулеб буго жидеца гьелъул цIех-рех гьабулеб бугин, гьелда рекъон шаргIалъул хIукмуги къотIизе бугин.

Гьанже рохьилал социалиял суалазде раккун ругин махсаро гьабулеб буго фейсбукалда журналист Заира ГIабдулаевалъ.

Алла Мусаевалъул суалалда тIасан пресс-конфренция кьуна гьал къоязда Дагъистаналъул захIматалъул ва социалияб цебетIеялъул министр Эфендиев ИсмагIилица. Гьелде гIунтIизарулел гIайибал кьучI гьечIел ругин абуна министрас.

Материалы по теме

XS
SM
MD
LG