Кинал рукIарал гьезул каламазулъ аслияб кIвар кьолел суалал?
Барак Обама: «Жакъа улка кIибикьизабун букIараб бакIалда чIезе нилъеда кIолеб букIиналъ бихьизабулеб буго щибав чиясулъ ритIухълъиялде ва эркенлъиялде бугеб гъира кинал рукIаниги къадазда къезаризе кIолареблъи».
Гьедин байбихьана Барак Обамаца жиндирго калам.
Обамал каламалъулъ мухбираз кIвар кьураб суаллъун букIана гьес Россиялъе гьабураб цебелъей. Гьеб хурхараб букIана стратегияб атомияб ярагъил лъабабилеб бутIа дагьлъизабизе Россиягун кIалъа-ралъаял гьаризе Америкалъул бугеб хIадурлъиялда.
КIиябго улкаялда гьоркьоб 2010 соналда гьабураб къотIи-къаялда рекъон, рахъаз атомияб ярагъ дагь гьабизе кколеб буго 1550 ракета хутIизегIан. Обамаца цебелъей гьабулеб буго гьеб къадар жеги лъабабилеб бутIаялъ дагьлъизабизе.
Европаялъе лъикIаб букIинаанин экономикияб политика хисизабуни, гьебги гIолилазда гьоркьоб хIалтIи гьечIезул къадар дагь гьабизелъунин абуна президентас.
Обамада гьединго лъикIаблъун бихьулеб буго Катаралда жидерго вакиллъи рагьарал тIалибалгун ракълилал кIалъа-ралъаял байбихьиги. Гьеб суалалда сверун Америкалда ва Афгъанистаналда бугеб ХIамид Карзайил хIукуматалда гьоркьор рагIи-рекъонгутIиял цIунун хутIулел руго жеги.
1987 соналъул 12 июналда президент Рональд Рейганица Берлиналда Бранденбургалъул кавабазда цебе рагьун ахIулев вукIана Совет Союзалъул Коммунист партиялъул Генералияв секретарь Михаил Горбачёв Берлиналъулаб къед биххизе.
Рональд Рейган: «ХIурматияв Горбачёв, рагье гьал каваби! Горбачев, биххизабе гьаб къед! (ахIи-хIур, хъат кьаби)»
Гьебго заманаялда Рейганица лъазабуна атомияб ярагъ дагь гьабизе бугеб хIадурлъиялъул. Рейганица гьединго ракIалде щвезарун рукIана Совет Союзалъул вукIарав лидер Никита Хрущевасул рагIабиги.
Рональд Рейган: «Хрущевас абун букIана: «Нижеца нуж рукъизе ругин». Амма жакъа магърибалда нилъеда бихьулеб буго эркенлъиялъул ва баракаталъул рахъалъ инсанияталъул тарихалда жаниб киданиги букIинчIеб даражаялде магърибалъул улкаби рахун рукIин. Коммунистазул дунялалда абуни нилъеда бихьулеб буго техникияб рахъалъ нахъе ккейги, сахлъи цIуниялъул ва цоги кIвар бугел рахъазда нахъе ккейги-гьениб квенцин гIолеб гьечIо».
Берлиналда Джон Кеннедица калам гьабун букIана 1963 соналъул 26 июналда. 50 сон цебе гьабураб гьесул каламалда кIудияб бакIал кколеб букIана магърибалъул улкабаз Магърибалъул Германиялъул рахъ квезе букIиналъул лъазабиялъ. Берлиналъул къед бан гьеб заманалда ун букIана 22 моцI. Гьес гьениб абун букIана Берлиналъул къед баялъго бихьизабулеб бугин эркенаб дунялалда коммунизм хIехьезе кIолеб гьечIолъиян.
Джон Кеннеди: «Руго гIадамал коммунизмалъулъ букIинисеб бугин абулел. Биччанте гьел Берлиналде рачIине! (ахIи-хIур, хъат кьаби).
Европалда ва цоги бакIазда руго гIадамал нилъеда коммунисталгун хIалтIун бажарулин абулел. Биччанте гьелги Берлиналде рачIине (ахIи-хIур, хъат кьаби)» .
Цо-цо гьел кIалъаял YouTube сайталда ратизеги рес буго:
Рейганил кIалъай:
</ IFRAME>