Гъабартагун- Чергесазул республикаялде 13 ва 14 млрд. гъурущ биччан букIун батани, Дагъистаналъе 2011 соналъ федералияб боджеталдаса биччан букIун буго 66,5 млрд. гъурущ, гьебго заманалда республикаялъ харж гьабун буго 70 млрд. гъурущ гIарац.
Рехсараб лъабабго республикабазда хIалтIулел аудитораз лъазабулеб буго ХIисабалъул Палатаялъул рихьизариязда гьоркьоса анлъго пункталъул кIигояб гурони тIубазабун гьечIин Дагъистаналъин. Мисалалъе Гъабартагун- Чергесазул республикаялда гьел рихьизариял киналго рагIа-ракьанде щун тIуразарун руго. Дагъистаналда гьеб рахъалъ иш нахъе ккун букIиналъ гьениб гьабулеб хIалтIуда хадуб халкквей цIикIкIинабизе бугин хъвалеб буго гьез жидерго баяналда.
МухIу ГIалиев Дагъистаналъул нухмалъулевлъун вугеб мехалдаго хIадур гьабураб программа букIанин республикаялде соналдаса соналда федералияб бюджеталдаса бачIунеб дотациялъул къадар дагь гьабиялъул мурадалда магъалаби ракIари цIикIкIинариян бицана ЭР-ялъе экономист ТIайгиб Мусаевас.
Араб соаналдайин абуни гIаксалда дотациялъул къадар цIиIкIун бугин, гьелъие гIилла абуни кколин магъалаби ракIариялъул план рагIалде бахъинабичIолъи. ГIага шагарго кIигогун бащдаб миилиард гъуруш магъалодул бакIаризе кколаанин Дагъистаналъ 20II соналда. Гьеб хисизабун бажарулин бюджетал рикьа -къотIиялда жанир хиса-басиял гьарунтун.
Гьесул рагIабазда рекъон гIемер рагIула жакъа кагътазда рекъон хъулухъги кьун щибго мукагIалъи жидер гьечIел хIакимзаби. Гьезул штатал къокъ гьаризе кколилан рикIкIунеб буго гьес
ТIайгиб Мусаев: «Щай бегьулареб жакъа министр вукIа, ялъуни хашго хIалтIулев хIаким вукIа, гьев хъулухъалдаса эркен гьавизе. Гьезул штаталда рекъараб букIине ккола гьезие харжги. Бокьараб мухъалъул нухмалъулев восани гьесие буго 50 000-саги цIикIкIун моцIалъе щолеб харж. Гьебго заманалда рогьаралдаса рукIкIинегIан школалда хIалтIулев мугIалимасул харж буго щуго, ялъуни анлъазарго гъуруш. Гьелда жаниб гьабизе ккола низам».
Араб соналда жаниб республикаялъ бюджеталъул 70 млрд гъуруш гIарац хвезабун бугин, гьеб гIарац хIакъикъаталдаги щвезе кколел гIадамазе кьун букIарабни гьедигIан хвезабизе ккаронин рикIкунеб буго ТIайгиб Мусаевас.
ТIайгиб Мусаев: «Гьеб гIарац хIажатал гIадамазе щолеб букIарабани гьебгошинаб харж гьабизе ккелароан букIараб. Мисалалъе хал гьабе ахирал соназ кигIан гIемер бицунеб бугеб Гендерил туннелалда тIасан гIемерал гIарзал рукIана гIадамазул. 33 соналъ балеб букIараб тоннель гьанже лъугIана гьебщинаб гIарацги харж гьабун. ХIисаб гьабураб мехалъ цогидал хIукматазад гьеб гIарац гьединаб бакI чанго базе гIелаан букIараб».
Къого соналъ Дагъистан тун къватIивехун батIи- батIиял идарабзда хIалтIулев вукIаниги жиндаги гIизагIан лъикI бичIчIулин гьениб бугеб политикияб ахIвал -хIалилан абуна ЭР-ялъе. «Шималияб Кавказалъул Банкал» абураб ассоциациялъул Москваялда вугев вакил ккола гьев.
Бюджеталъул дотациялда жаниб гьебгощинаб гIала- гъважа букIиналъе тIоцебсеб гIиллалъун гьесда бихьулеб буго лъай- махщел камилал, жидеца тIубазабулеб хъулухъалъул бичIчIа- бикъи бугел гIадамал республикаялда гьечIеблъи. Хадуб гьес рехсолеб буго ришватчилъи. Гьелъ гъанкъулеб бугин республикаян гIезегIан хIалуцун абуна гьес жиндирго кIалъаялда.
Мисалалъе, МахIачхъалаялъул Советский мухъалъул диванчиясул бакIалъухъ гьарулеб бугин 300 азарго доллар, федералиб диваханаялъул бакIихъ 500 азарго, Гьелдаса хадуб кинаб хIалтIиги, кинаб хIукмугийин гьединав диванчияс къотIилебан абуна гьес хадубги.
Амма абизе ккола, МухIамад ХIаживас рахъкколеб бугоан республикаялъул бетIер МухIамад- Салам МухIамадовасул политикаялъул. ХIалтIи гьабизе къеркьолев вугин гьев, амма аскIор ругел бацIаз гьев хIалтIизе тIолев гьечIин. ХъинтIана гьев гьединго Дагъистаналде гIемерал инвестораз гIарац биччаялъул суалалдаги.
ХIажиев МухIамад: «Мисалалъе босизин, Экономикияб форум букIана тIобитIан дагьааб цебегIан, бицунеб букIана риччазе ругел инвестициязул. Гьел руго чIорогоял харбал, лъицаниги гьанибе гIарац биччазе гьечIо. БукIана абулеб турказул инвестораз рагIи кьун бугин чаналиго миллион гIарац биччазеян, рессарулеб фабрика базе бугин ва гьел гурел цогидалги чIандаби. Дидаги кIола гIарацги кьун гьаниве цо бечедав чиги хIухьбахъи гьабизе ахIун гьединаб информация къватIибе кьезе, гьебин абуни буго пиар. Дагъистаналъул хIакимзаби ургъалида руго киндай жидерго чванта цIезабилан абураб пикряллда, тIокIаб сундулниги ургъел гьезие гьечIо».
Шималияб Кавказалъул округ 2025 соналде швезегIан цебетIеялъул мурадалда хIадур гьарурал хасал проектал рагIалде рахъинаризелъун, биччазе хIисабалде босун буго лъабго трилионгун бащадаб гъуруш. Гьезда гьоркьоса кIигогун бащдаб триллион биччазе буго федералияб боджеталдаса, хутIараб регионалияз ва бюджеталъулал гурел идарабаз.