Ссылки для упрощенного доступа

ВатIаналда гьоболлъухъ


Дагъистаналъул гьалбал
Дагъистаналъул гьалбал

Гьал къоязда Дагъистаналда гьоболлъухъ рукIана Туркалъа магIарулал – Гюней росдал гIадамал. Хас гьабун гьел Дагъистаналде ахIун рукIана Хьаргаби мухъалъул КIикIуни росдал гIадамаз. Гьеб кIиябго росдаца вацлъи лъазабун буго. Эркенлъи радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда туркалъ ругел дагъистанияз бицунеб буго умумузул ватIаналъ жидее гьабураб асаралъулги, рахьдал мацI лъалел чагIи дора Туркалъ дагь хутIулел рукIинги, цогидалъулги.

КIикIундерица ахIарал гьалбадерида гъорлъ рукIана тIарикъаталъул кIиго устарасул наслуялъул чагIи – Шарапудин устарасулги МухIамад Маданилги. Гьел ккола Гюней росдал бегавул МухIамад Алпай Текин, Багьавудин Бингол, ГIали Бюйукдагъ, Илкин Сунгур, Эндер Эрдем, Сюлейман Шен, МухIамад Эртугрул ва Шагьабудин Озден.

Багьавудин (Шарапудин устарасул васасул вас): «ЦIакъ берцинго батана гьаниб кинабго, ниж кутакалда рази руго…».

Гьаб нухалда республикаялде рачIарал туркалъа магIарулазул, Шагьабудин Озден хутIизегIан, киналго рукIана тIоцере Дагъистаналде щварал чагIи. Ахирисеб нухалда Шагьабудин Озден анцIго соналъ цеве вукIана Дагъистаналда. Гьеб заманалда жаниб гIезегIан хиса-баси ккун бугин гьанибилан вугоан гьев. Масала, цIакъ цебетIун бугила дин. Доб мехалда гьаниб ссиялда гьекъолеб жо букIунаанин махсароги гьабуна гьес.

Аслияб куцалда дагъистаниял къватIире гочун ана имам Шамил асир гьавун хадубги Россиялда инкъилаб ккелалде цересел соназдаги. Гьел хIинкъун рукIун руго гIурусаз жидее ислам-дин гьабизе гьукъилилан. Гочунги ун руго бищунго лъай бугелги лъикIал тухумазулги гIадамал. Балагьараб мехалда Туркиялде гочун аразулги росулъго хутIарал жидер росуцоязулги къисмат цого куцалда кканин бицунеб буго ЭР-ялъе КIикIуни росдал бегавул МахIачица.

МахIач: «Нилъер гьаниб доб советияб заманалда дин гьабизе биччалароан. Къуръан цIализе биччаларого, кIалккул моцIалъ таравихI базе риччаларого хадур чIун, школалде рачIиндал лъималазул кIал биххизабун, как базе биччаларого букIана. Гьагъабго жо букIун буго азул доба Туркиялъги. ТIаде кIанцIун гIурусалгун КIикIуни росу къватIибе гочине ккараб мехалда Шарапудин устарас доба абун буго валлагь, кIикIунги къватIир рахъун ругинха жакъаян (гьеб заманалъ грекалги тIаде кIанцIун, къватIире гочине ккун рукIун руго ал жалгоги)».

Дагъистаналде рачIарал туркалъа магIарулазда цадахъ вукIана магIарул мацIалда кIалъалев дарги миллаталъул КIишаса Сулайманги. ГьитIинаб мехалда жинда гьеб мацI жеги лъикI лъалаанин бицана гьес.

Сулайман: «Дора КIишаса даргиялги руго, цIедехI руго…»

ЭР: «Дуда, даргиясда, магIарул мацI кин лъараб?»

Сулайман: «Дора магIарулалъ кIалъалел ругоха. Дун гьитIинаб мехалда Стамбулалде ана, гьедин дагьабго кIочон тана мацI».

70-абилел соназде щвезегIан ригьнал рахъалъ дагъ-ял туркалгун журалел рукIун гьечIо. Амма гьелдаса хадур магIишат гьабизе росу тун къватIире ине ккун, туркалгун журан дагь-дагьккун гьезда рахьдал мацI кIочене лъугьун буго. Гьедин щибаб рузман-къоялъ росулъеги рачIун магIарул мацIалда гурони кIалъалареб къагIида букIун бугин гьезулин бицунеб буго ЭР-ялъе КIикIуни росдал бегавул МахIачица.
МахIач: «Рузман-къоялъ ал киналго – шагьаразда ругелги цог-цоги бакIазда ругелги – ракIарун росулъегун цохIо магIарул мацIалда гурони кIалъалаел рукIун гьечIо. Гьединго даргиял, лъарагIал, лезгиял – гьезги гьебго бицунеб букIун буго. Устарасул мацIилан бицунеб букIараб гьез гьеб. Гьедин 55 – 60 сонил ригьалде рахарал гIадамазда доба магIарул мацI лъала, гьездаса гьитIиназда лъаларо».

Гьеб тасдикъ гьабулеб буго жалго туркалъа магIарулал Багьавудиницагун КIикIуниса МухIамадица, гьединго Гюней росдал бегавул МухIамад Алпай Текиница.

Багьавудин: «Дир кIиго вас вуго, цояв Америкаялда, цогидав Истамбулалда вуго. Дозда магIарул мацI лъаларо. МацI тIагIунеб буго дагь-дагьккун. Гьебги нижер гIайиб батила, лъаларо…»

МухIамад: «Дир кIияйго ясалдаги лъаларо магIарул мацIалда цохIогIаги рагIи».
Багьавудин (велъулаго): «ХинкIал лъалищ?»

МухIамад Алпай Текин: «Дир гIумруялъул 68 абилеб сон буго. Эмен КIикIуниса,эбел ЦIобокьа ккола дир. ГIагарал чагIазухъеги щвана. ГьанжелъагIан мацIги лъачIого цIакъ пашманго вуго дун. Дир эмен магIишат гьабизе гьитIинго росу тун къватIиве ккун, хадув хIукуматалъул хIалтIуда вукIун хутIана дида мацI малъичIого. Дун гIадал гIемер чагIи руго дора магIарул мацI лъаларел. Гьанже гьитIинал лъималазда гьеб малъизе доба мактаб рагьизе ракIалда буго нижеда».

Дагъистаналда бараб чанго къоялда жанир Туркалъа магIарулал щвана некIсияб Къородеги, Абулмуслим шайхасул хабаде зияраталъ Хунзахъеги, АхIулгохIдеги.
КIикIуни ва Гюней росабазго гIадин вацлъи лъазабизе буго кватIичIого ЦIобокьгун Асадия росабазги.

XS
SM
MD
LG