Руслан Аушевасул пикруялда, тероризмалъулги сепаратизмалъулги багьанаби тΙагΙинариялъул бакΙалда, нилъер пачалихъалъ халат бахъинабулеб буго гΙицΙго къуват хΙалтΙизабиялъул къагΙида. Гьеб кколин бищунго кΙудияб гъалатΙин, абулеб буго гьес.
Руслан Аушев: "94 яги 99 соназде дандеккун, гьанже бугеб ахΙвал-хΙал гΙодобе биччараб бугилан абизе бегьула. Амма нилъеца гьединаб ситуациялъе къимат кьезе ккола стратегияб бербалагьиялдасан. 92 яги 94 соналда цебечΙезабизецин кΙолеб букΙинчΙо гъодигΙан парахатаб Гъабардагун Балкариялда яги Гъарачайгун Черкессиялда къануналде данде кколареб къагΙидаялда яргъид гΙуцΙарал къокъаби раккун, гьез терактал гьарулел рукΙин. ЦебечΙезабизе захΙматго букΙана Дагъистаналда щибаб къойилгогΙадин чΙвай-хъвеял лъугьунел рукΙин. Гьединго абизе бегьула цогидал республикабазда хурхунги. АхΙвал-хΙал радикалияб къагΙидаялде буссиналъул процесс халат бахъунеб буго. ГΙолилазда гьоркьоб раккулел руго цΙиял жамгΙияталъе заралиял идеяби, гьездаго гъорлъ диниялги. Гьезде данде кьеркьеялъе гΙицΙго къуватиял къагΙидаби хΙалтΙизари ккола проблема халуцинабиялъул нух. Гьенир хΙалтΙизаризе ккола цогидал къвагидаби. Гьел гΙадамал гьаруна чачаналъ рагъал унел мехалда. 92 соналда гьавурав васасе гьанже буго 20 сон. Щиб гьесда бихьараб? Гьесда жинидрго гΙолохъанаб гΙумруялда жаниб бихьараб жо буго рагъ ва рагъ - аэропланал, тирелаби, танкал, колоннаби, кьвагьиял. Гьединав васасе буго гьанже 20 сон. Гьеб цΙакъ кΙудияб проблема ккола. Гьединлъидал, тΙаса-масаго гьеб проблемаялде балагьун рукΙине кколаро нилъ."
МухΙкан гьабуни, кинаб политика билъанхъизабизе кколеб регионалда ахΙвал-хΙал парахатаб рахъалдехун буссинабизе ккани? Деталазде щун кинал мухΙканал галаби гьаризе кколелали риккуна жив вукΙинарилаан, абулеб буго Аушевас, гьединаб суалалъе жаваб кьолаго. Аммаян абулеб буго гьес, бищунго тΙоцебе къваригΙунеб жо кколила гΙемер соназ загьирлъулеб балагьалъул кьалбал киссан ругелали бичΙчΙине ва гьеб гΙадахъ босизе.
Руслан Аушев: "Дица дунго риккунаро Кавказалъул рахъалдасан кΙудияв специалистлъун. Амма, дида лъала, Кавказалда яргъил къуват хΙалтΙизабун, щибниги рагΙалде бахъинабизе бажарулареблъи. Бажарулеб гьечΙо гьеб цогидал бакΙаздаги. Босила мисалалъе, добго Афгъанистан. Дунялалъул бищунго къуватаб армия бугеб улкаялъ ярагъ хΙалтΙзабун бажаранищ гьениб цогΙаги масъала тΙубазабизе? БажаричΙо. Щиб ГΙиракъалдайищ проблема рагΙалде бихъанбизе бажарун бугеб! Гьенибги гьечΙо букΙине кколеб хΙассил. Гьенирги руго щибаб къойилгогΙадин кьвагьиял, терактал, тΙадкΙанцΙиял. Гьеб ракΙалде босизе кколарищ?!
Зар щвараб бакΙ косметикаялъ басун бахчизабизе бегьула. Амма, кинха гьеб бахчизабизе бегьулеб гьоролеб бугони! КΙиго рагъ букΙараб чачан республикаялъул цΙидасан бачине бегьула мисал. Тоцебесеб рагъда хадуб лъазабуна, киналго проблемаби рагΙалде рахъинарун ругилан. Щайха гьедин батани, букΙараб кΙиабилеб рагъги? Щайгурелъул рагΙабаздалъунгуреб ишаздалъун проблемаби рагΙалде рахъинаризе ккола. 2000 соналда лъазабуна, чачаналъ рагъ лъугΙанин. Балагьеха гьелда хадубги ΙΙ сонида жаниб хварал гΙадамазул къадаралде! Хвана Гъалгъазул республикаялдаги, Дагъистаналдаги, цогидал республикаялдаги, жибго Россиялъул федерациялдаги!"
Аушевасул пикруялда, Шималияб Кавказалъул республикабазде парахалъи нахъ буссинабиялъе бищунго къваригΙунеб жо ккола такъсирчилъиялде данде къанунияб къагΙидаялда къеркьей ва коррупциялъе ресал дагьлъизари. Регионалда экстремизмалдеги теророризмалдеги данде къеркьолаянги абун, къанунал цΙунизе кколел идарабаз, гьел къанунал жидецаго хвезарулел руго.
Руслан Аушев: "Гьединал регионазда политика букΙине ккола щвалде-щвараб деталазде щун. Дица риккуна, Кавказалдаги кисса-кибегоги букΙине кколин ритΙухълъи. РитΙухъаб къагΙидаялда, къануназда рекъон, гьаризе ккола киналго галаби. Щивниги данде гьечΙо къанунал хΙалтΙизариялде. Къанунияб къагΙидаялда хΙукмаби къотΙиялде. Киналго данде рукΙуна, ритΙукъаб хьвада-чΙвадиялде. Гьелегури гΙемер улбул руго кире ккаралали лъачΙого тΙагΙарал лъимал ралагьулел. Лъицаниги бичΙчΙинабулеб гьечΙо, щай гьел тагΙаралали, щай гьел ккуралали, лъица гьел рачун аралали? Пачалихъалъ кьезе кколарищ гьединал суалазе жавабал! Щивниги данде вукΙунаро такъсир гьабурав чиясе ритухъаб тамихΙ гьабиялде. Восе аресталде гъоркье, кье гьесие адвокат. Щвезабе гьесул иш диваналде. Раче гьев гΙайибияв вукΙиналъе далилал. Цо-цо улбуз абулебцин букΙуна, жидер вас гΙайибияв вукΙин чΙезвуни, жал гьесие тамихΙ гьабулеб букΙиналъе мукΙурлъизе хΙадурал ругилан. ЧΙвалел руго, лъазарулел руго къануналде данде кколареб къагΙидаялда яргъид гΙуцΙараллъун, багьана бугиниги гьечΙониги. Бегьулеб жойищ гьеб къанунал ругеб пачалихъалда. 50 сон барай чΙужугΙадан чΙвана, 6 лъимералъул эбел. ГьелъулгΙаги кинаб хурхен букΙараб яргъид гΙуцΙаразде. Щвезабизе ккеларищ гьеб иш диваналде! Унгоги гьеб бигьаяб жо гуро. Амма, гьелъие гурищ нилъер пачалихъ бугеб! Ругогури хасал хъулухъал, жидехъ кΙуди-кΙудиял ресалги ругел. Щай гьез гьел ишал диваназде щвезаруларел, щай далилал рачунарел гьединаз кьвагьиял гьарун рукиналъе, гΙадамал чΙван рукΙиналъе ва цогидал гΙайибал рукΙиналъе. Гьедин кодебе ккараб къагΙидаялда гΙадамал гΙайибияллъун лъазаризе, гьел инжит гьаризе бегьулеб жо гуро.
КΙиабилеб суал коррупция. Балагье кинаб борхараб даража гьелъул бугеб Шималияб Кавказалда! Гьенир пачалихъиял хъулухъчагΙи сундасаниги хΙинкъулел гьечΙо. Кавказалда гьанже бокьараб гали гΙарац кьун гьабизе кколеб буго. ЦΙализе - гΙарцухъ, укол - гΙарцухъ, хъулухъ - гΙарцухъ, бокьараб ишалъухъ гΙарац кьезе кколеб буго. Гьедин гΙумру гьабизе бегьуларо! Киназдаго гьеб лъалебги буго. Кинабго лъикΙ бугеб хΙал киназго гьабулебги буго.»
Аушевас пикруялда, Россиялда тΙасан байбихьун гΙодобе щвезегΙан унго-унгоял къагΙидаялда къанунал хΙалтΙизе байбихьичΙого, Шималияб Кавказалдаги тΙолабго улкаялдаги парахалъи нахъ буссиналъуле хьулал гΙададагосел руго. Къануназул адаб гьабиялъул мисал тΙоцебего бихьизабизеги кколила тΙадтаразила, абуна гьес нижер программаялъе комментариял гьарулаго.