Ссылки для упрощенного доступа

Лъилалиго «хIаялищ» хIехьолареб рокьукълъийищ?


Москва. Полициялъ ккурал мигрантал, 14Окт2013
Москва. Полициялъ ккурал мигрантал, 14Окт2013

Россиялъул шагьаразда иградулаб нухалда багъарун буго мигрантазде ва кавказалъулазде данде гьарулел тадбиразул карачел. Гьелъие формалияб гIиллалъун ккун буго Москваялъул Бирюлево абулеб мухъалда цо гIолилав чIван вати. Полициялъ лъазабулеб буго гьев чIваялда щаклъи бугев азербажанав ккун вугин, амма гьесул гIагарлъиялъ рикIкIунеб буго жидер васасда гIайиб гьечIин. Гьебго заманаялда Санкт-Петербургалда ккун вуго дагъистаналдаса анкьго гIолилав, гьездаго гьоркьор руго гIезегIан машгьурал спортсменалги. Щай Россиялда зама-заманаялда гьулчун рачIунел гьединал «фобиязул» карачелал? Унгойищ улкаялда халкъазда гьоркьоб гьедигIан кIудияб рокьукълъи бугеб, яги гьеб кинабго киналалиго къуватаз жидерго щакал мурадал тIураялъе гIоло гьарулел «хIаялищ»?

Cон Тропарево-Никулино абулеб Москваялъул ахикь батун буго гIусазул тохтур Анастасия Ниловалъул инжит гьабураб жаназа. Гьелъул эбелалъул рагIабазда рекъон, гьей ялагьизецин полициялъ инкар гьабун буго ва эбелалъ хасаб агентлъиялдаса гIадамал ккун руго гьей ялагьизе. Гьебго къоялъул къаси Южное Бутовоялда футболалъул фанатазул къукъа бакIарун буго жидерго гьалмагъ Алексейил рокъоб. Гьекъолел, кваналел, хабар бицунел рукIун руго. Ахирги дагIба-рагIи ккун цояс цо бакIаб жоялъ хвезегIан рухун руго хутIарал кIигоял.

Чанго къо цебе Алтуфьевское шоссеялда Иванов Евгений абулев чияс «Хонда» автомашина кьабизабун биххизабун буго автобус чIолеб бакI. Гьениса лъутизе хIаракат бахъулаго гьев полициялъ ккун вуго ва гьесухъ букIараб автомашинаги батун буго бикъараб, гьениб жаниб кIиго таманчаги батун буго.

Люблинская абулеб къотIноб маскаби ххурав автоматалгун тунчул кодор рукIарав щуго чияс тIадекIанцIи гьабун буго «Фэнтази Парк» абулеб аквапаркалъул хважаин Аскандаров Раминиде. Гьесухъа гIемераб гIарацги бахъун гьел лъутун руго.

Гьебго заманаялда Москваялъул «Б2» абулеб клубалда Аркадий Бердниковас хIал бихьулеб букIун буго Оксана Корчагинагун лъай-хъвай гьабизе. Ясалъе гьеб рекIее гIолеб букIун гьечIо, амма Аркадийида мурадалде щвечIого чIезе ракIалда букIун гьечIо. Ватун вуго ясалъул рахъ кквезе чиги, ахирги иш лъугIун буго Аркадий Бердников чIваялдалъун.

Гьедин хъвалеб букIана гьал къоязда Бирюлевоялда ккаралда хурхун ахIи-хIур багъарараб мехалда Москваялдаса адвокат Мусаев Мурадица жиндирго фейсбукалда. Бирюлевоялда гIадлу биххулел рукIарал чагIазе гьадинаб суалги букIана гьес гьениб лъолеб- Щай тIадехун рехсарабщинаб хIужаялдехун букIинчIеб гьезул Бирюлевоялда Егор Щербаков чIваялде гIадинаб реакция абун?

Гьес гьикъулеб буго Анастасия Ниловаги, Аркадий Бердниковги, Бутовоялдаса Алексейги гьесул гьудулги, Москваялда гьарурал цоги такъсиразул къурбаналги Щербаковасдаса сундулъ къурал гIадамалин рукIаралин?
Щербаковги къватIисев чияс чIван вугин абичIебани гьесул рахъ ккунги рахъине рукIанищ гьел къватIире абун?

Адвокатасул пикруялда къватIахъе рахъун гIадлу-биххулел рукIарал гIадамал руго цинникал ва кIигьумерчагIи. Гьез чияр балагьалдаса пайда босулеб буго жиделъго, жидер унтарал пикрабалъ бугеб жанаваразулаб рокьукълъи къватIибе гьурщизе.

Гьал къоязда лъана Санк-Петербургалда Дагъистаналдаса анкьго спортсмен полициялъ ккун вукIин. Гьезда гIунтIизабулеб буго шагьар бакьулъ кьвагьдеялъул гIайиб. Гьедин лъазабулеб буго низам цIунулез. Ккуразда гьоркьор ругин рагъулал искусствоязул спорталъул рахъалъ Россиялъул чемпионги, тIадагьаб цIийиялда боксалъул рахъалъ дунялалъул чемпионги цоги спортсменгиян лъазабулеб буго информалатаз.

Цо-цо баяназда рекъон, гIолилал рачIун руго «Пойзон» абулеб къасисеб клубалде ва байбихьун буго кьвагьизе. Гьединго лъазабулеб буго гьебго клубалда цебесеб сордоялъ гьел гIолилазул цо-цоязул конфликт ккун букIанин, фейсконтроль гьабулел ай тIаде балагьун гIадамал жанире ричIчIалел чагIаз гьел клубалде жанире ричIчIачIого нахъе ритIун рукIун руго.

Гьеб хIужа ккун букIун буго 21 сентябралда Петербургалъул Думская абулеб къотIноб. Гьениб гьеб мехалда 20-25 чи гIахьаллъараб тунка-гIуси ккун букIун буго «Пойзон» ва «Кваренги» абулел барал цIунулел чагIигун. НугIзаз бицухъе, кьвагьи щугониги минутаялъ халат бахъунеб букIун буго.

Гьеб лъугьа-бахъиналъул гIахьалчагIи ккун руго гьал къоязда гьез гIумру гьабулел ва гьел хIалтIулел бакIазда. Кколеб мехалда гьезул цо-цояз полициялъе дандечIейцин гьабулеб букIанин лъазабулеб буго низам цIунулез. Гьезулго баяназда рекъон, ккурал рукIарал бакIазда чIухь байдал батун буго травматикияб кIиго таманчаги, гьезие 25 гуллаги, кIиго бейсбол хIалеб битаги, резинадул кIиго тIилги, щуго маххалги, экстремизмалъул магIна бугеб литератураги.
Гьанже гьезда гIунтIизабулеб гIайиб буго «хулиганлъи» гьаби.

Къанун хвезабурал чагIазе къануналда рекъон тамихI гьабиялде данде чIварав чи вукIунаро, амма къанун цояздехун гьадиниса цогияздехун додиниса хIалтIизабулеб мехалда гьеб бихьичIого хутIулебги гьечIо.

КIудияб ахIи-хIур багъарун букIана Дагъистаналдаса спортсмен Мирзаев Расулица кIутIидал гIодов ккарав ва гьелъул хIасилалда хварав гIолилав Агафонов сабаблъун. Гьебго заманаялда Саратовала Хромов абулев кикбоксерас жинда цадахъ йикIарай ясалда живго берцин вихьизелъун кьабураб жоялъ чIвала къотIносан унев вукIарав 50 сон барав чи. Амма гьеб лъугьа-бахъиналъул бицунеб букIинчIо централияб прессаялъ. Гьев чиясдаса Аганофоновасул букIараб тIокIлъиги лъалеб гьечIо.

http://www.prado-club.su/forum/index.php?topic=72924.0

Гьединго Петербургалда лъабго чачанав чIварав нео-нацистасе кьун буго туснахъалъул щуго сон, Егор Свиридов чIварав Аслан Черкесовасе кьун букIана кьварараб низамалъул туснахъалъул 21 сон.

Щай гьедин кколеб бугеб жакъасеб Россиялда? ГьедигIан кIудиябищха бугеб рокьукълъи россиялъулги кавказалъулги халкъазда гьоркьоб къанунцин тIаса бищун хIалтIизабулеб мехалда? Гьеб суал нижеца кьуна гIемерал соназда гIурусазда цадахъ хIалтIарав ва хIалтIулев вугев «Коммерсант» газетаялъул журналист Мурадов Мусае. Гьесул пикруялда рокьукълъиялъул къадар борцине кIолеб жо букIунаро. Цин цIикIкIараб бугин кколин гьеб цинги кколарин, амма гьединаб суалцин биккичIого букIиналъе халкъал цоцазда лъикI лъазе кколин абулеб буго Мусаца. Цоцазул культураги, гIадаталги лъалел ругони конфликталги дагьал рукIунин рикIкIунеб буго журналистас.

Мурадов Муса: «Дида ккола халкъазда гьоркьоб бугеб хIалуцин дагьлъизабизе ккани цоцазулгун бухьенал цIикIкIинаризе ва ругел щула гьаризе кколин. ГIадамал цоцазда лъикI лъаялда бараб букIуна гьезул хьвада-чIвадиги».

Дагъистаналъул президент Рамазан ГIабдулатIиповас федералияб цо каналалъе интервью кьолаго абун букIана жидеда нужер культура цIакъ лъикI лъалин жал гьелда гIурал ва тарбия щварал ругин, амма нужер-гIурусазул проблема бугин нужеда ниж лъалел гьечIолъи ва лъазе хIаракат абахъулеб гьечIолъиян.
XS
SM
MD
LG