Ссылки для упрощенного доступа

Тарихалъул гъатакь къанщараб заман


Басрияб ГIортIаколоб росулъ археологазда ратарал гlадамазул рукьби
Басрияб ГIортIаколоб росулъ археологазда ратарал гlадамазул рукьби

АваргIурул рагIалккун магIарухъе унеб бакIалда, ЧIалда лъел электростаниция балеб бакIалдасаги тIадегIан Дагъистаналъулги Москваялъулги археологазул кIудияб къукъа буго араб соналдаса нахъе хIалтIулеб. Азаргоялдасаги цIикIкIун соналъ цере гьенир гIумру гьабун рукIарал гIадамазул чIей букIараб росдал цIех-рех гьабулел руго гьел. Бицанихъе гьеб бакI кколеб буго ГьоцIдерил ГIортIаколоб абулеб ракьалда букIараб некIсияб росу.

Гьединаб 1000 соналъ цере гIадамаз гIумру гьабулеб бакI ГIортIаколода букIин цебего лъалеб букIанин, амма рагIа-ракьанде щун гьезул хIакъалъулъ ругел баянал дагьал рукIиналъ хIутIун букIанин археологаз гьелъул цIех-рех гьабичIогоян бицана «Эркенлъи» радиоялъе гIалимчи МухIамадов Рабаданица. Дагъистаналъул гIелмияб централъул Археологиялъул ва этнографиялъул гIелмияб институталъул хIалтIухъан ккола гьев.

Гьеб гIелмияб институталъул централъги, МухIамадов Рабаданица нухмалъи гьабулеб «Дагъистаналъул Археологазул хъулухъ» абураб къукъаялъги, Мосвкаялдаса археологазул экспедициялъги лъабабго къукъаялъ гьабулеб буго гьанже гьеб некIсияб росдал тарих лъазабиялъул хIалтIи. Лълъеда гъоркье унел ракьазухъ хIукуматалъ гIарац кьезе кколилан абураб хасаб къанун бугилан бицана Рабадан МухIамадовас. Гьаз цIех-рех гьабулеб некIсияб росу бугеб ракьул бутIаги ине рагIула бачIунеб соналда ЧIалда балеб бугеб гьитIинаб лъел электростанциялда гъорлъе. Лъеда гъорлъе иналде киналго хIалтIаби рагIалде рахъинаризе ракIалда бугилан бицана гIалимчияс.

Экспедициялъул хIалтIи бикьун буго чанго бутIаялде. ЦIикIкIарасеб бутIаялъ цIех-рех гьабулеб буго гьеб некIсияб росдал, чIунталиде сверун рихх-риххун ругел рукъзабахъ батараб тIагIел-алаталъул. Цогидаб бутIаялъ цIех-рех гьабулеб буго росу букIараб бакIалдаса тIадехун гьабсагIатги магIарухъе нахъе автомобилал хьвадулеб шагьранухлул ракьанда ругел хабзалазул. Щиб гьеб росдада цIар букIарабали лъалеб гьечIо, нахъе тарал мухIканал баянал гьечIилан бицана Рабадан МухIамадовас.

Мухlамадов Рабадан
Мухlамадов Рабадан

МухIамадов Рабадан: «ГьоцIдерил жамагIаталъ бицухъе гьенир рукIун руго насраниязул гуржиязул росу букIун буго гьениб. Тимур жиндирго аскаргун вачIун хадув нахъе гочун руго гьел гьаниса. Гьанже гьезул наслаби ратизе рес буго ГьоцIдерил кIудияб ва гьитIинаб росулъ, Уздал росулъ, ХъахIилккIалахъ ва гьаниб аскIоб бугеб ЧIалдаги. Гьанир археологиялъул хIалтIаби тIоритIулаго нижеда ратана гIемерал тIагIел-алатал, руччабазул курхьаби, тIад цIер биччарал щагIил цIарагI ва гIемераб цогидабги тIагIел-алат. Гьеб киналъулго хIисаб гьабун абизе рес буго гьаб росу букIараб замана кколин 800-леб ва-1000 сонал».

Москваялдаса бачIараб археологазул къукъаялда цадахъ гьединго руго Волгоград, Ростов Владикавказ шагьаралдаса рачIаралги археологал. Мосвкаялдаса археологазул къукъаялъе нухмалъи гьабулей Албегова Зарина ккола Шималияб Осетиялдаса. Гьелъул аслияб гIелмияб хIалтIи бухьараб буго цересел заманалда гIумру гьабулел рукIарал гIадамазул диниял хаслъаби лъазариялда. Жиндирго гIелмияб хIаракатчилъи гьелъ буссинабун буго Кавказалъул тарих лъазабиялде. Дагъистаналде гьалъул тIоцебесеб сапар кколилан бицана гьелъ «Эркенлъи» радиоялъе, гьелда щвезегIан гьей щун йиго Франциялде ва Воронежалде. ГIортIаколоб букIараб некIсияб гуржиязул росдал тарих лъазабулаго бихьараб таралъ гIезегIан асир гьаюн йигоан гьейги.

Альбегова Зарина
Альбегова Зарина

Албегова Зарина: «НекIсияб тарихги чанго хIукуматазул миллияб маданиятги цацалъ жубараб тарихиял хIужаби ратиялъ цIакъго гъира базабуна дир гьаниб гьабулеб цIех-рехалде. Гьаниб цацалъ жубан буго Иранги жибго бакIалъул умумузул заманалъул гIадаталги. Гьоркьохъеб гIасруялъул тарихги, монголалгун татаразул заманаялъул чабхъеназда гьоркьоб букIараб тарихалъги аслияб бакI ккола дир гIелмияб хIаракатчилъиялда жанибги. Гьанибги дида халлъана гьеб заманалъ рукIарал цо-цо тIагIел-алатазул хутIелал. Мисалалъе чанго бакIалда ратана дида гьанир цIорол курхьаби. Гьединал курхьабийин абуни раккана монголазул тарихалъул заманалда. Кинаб куцалъ гьел гьаб некIсияб росдал гIадамазухъе щваралали хадуб гъезе цIакъ захIматаб масъала буго. Гьединал хадур гъезе кIоларел тарихиял хIужаби гIемер ратана дида гьанир».

Цо чанго соналъ цереги гьеб росу букIараб бакIалда гьоцIдерил цIолбол, гIечул генул ахбазаналъул ахал рукIанилан бицана Рабадан МухIамадовас 10 соналъ цебе гьаниб кватIичIого лъел электростанция базе бугилан хабар баккарабго гьез дагь-дагьккун хъулухъ гьабичIого рехун танин гьеб ах. Жиндир гIелмиял цIех-рехалъулал хIалтIаби байбихьилалде гьениса 150 гIанасеб Камаз автомобиль цIураб гамачIниги цIулниги анин нахъе баччунилан бицана гьес. Щибаб гьабунщинаб хIалтIул, щибаб рукъалъул къадал гьумералъул батараб гIагIел-алаталъул киналъулго сурат, видео бахъун хасаб хъвай-хъвагIай гьабизе кколилан бицана жидерго хIалтIул хаслъиялъул бицунаго Рабадан МухIамадовас. Гьедин гьабичIони нижер хадусеб халтIуе кIудияб квал-квал кколин.

МухIамадов Рабадан: «Гьаниб дуда бихьулеб бугеб кIиго си нижеца тун рукIана доб заманаялъул сиял ратилилан. ГьоцIдерица абуна гьеб бугила колхозал гIуцIараб мехалъго жидер гIадамаз гач бухIизе хIалтIизарулел рукIарал рукъзал ругин гьелилан. Амма гIадамаз бицараб жоялде гIамал гьабун чIез бегьуларо нижеца, кинабго жо хъирщун балагьун, борцун хал гьабизе ккола. ХIакъикъаталдаги хал гьабураб мехалъ гьоцIдерица бицунелда дандекколеб батана хIакъикъат. Гьелъие далиллъунги ккана сиялъул цо ганчIида гачалъ хъван батараб тарих - 1934 сон абун.

ГIортIаколоб букIраб некIсияб росдад сверухъ гьаруле гIелмиял цIех-рехалъулал хIалIтаби гьаб соналъул ахиралда хIатта тIасияб соналъ авалалда лъагIанги халат рахъине бегьулилан абулеб буго Рабадан МухIамадовас. ГьабсагIат гьезул хIалтIуе кIвекIен гьабулеб буго гIицIго гIарцул суалалъ. ГьанжелъагIан гьабураб хIалтIухъ гIарац цебеккунго кьун букIанин, хутIаралъухъ гIарац щвеладай щвелародайилан абураб суалалъ дагьалъ рахIатхвезабун бугиланги мукIурлъана гьев.

XS
SM
MD
LG