Терроризмгун экстремизмалда хурхараб чанги данделъи тIобитIана ахирисел къоязда жаниб Дагъистаналда. Гьел тадбиразда гIахьаллъарал хIакимаз дандбалеб букIана терроралде данде къеркьеялъе кинаб хIалтIи гьабизе кколебали.
Гьединго дагьалъ Москваялдаса экспертаз биччана Шималияб Кавказалда бугеб ахIвал-хIалалъул бицунеб хасаб доклад. Гьеб докладалдаги рехсон буго, кин экстремизмалъул къадар гIодобегIан бачине бегьулебали. ХIакимазул данделъабазулги экспертазул докладалъулги хал-шал гьабидал кколеб буго, Дагъистаналъул хIукуматалъул методал чIобогоял харбаллъун ругин…
Араб анкьалъул ахиралда Терроралде дандечIараб комиссиялъул данделъиялда бицунеб букIана республикаялда бугеб ахIвал-хIалалъул
Вице-премьер Рамазан Жафаровас данделъиялда абуна мухъазда ругел терроралде данде чIарал комиссиязул хIалтIудалъ чанги гIунгутIаби ратулел ругин. «Ругел суалазе кIвар кьолеб гьечIо, данделъаби гьарулел руго «галочка» лъеялъе гIоло, халкъгун хIалтIулел гьечIо», - ян абуна Жафаровас.
Гьес гьединго бицана гъоркьисала Дагъистаналда 160 «рохьилав» чIванилан, 215 ккун вуго, «рохьлазул» 27 жалго рачIун руго кодоре.
Дербенталъул мэр Имам Яралиевас бицухъе, 2012 соналда дандеккун 2013 соналда такъсиразул къадар шагьаралда дагьлъана. «Дербенталъул полициялъул идараялда сияхIазда росун руго 227 салафияв. Гьезда гъорлъ руго 74 чIужугIаданги. Гьел ккола изну гьечIого яргъидгIуцIаразу
Данделъиялъул ахиралда ГIабдулатIиповас низам цIунулезда абуна «рохьилазул» кумекчагIазда хурхун уголовиял ишал рагьине кколин ва изну гьечIого яргъид гIуцIаразул гIагарлъиялда хадуб хал кквезе кколин. Гьединго гьес тIаде жубана халкъиял дружинниказул хIалтIиги цIигьабизе кколин.
Терроргун-экстре
Цо-цо докладчиказ (мисалалъе, ХIинкъи гьечIолъиялъул шураялъул секретарь МухIамад Баачиловас) абулеб букIана гIолилал рохьазде унел ругин республикаялда хIалтIул бакIал дагьал рукIиналъе гIолоилан. Информациялъул министр хисулев Зубайру Зубайруевас гьел докладчиказда абуна суалалъе къимат батIи-батIиял рахъалдасан кьейилан ва цохIо хIалтIигьечIолъи сабаблъун гIадамал боевикаллъун рахъунарилан.
Халкъияб магIишаталъул институталъул ректор ХIамид Бучаев семана данделъи гIуцIаразда. Данделъи бачунев депутат Камил Давдиевасда гьес абуна цогидаб къагIидаялъ гьабизе кколеб букIанин данделъи. «81 чи вугин данделъиялда гIахьаллъулевила
Терроралде данде къеркьеялъул хIасилал рихьизе бокьун ратани, Дагъистаналъул хIакимаз гIинтIамизе бегьула Ирина Стародубровскаял
Экспертазул пикруялда рекъон, Шималияб Кавказалда терроралде данде къеркьолел руго гIицIго къуватги хIалтIизабун. «Низам цIунулез ратIа рахъулел гьечIо гIадатиял салафиталги экстремизмалъула
Константин Казениница абуна «Эркенлъи» радиоялъе, терроалде дандечIеялъул къуваталъул гурел цогидал механизмалги ругин, амма Дагъистанлда гьел хIалтIизарулел гьечIилан.
Константин Казенин: «Жавабалде цIазе ккола инсанасул ихтиярал хвезарулел низам цIунулел. Гьезие тамихI гьабичIони, гьезул хIалтIи жеги тIаса ккараблъун букIуна. Терроралде дандечIеялъул халкъазда гьоркьосеб хIалбихьиязул халгьабе ва нужеда лъазе буго цохIо къуваталъул механизмал хIалтIизаризе бегьулареблъи. Инсанасул ихтиярал хвезари, гIадатиял гIадамазе рахIат хвезаби, дандечIеялъул кIиябго рахъалдасан вахIшилъи цIикIкIи – гьединал хIасилазде рачуна къуваталъул методаз. Чанги батIи-батIияб нух буго террор тIагIинабиялъе. Мисалалъе, диналъул батIи-батIиял гIаркьалазда гъорлъе унел чагIазда гьоркьоб диалог баккинабизе ккола цIидасанго, федералиял къуваталъул идарабазул хIалтIи регионалда дагьлъизабизе ккола, низам цIунулезул хIалтIуда хадуб гражданияб халкквей букIине ккола. Экстремизмалде дандечIеялъул гипотезаби гIемер руго, амма Дагъистаналда гьел хIалтIизарулел гьечIо».
Экспертаз тIаде жубана Дагъистаналда бугеб низам цIуниялъул системаялъул хал-шалги гьабун, гьенир ратарал гIунгутIаби тIагIинаризе хIаракатбахъизе кколин ва полициялъулазе жиб-жиб соналда аттестация гьабизе кколин.