Ссылки для упрощенного доступа

Митингалъе изну кьечIони – флэш-моб


Москва, 25Окт2013
Москва, 25Окт2013

26 январалда Москваялда кавказалъулазулги Гьоркьохъеб Азиялдаса мигрантазулги митинг тIобитIизе жеги чIванкъотIун ихтияр кьун гьечIо Москваялъул нухмалъиялъ.

Гьенисан бачIараб жавабалда бичIчIизабулеб буго БагIараб майданги кIвар бугел цогидал бакIалги аскIор рукIиналъ Манежалъул майданалда митинг гьабизе бегьуларилан.

Нагагьлъун 26 январалда Москваялда митинг тIобитIизе ихтияр кьечIони, кавказалъулазда ракIалда буго «Гьобол хиралъиялъулги миллияб богогьанлъиялъулги къо» абун Москваялда флеш-моб тIобитIизе. Лъале-хъвалел, мадугьалзаби, къотIносан унел, яги цадахъ хIалтIулел гIадамал гьоболлъухъ ахIун, кваназарун, гьеб тадбиралда гIахьаллъизе ахIулел руго митинг тIобитIизе тIаде босарал кавказалъулаз жидергун ракьцоял. Гьедин кавказалъулаз гьоболлъухъ ахIизесел москваялъулалги цогидалги рихьизе къваригIарал журналисталги дагьал гьечIин гьанжеялдегоян бицана ЭР-ялъе митинг тIобитIизе тIаде босаразул цояв, Дагъистаналдаса бизнесмен Абакар Абакаровас.

Амма митингалъул бакIалда флеш-моб тIобитIизе бугин абураб жо гьечIин баян гьабуна гьес. Гьеб бугила нагагьлъун митингалъе ихтияр кьечIони, гьеб хисун гьабизесеб тадбир. Чанго къоялъ цебе Москваялъул мэриялде кьураб кагътие бачIараб жавабалда хъван буго Россиялъул президентасул Администрациялдаги, БагIараб майданалдаги гIагарлъухъ букIиналъ Манежалда митингал тIоритIизе бегьуларин. Амма Абакар Абакаровас баян гьабуна улкаялда бугеб къануналда рекъон гьабизе бегьичIого букIинеги бегьулин, амма бугин гьелъиеги нух батулеб хасаб механизм. Гьединлъидал моцIалъ, яги лъабго моцIалъ балагьун чIезе ккезехъин ругилан. Манежалда митинг гьабизе къваригIиналъул бицун Россиялъул президентасул цIаралда Абакаровасги гьесул гьалмагъзабазги гIарза 17 январалда кьун букIана. Гьелъие жаваб Олимпиадаялдаса хадуб бачIанигицин, жидер тIадкIалъай гьечIин бицана Абакаровас ЭР-ялъе. Олимпиадаги лъугIун букIинила гьеб заманалдехун, жалги жеги лъикI хIадурлъун рукIинила.

Цо пикруялда рекъон, Манежалда гуреб, цогидаб бакIалда гьабулеб букIарабани, митингалъе изну кавказалъулазулги Гьоркьохъеб Азиялдаса мигрантазулги митингалъе изну некIого кьолаан Москваялъул нухмалъиялъ. Гьедин хас гьабун Манежалъул майданалъул кIвар бугин жидеегиян баян гьабулеб буго Абакар Абакаровас.

Абакаров Абакар
Абакаров Абакар

Абакар Абакаров: «Нижее Манежка буго кутакалда къваригIараб бакI. Нижеца рикIкIуна Россиялда миллатаздда гьоркьор лъугьун ругел тунка-гIусиял, дагIба-къец лъугIулин Манежалъул гIаламат хисарабго. Миллатазда гьоркьоб бугеб рокьукълъиялъул гIаламат лъугьун буго гьабсагIаталда гьелъул. Гьеб хисун миллатазда гьоркьоб гьудуллъи щулалъиялъул гIаламатлъун лъугьине ккола Манежка. Гьеб хисула нижеца доба митинг гьабурабго. Гьениве чан чи вачIаниги ургъелги гьечIо нижеее. Мисалалъе, нижеда абизе бегьула, гьале, гIолохъаби, Манежкаялда митинг гьабизе изну кьелаан нужее, амма нужеца гьениве вакIаризехъин вугев цо млн чи дандекколарохаян. Гьезул къадар дагьлъизабеян тIалаб гьабуни, гьелда разилъизеги рес буго ниж. Хадусеб иргаялда бугеб жо ккола гьеб».

Гьеб митинг тIобитIизе тIаде босарал чагIазе Дагъистаналъул низам цIунулезги квалквалал гьарулел руго. Масала, Абакаровас бицун букIана полициялда рагIулин мегежги рекIинабун, экстремистазда гъорлъ лъураб жиндир сурат. Цогидал хIаракатчагIи – Зухум Зухумовасдаги МухIамад МухIамадовасдаги гъулбасал гьаризарун руго жал Дагъистан тун къватIире инарин абурал кагътазда гъоркь. Амма низам цIунулез гьелъие рачунел руго митингалда хурхинчIел, цогидал гIиллаби.

XS
SM
MD
LG