Ссылки для упрощенного доступа

Гьанже цIогьодиларин гьедизе руго хъулухъчагIи


Россиялъул президент Владимир Путин 3D цIоробералги лъун
Россиялъул президент Владимир Путин 3D цIоробералги лъун

Пачалихъалъул жавабиял хъулухъазда ругел хIакимзаби гьа базе тIамизе кколин абулеб буго Россиялъул президент Владимир Путиница.

Коррупциялда данде хIалтIи кьваризабиялъул мурадалда пачалихъалъул жавабиял хъулухъазда ругел хIакимзаби гьа базе тIамизе кколилан абураб пикру загьир гьабуна гьал къоязда Россиялъул президент Владимир Путиница. Гьеб гьа тIубазабичIел гIадамал тамихIалде цIазе ругилан тIаде жубалеб буго гьениб хадубги. Кьезе бугищ гьелъ хIасил ва тIоцебесеб иргаялда улкаялъул нухмалъялъ жидецаго базе бугищ гьединаб гьа?

Кинаб гьа гьез базе кколеб ва кинан гьел гьедизе кколелали жеги чIванкъотIун загьир гьабун гьечIо. Владмир Путиница тIадкъай кьун буго апрель моцIалде гьеб суал роцIцIинабизе. Нагагь гьа тIубазабичIл чагIиги тамихIалде цIазе ругилан абулеб буго улкаялъул бетIерас.

Коррупциялъ кьалбал риччачIеб цониги рахъ хутIун гьечIин жакъа гIумруялдаян абула гIадамаз. Кисаб кибего бугин гьеб тIибитIун. Сахлъи цIуниялда, лъай кьеялда, диваналда, низам цIунулел идарабазда ва гьел гурел цогидалги идарабазда жаниб. Жакъа Дагъистаналда буго республикаялъул нухмалъулесда цебе хIалтIулеб коррупциялде данде къеркьолеб бутIа. Гьелъул жавабияв хIалтIухъан вуго Дагъистаналъул нухмалъулесул вакил Галиев ГIалибег. Гьес рикIкIунеб буго гьедунин абуни коррупция лъугIизабизе кIвелин абураб жоялда жив божуларилан.

ГIалиев ГIалибег: «Жакъа ругел хIакимзабазе гьеб буго гьадингояб жо, яхI тIагIарал гIадамал гьедунилан гьелъ кьезе жо щиб бугеб? Жакъа гьеб буго бидулъ бессараб гIузру. Гьелде данде къанун къвакIизабизе ккола. Цо нухалъ рищват босулев ватарав чи хIалтIудаса вахъизе ккола. Гьесул сурат чIвазе ккола киназдаго бихьулеб бакIалда. Гьав вугин квешав цIогьор, гьас дурги, дирги, нилъер лъималазулги гIарац бикъулеб батанилан ахIи бахъинабизе ккола. Коррупция хъвачIеб бакI жакъа Дагъистаналда батулеб гьечIо. ункъо министр хисаниги, щуабилесги гьеб босулеб батулеб буго. Гьедин буго иш. Амма гьедизеги гьедун коррупция тезе кIолин абураб жоялда дун божилароха».

Коррупция лъугIизабизе кIолин гьеб босулел ратарал гIадамазул буголъи гьезухъа нахъебахъаниян рикIкIунеб буго МахIачхъалаялдаса бизнесчи ГьиматхIажиев Темирханица. ГIицIго гьезул буголъи бахъун течIого, буголъиялдаса ратIа гьаризе кколин гьезул гIага-божаралгиян абулеб буго Темирханица. Щайгурелъул жакъа чанги хIужаби ругин цо бечедав хIакимасул рокъой ега-яхъун гьесул лъадиги йикIун, гьелъул цIаралда халтIулеб цо фирма батулеб букIин. Иргадулаб цо данделъялда гьеб пикруги загьир гьабун букIана Путиница. Амма пикру загьир гьабун течIого, къануналъул къуватги кьун гьеб хIалтIизе биччазе кколин абулеб буго ГьиматхIажиев Темирханица. Гурого гьа базе хIакимзаби тIамизе кколилан абураб жо гIадамал тIад релъанхъулеб жо бугин

ГьиматхIажиев Темирхан: «Гьеб буго гIадатияб цирк, гIадмал тIаде релъизе ургъараб жо. Цониги цивилизациялдалъун цебетIураб хIукуматалда гьаялги ран хIалтIи гьабуларо, гьениб буго кьварараб къагIидаялъ хIалтIулеб уголовияб тамихIги, коррупциялде данде хIалтIулел къвакIарал низамалги. Нилъ гьоркьохъел гIасрабазда гуро ругел гьаял разе, нилъ руго 21 гIасруялда. Гьаяздалъун коррупция лъугIизабизе кIоларо. ХIукумат хIукумат батани, хIакимзаби хIинкъизе ккола гьелъул гIадлуялдаса. Жакъа Цолъарал Штатаздаги, Китаялдаги хIинкъулел гIадин, хIинкъизе ккола гIадамал гьелдаса. Жакъа Китаялда рищват босараб чиясе цо тамихI буго, нодо бакьулъ щолеб гулла. Гьесда речIчIулеб гуллагицин гьесул гIагарлъиялъ бичун босизе кколеб буго. Гьеле букIине кколеб гIадлу. Гьеб гьа базе кколин абураб жойин абуни буго херал кIудаби релъанхъизаризе телевизоралдаса биччалеб маргьу гIадинаб жо».

Гьедулел ругони улкаялъул нухмалъулез тIоцере жидедасаго байбихьизе кколин гьеб гьа базеян рикIкIунеб буго, жамгIияв хIаракатчи ГIисалмухIамад Набиевас.

ГIисалмухIамад Набиев: «ТIоцеве живго Путин гьедизе кколаха гьедин. Гьедун вукIана гури гьев Конституциялда кверги лъун, гьабулеб бугищха гьес кинабго къануналда рекъон? Гьев гуревги киналго регионазул бутIрул гьедула. Щибха гьелъул кколеб бугеб? Гьеб буго халкъ гIодобиччазабизе гIадин ургъараб жо. Экономикаялъе захIматаб заманги бачIун бугелъул, гIарацги гIолеб гьечIелъул, рищватчилъиги цIакъго тIокIборчIун букIиналъ гьарулел тадбирал ругин кола гьезул гьел. Амма гьедун кинабго тIубалеб бугебанищха».

ХIасил гьабун абуни, гьедиялдалъун коррупцияги лъугIизабизе, хIакимзабиги рацIцIадго хIалтIизетIамизе кIвей щакаб бугин абулеб буго нижее комментариял кьурал гIадамаз. Къуръаналда тIад кверги лъун гьеданиги гьез гьеб тезеги гьечIин, щайин абуни киналго гьелде ругьунлъун ругин, ришват кьечIого щибниги жо гьабун бажаруларин абураб пикруялде.

XS
SM
MD
LG