Лъабкъоабилел соназда СССРалъул гIелмияб ва творческияб интеллигенциялда гъорлъ раккана "шестидесятники" абураб цо хасаб къокъа.
Гьел рукIана жалгоги интеллигенциялда гъорлъа рахъарал чагIи, гIемерисел 1920 абилел соназул лъимал. Гьел чагIи рукIинчIо рагьун партиялда данде рахъулел чагIи, амма жаниб жиделъ букIана режималдаса рази гьечIолъи ва бахчараб оппозиция. Хасго гьез рахъ кколеб букIанин абизе бегьула сталинизмги хисун Ленинил нухалъул аслуялде улка бачиналъул идеологиялъул.
Гьезда гъорлъ рукIанин абизе бегьула А. Вознесенскийгун Евгений Евтушенко, Булат Окуджавагун Юрий Трофимов ва цойгидалги. ХIасил калам гьел чагIаца хъвалел асарал рукIана системаялъул гIунгутIабиги рихьизарулел, Ленинил партиялъул аслуялдеги ахIарал. Расул ХIамзатовасда хIалбихьи бугев политик хIисабалда бачIинахъего бичIчIана улкаялда гьава-бакъ хисун букIин. "Шестидесятниказда" гъорлъ рехсолеб хIалалъ рагьун системаялда данде гьев инчIо, щай гурелъул живго вукIана системаялда гъорлъ. Амма щвараб "эркенлъиялдаса" ва "шестидесятниказул" заманалдаса пайда босана Расулица кидаго гIадин.
Дир инсуца бицуна жинда ракIалда бугила дол соназда Дагъистаналъул лъайкьеялъул министрасул заместительлъун вукIарав МухIамад ХIамзатовги, философиялъул доктор лезгияв Ахед Агаевги, цо гIалимзабазул къокъа багъарун букIанила Дагъистан гIемерал мацIал ругеб бакI букIиналъ нахъе ккун бугин. ХIажат бугин миллиял мацIаздаса инкарги гьабун гIаммаб, киназего гIахьалаб гIурус мацIалде рачIинеян. Гьелда тIаса унел рукIун руго гIемерал бахIсал. Авар мацIалда гурони кучIдулги хъваларев, гьезухъ гонорарги босулев Расул ХIамзатовасе гIемер бокьичIо гьеб пикру. Ва цIоб гьечIеб рагъ лъазабуна Расулица миллиял мацIазда къоно чIвазе рагъарарал чагIазда данде. Гьел соназда хъвараб буго машгьураб "Авар мацI" абураб кечI.
Гьел соназда хъвана "Дагъистаналъул цIва" абураб поэма. Гьенир гIаммаб мацI гьабизе рахъарал "гIалимзабазда" поэтас абулеб буго, ваккун вугила цIияв Мичурин, Дагъистаналъул ахикь бугеб нус-нус нигIматал, пихъалги тIагIизарун цохIо кIудияб гIеч гIолин бичIчIизабулел. Гьеб тайпаялъул нахърахъ мичIчIица бухIизе къаникьа умумул рахъизе ругин. ХIасил калам, гьеб къеркьеялъулъ Расул бергьана. МацIал цIунизе кIвана. 1962 абилеб соналъ гьесие щвана "ТIадегIанал цIваби" абураб тIехьалъул СССРалъул Ленинил премия. Гьеб букIана цIакъ кIудияб шапакъат. Амма кигIан улкаялъ партия беццарал кучIдузухъ кIодо гьавуниги, гьесда бичIчIулеб букIана жиндир халкъалъ къабул гьавичIони поэт холевлъи.
Лъабкъоабилел соназул ахиралде хъвана "Дир Дагъистан" абураб тIехь дунялалда цониги гьечIеб гIадаб жанралъул, жинда жаниб прозаги, поэзияги, публицистикагун, драматургияги киналго жал журараб. Бицунаан гьеб тIехь аваралдаса гIурус мацIалде ГIумархIажи Шахтамановас буссинабурабго цIалулеб букIун буго Расулил кабинеталъуб. Гьоркьов ГIумархIажиги чIезавун Расулица байбихьун буго кабинет сверун тиризе ва абун буго: "Гьаб жо я хIикматаб асар буго цебехун букIинчIеб, я щибго гуреб чIанда буго, гIадатияб жо гьечIеблъи бихьулеб буго, цIале жеги...", - ян. Бицунаан Расулица гьеб тIехь бахъизе цензураялъ изну кьоларого бихьараб гIакъубаялъул: "Анастас Микоян вукIана дир гьудул. Гьесда гьарана дун Дагъистаналдаги Шамилидаги цеве гIайибияв вуго, кумек гьабе дир тIехь бахъизе биччазе" - ян. Микояница абуна идеологиялъул суал Сусловасухъе кколин ва рагIи кьуна кумек гьабизе. Кьурана гьесухъе ва абуна дун къабул гьаве ва кумек гьабеян.
Суслов вукIана мукъсанав чи ва ракI бекарав консерватор. Гьес вачIинахъего абуна жакъа Дагъистаналъе имам Шамилидаса цIикIкIун ролъги, гьангун хIанги хIажат буго. Исана пятилеткалъул сон бугелъул гьеб темаялда хъвай техь" - ин. Нахъойги бахъичIого хутIана "Дир Дагъистан", ахирги цо иргадулаб къватIир улкабазде сапаралдаса хадув Брежневас къабул гьавула ва изну щола тIехь бахъизе. Брежневасул заманалда Расулил гьоко байбихьула нахъойги эхеде гиризе. 1977 абилеб соналъ Москваялда "Россия" гостиницаялда цIа ккун кIудияб зарал ккола ва гIадамал хола. КъватIир улкабазде Верховный Советалъул делегациягун уна Расул ХIамзатов.
Аэропорталда делегациялъул кIудиясда журналистаз гьикъула: "Кин нужеда кIвечIеб тахшагьар бакьулъ цо гостиницаялда рекIараб цIа свинабизе, гучаб державаялда?" - ян. ЦIа свинабулез гьабураб хIалтIи бицун нунудилев дов вугеб мехалда цевехунги вачIун Расулица абула: "Щиб жо кколеб цо гостиницаялда рекIараб цIа? СССРалъ 40 абилел соназда фашизмаялъул цIадудаса тIубараб континент Европаги, дунялги хвасар гьабуна. ЦIаял свинариялъул хIалбихьи нижехъгIан лъилниги гьечIо, нужеда бухIараб гостиница ракIалде щварабго доб кIудияб цIаги кIочон течIони беццараб букIина", - ян.
Хадусеб къоялъ кинабго къватIир улкабазул прессаялъул тIоцебесеб гьумералда вукIун вуго Расул ХIамзатовасул сурат ва гьес абураб: "СССР - пожарник ХХ века" абураб макъала. Гьелдаса хадуб хасаб адаб гьабизе байбихьун буго Брежневас Расулил. Ва гьелъул кумекалда дунялалъул 80 ялдасаги цIикIкIун мацIазде буссинабуна "Дир Дагъистан" тIехьги.
Хабар лъикIаб рагIайги.